Аслияб гьумералде

Загаралъул пайда ва зарал

Загаралъул пайда ва зарал

«Загар лъикӀищ яги квешищ?» - ян абураб суалалъе мухӀканаб жаваб гьечӀо. Загар ккола тӀомол клеткабазда ультрафиолеталъул (УФ) нуралъ мелатонин абураб жо лъугьиналъул хӀасилалда лъугьунеб тӀомол бецӀлъи. Мелатонин бакки ккола УФ-нуразул заралияб асаралде данде черхалъул цӀуниялъул реакция.

 

Бакъул кьер инсанасе хӀажатаб жо ккола, инсанасул чорхое гьелъ гьабулеб асар цӀакъ кӀудияб букӀуна. Радал сагӀат 10 тӀубалелде ва къаси сагӀат 18 тӀубаралдаса хадуб, цо хасал къагӀидабиги цӀунун, бакъул ваннаби гьариялъул, щаклъи гьечӀого, пайда букӀуна. Бакъул нуралъул асаралда гъоркь метаболизм лъикӀлъизабулел гормоназул ва ферментазул хӀаракатчилъи цӀикӀкӀуна, иммунияб система щулалъула. Рахунел ва вирусалъул унтабазде данде чорхолъ бугеб дандечӀей цӀикӀкӀуна. Загар гьабулеб мехалда гӀураб къадаралда Д витамин лъугьуна, лъималазда рахит ккеялъе жинца квалквал гьабулеб. ЧӀахӀиязейин абуни гьелъ кумек гьабула фосфатазулгун кальциялъул метаболизм гӀадатияб хӀалалде ккезабизе, рукьбузул тканазе щулалъи кьезе.

Бакъул канлъиялда гъоркь жигараб къагӀидаялъ бижула «талихӀалъул гормон» серотонин - эмоционалияб сфераялъе, лъикӀаб рекӀел хӀалалъе жавабяблъун кколеб. Гьеб гӀунгутӀиялъ рачине бегьула бигьаяб депрессиялде. Гьединлъидалин тохтурзабаз лъикIаблъун бихьизабулеб гӀемерал моцӀаз бакъ гьечӀел ва къоялъул канлъи къокъаб бугеб шималияб улкабазда гӀадамазе кӀванагӀан гӀемер заман бакъул канлъиялда гъоркь базе ва хӀатта соляриязде инецин.

Загар гьабиялъ инсанасул дандечӀей цӀикӀкӀинабула гӀемерал заралиял жалазде - ртуталде, тIухьиялде, бензолалде. УФалъул-нур хӀалтӀизабула тӀомол гӀемерал унтаби сах гьарулаго - экзема, гьумералде тIаде жал рахъин, псориаз гIадал.

Бакъул ваннаби гьаризе ккола дагь-дагьккун, щибаб къойил 15-20 минут тӀаде жубан. Къойида жаниб бакъукь 2-3 сагӀаталдаса цӀикӀкӀун рукӀине бегьуларо. ЧӀобогояб чехьгун яги кванан хадубго бакъул ваннаби гьаризе бегьуларо.

БотӀрода тӀагъур лъезе, бакъуде данде чIолел цIороберал хӀалтӀизаризе ккола. Бакъуца чорхолъ лъамалъи хехго лъугӀизабулеб букӀин хIисабалдеги босун, гьекъезе ккола 2-3 литр лъел. ЦӀорорал гьекъолел жал гьекъезе бегьуларо. Бакъул ваннаби гьарулаго, кӀудияб кӀвар кьезе ккола тIомода ругел тIадерахъиназде (родинки). Гьел ккола УФалъул-нуразул асаралда гъоркь рак унти ккеялъе бищунго рес бугеб бакӀал.

 

Загаралъул зарал

Дерматологаз чIезабун буго лъабго соналде щвезегӀан гIумру бугел лъимал бакъул битӀахъегояб чIоразда гъоркь рукӀине бегьуларин, щайгурелъул лъималазул тӀомолъ мискинго рукӀуна УФалъул-нуразул заралияб асаралдаса тӀом цӀунулеб меланин синтез гьабулел клеткабазул хӀажатаб къадар. Лъимадул тӀомолъ бигьаго лъугьунеб бакъул нуралъ лъугьинабула тIом бухӀи.

Бакъукь гIорхъолъа ун цӀикӀкӀун рукӀиналъ лъугьине бегьулеб бищунго хӀинкъи бугеб унти ккола тӀомол квешал опухолал рагъари, гьезда гьоркьоса бищунго хӀинкъи бугеблъунги ккола меланома абураб унти.

УФалъул-нуразул цӀакъго кӀуди-ял къадараз рачуна иммунитет дагьлъиялде, гьелъ цӀикӀкӀинабула квешал унтаби ккеялъул хӀинкъи.

Бералги цIакъго хIал лъазабулел рукIуна гIорхъолъа араб УФалъул-нуразде. Гьелъул гIемерлъиялъ рачине бегьула бадиб сус-сур, кьерхен ккеялде. Раккизе рес буго беразул гьадинал унтаби: катаракта, фотокератоза ва фотоконъюнктивит.

ЦӀикӀкӀун загар гьабиялъ лъугьинаризе бегьула коллагеноз (системная красная волчанка, ревматоидный артрит) ва цогидалги унтаби.

Бакъул ваннаби гьаризе бегьуларо квешал (злокачественный) опухолал, гIадалнахалъул бидул хьвадиялъе сакъатI, гипертониял унтаби, гьединго тIулал ва ургьисалабазул загьирал унтаби ругеб мехалда.

Мастопатия бугел руччаби рикӀкӀад чӀезе ккола бакъул нуралда гъоркь гӀемер мехалъ рукӀиналдаса. ГӀолохъанал ясаздайин абуни кIочене бегьуларо бакъукь гӀемер мехалъ рукӀиналъ тӀом херлъиялъе квербакъулеблъи.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...