Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Гепард, ягуар ва леопард

 

Гепардалги, ягуаралги, леопардалги гIемерав чиясда къосуна. Амма гьел ккола тӀубанго батӀи-батӀиял рухIчIаголъаби.

 

Дандекквеялъулаб баян

  1. Хехлъи: гепард ккола бищун хехаб рухIчIаголъи. Гьелда кIола сагIтида жаниб 100 километрги нахъа тун бекеризе. Хехго бекеризе гепардалъе кумек гьабула пружина гIадин хIалтIулеб мугъзагьодалъ, лебалал хIатIаз, килщазулъе къан унарел малъаз, свери босиялъе руль гIадин хIалтIулеб халатаб рачIалъ.

Леопардалъухъа бажаруларо халатаб манзилалъ бекеризе. Гьелъул хаслъи ккола, гъоркьчIелги гьабун, пири гIадин тIад речIчIизе. СагIтида жаниб гьелъ нахъа тола 60-гIан километр, амма бекерула къокъабго манзилалда.

Ягуаралъги чан гьабула гъоркьчIелги гьабун, бекерула сагӀтида жаниб 80 километрги нахъа тун.

  1. Куц-мухъ: гепардалъулги леопардалъулги буго ччорбазул цIураб къаркъала, гепардалъул – халатал бохдул. Ягуар абуни ккола гьезда гьоркьоса бищун къуватаб.
  2. Чан гьабиялъул къагIида: гепардалъе бокьула къад заманалда, хехго бекеризеги бекерун, чан гьабизе. Леопардалъ, гIемерсеб мехалда, чан гьабула къаси гIужалда. Ягуар, гъоркьчIел гьабураб бакIалдаса чаналда тIад речIчIула ва гьелъул ракьа бекиледухъ хIанчIула гвангвараялда яги мугъзагьодалда.
  3. Кьер-мухъ: гепардалда руго чIегIерал, гургинал тIанкIал ва магIил гIадал иххазул мухъал. Леопардалда руго гор лъугьарал гIадал тIанкIал. Ягуаралъулги руго гьединалго горал, амма гьезда жанирги руго жеги чIегIерал тӀанкӀал.
  4. ГIумру гьабула: гепардалъ – Африкаялъул саваннабаздагун рагьарал бакӀазда. Леопардалъ – Африкаялъул ва Азиялъул рохьазда, саваннабазда ва мугӀрузда. Ягуаралъ - югалъулабгун централияб Америкаялъул тропикиял рохьахъгун хьуцIал ругел бакIазда.

Гепардалъе бокьуларо лъим. Леопардалъ лъикIго ххала, амма тIалаб гьабуларо гьел ругел бакIал. Ягуаралъе лъим бокьула, гьеб бугеб бакIалда бала гIемерисеб заман, чан гьабула ччугIбузде, щурункъуркъбузде ва кайман абураб крокодилалде.

Гепардалъ чан бачIина-хъего кванала, гьелда кIоларо нахърател гьабун цIунизе. Леопардалъ, цогидал хIайваназдаса бахчизелъун, чан бехъерхъула гъотIоде. Ягуаралъ тола ракьалдаго, щайин абуни, гьелде данде бахъунеб цониги хIайван букIунаро.

Хехаблъун букIаниги, гепардалъул хIатIал руго, рагъизе ккани - загIипал. Гьединлъидал, гепардалъухъа чан цIикIкIун къуват бугез бахъунги уна. Бераздаса гIодоре рачIарал чӀегӀерал мухъаз кумек гьабула гьелъие бакъул кунчIи дагьлъизабизе ва чан гьабизе бугеб хӀайваналде берзул балагьи буссинабизе.

Африкаялъул саванназда, Азиялъул рохьаздагун Россиялъул Дальний Восток гIадал бакIазда гIумру гьабизе гьунарги буго леопардалъул. Гьелда кIола жиндир цIайиялдаса кIиго нухалъ бакIаб чан гъотIоде бехъерхъизе. Гьеб рикIкIуна сабураб чанахъанлъун.

 

 

МухIаммад ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...