Аслияб гьумералде

Сайидзабазул насаб

Сайидзабазул насаб

Сайидзабазул насаб

Хирияв Авараг, ﷺ гьаб дунял тун ахираталде аралдаса 1400-ялдасаги цIикIкIун сон ана. Амма ракьалда хутIана гьесул наслаби, ирсилал, нахърилълъарал. Гьелги руго Аварагасул ﷺ гIашират тухум-кьибилалдаса кколел гIадамал, сайидаллъун жалги ругел. Гьезул гIемерисел халкъазе машгьурал, дунялалъул бакI-бакIазда гIумру гьабулел руго. Россиялдаги гьел гIезегIанго руго.

 

Имам СуютIияс гIемерал хIадисал данде гьарун руго Аварагасул ﷺ тухум-кьибилалъул хиралъиялъул бицарал. ГIалимзабазги тIахьазда рехсон буго гьесул ﷺ наслабазул ва гьездехун муъминзабазул букIине кколеб рокьул. Ибну МасгIудидасан бицун буго, МухIаммадил ﷺ агьлу цо къоялъгIаги бокьи кколин лъагIалица гьабураб гIибадаталдасаги хириябилан абун.

Цо нухалъ ГIумар ибну ГIабдулгIазизихъе вачIун вуго ГIали-асхIабасул вас ХIасанил тухумалдаса цо гIолилав. АскIов гIодовги чIезавун, къваригIелги тIубан, ГIабдулгIазизица гьесул ретIел битIа-бишизабулаго абун буго: «(Къиямасеб къоялъ) шафагIат гьабулелъул ракIалде щва», - абун.

Бегьулеб жолъун буго гьездалъун мурадал тIурай Аллагьасда ﷻ гьари ва таввасул гьаби.

КIудияб хIинкъи бугеб жо буго гьезул адаб гьабунгутIи. Жидее Аварагасги ﷺ Аллагьасги нагIана гьабуразда гьоркьор рехсолел руго гьездехун гIамал квеш гьабурал.

Гьаб дунялалде жиндир вачIинго гIаламалъе хвасарлъилъун бугев Аварагас ﷺ ахирисеб хIежалда гьабураб машгьураб хитIабалда буго: «Я гIадамал! КIвар кьун гIенекке! ГIенекке гьанир ругел, гьечIезухъеги щвезабе дир калам, щайин абуни, гьаб буго дир нужедехун бугеб ахираб вагIза-насихIат», - абун. Гьениб Аварагас ﷺ кIудияб вагIза гьабуна. Аллагьасул ﷻ диналде халкъал ахIеянги малъана.

Гьеб ахIиялъе жаваб гьабун асхIабзабаз хIаракат бахъана Аллагьасул ﷻ калам халкъазухъе щвезабизе, гьеб нияталда дин дунялалъул щибаб бокIоналдеги щвана. Гьедин рачIана асхIабзаби Дагъистаналдеги. РачIаразда гьоркьор рукIана къурайшиял ва бану гьашимиял, жалги Аварагасул ﷺ тухум-кьибилалдаса кколел.

Лъиего балъгояб жо гуро Аварагасул ﷺ наслу, жиндаса Аллагь разилъаяй ПатIиматидаса бачIун, гьелъул ясалгун васаздаса цебе ун тIибитIараблъи. Гьелъ, хал гьабизе кколаро ва щибго щаклъиги букIине бегьуларо гьеб тIадегIанаб насаб руччабазул рахъалдасанги тIибитIиялда. 

ГIабасидал бетIерлъиялда ругеб заманалъ Дагъистаналде вачIана Абу-Муслим шайих. Гьесда цадахъ гьанире рачIана жеги щугоялги, гьелги рукIана Аварагасул ﷺ инсул вацал ХIамзатил тухумалдаса кIигоял ва ГIабасилазул лъабгояв. Дагъистаналъул халкъ Аллагьасул ﷻ диналде ахIун Абу-Муслим гьанив чIана, гьесул зиярат Хунзахъ росулъ буго. Цадахъ рукIарал щугоялги гьес рахъ-рахъазда церехъабилъун тIамуна.

Дагъистаналда руго Аварагасул ﷺ яс ПатIиматил васал ХIасанилгун ХIусенил тухумалдаса гIадамалги. Машгьураб жо буго накъщубандияб тIарикъаталъул устар Жамалудин Гъазигъумукъияв, жиндаса Аллагь разилъаяв ХIусенил наслуялъул чи вукIараблъи. Гьединго, лъиего балъгояб жо гуро Дагъистаналда рахъарал тIарикъаталъул машаихзабазул гIемерисел Аварагасул ﷺ наслуялъул чагIи кколеблъи.

Имам Шамилил заманалда Имаматалда букIун буго Аварагасул ﷺ наслуялъул гIадамазул гьабураб хъвай-хъвагIай. Гьеб заманалда Дагъистаналда букIун буго 70-ялдасаги цIикIкIун гьединаб хъизам. Гьезие бихьизабун букIун буго байтул малалдаса хасаб къадарги. Гьезухъ букIун буго Шамил имамас кьураб хасаб кагъатги, жал Аварагасул ﷺ наслуялъул гIадамал ругин баян гьабураб.

Инхоса ГIабдулхIамид-афандиясул тухумги букIун буго гьел сайидазул наслуялдаса. ГIабдулхIамид-афандиясул цIар буго Маккаялда, Аварагасул ﷺ хирияб насабалъул гIадамал лъазариялъул централда, «Шайих ГIабдулхIамид ад-Дагъистани» абун, гьесул ﷺ наслуялъул гIадамазул сияхIалда гьоркьоб хъван. Гьединлъидал, ГIабдулхIамидил лъималги ккола сайидал. Гьесул ясалъул вас, муфти, накъщубандиябгун шазалияб тIарикъатазул устар АхIмад-афандиги ккола гьеб хирияб насабалъул чи, Аллагьас ﷻ жиндир макъам-даража тIадегIан гьабеяв. 

Жакъа муфтиясги тIубазабулеб буго, доб ахирисеб хIежалда Аварагас ﷺ гьабураб хитIабалда букIараб, васият. ГIакъилав чиясда гьеб бихьулебги буго. Амма хъахIалда чIегIерабин абизе гурони лъаларев чиясда нилъеца щибха гьабилеб?

Аллагьас ﷻ тIолабго гIаламалъе баракат гIам гьабеги Хириясул ﷺ насабалъул гIадамазул, гьезул адаб цIунизе тавпикъ гьабеги!   

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

 

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Гъваридаб лъай

Гьале тIаде щвана цIалул заман. Киналго лъимал школаздеги, студентал цIалул идарабаздеги хьвадун байбихьула жидерго лъай цIикIкIинабизе. Исламалда лъай тIалаб гьабиялде кьола бищун цIикIкIун кIвар. Гьелде тIоритIел гьабулел аяталгун хIадисал гIемерал руго. Цересел номеразда гьелъул хIакъалъулъ...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...