Аслияб гьумералде

Къуръаналъул хIикмалъаби

Къуръаналъул хIикмалъаби

ЧIаголъиялъул аслу

Нилъеда лъала кинабниги рухIчIаголъиялъе лъим хIажалъулеблъи. Къуръаналъул «Аварагзаби» сураталъул лъеберабилеб аяталда лъел хIажалъи мухIканго рагьулебги буго. МагIна: «Нижеца бижана лъедасан кинабниги чIаголъи».

Гьаб аяталдасан бичIчIулеб буго лъим букIин кинабго чIаголъиялъул аслулъун. Кинабниги рухIчIаголъи гIуцIун буго клеткабаздаса. ГIелмиял хIалбихьиязул хIасилаздалъун лъала, гьел клеткабазул гIуцIиялъулъ ункъоялда анцIго процент лъел букIин. Гьеб цIирагьиги гьабуна микроскоп ургъун хадуб.

Махх

Маххул хIикмалъи загьир гьабун рещтIараб Къуръаналъул «Ал-ХIадид», ай махх абураб сураялда буго (магIна): «Дица рещтIинабуна жиндилъ кутакаб гуч ва мунпагIат бугеб махх», - ян. Дунялалда ругел магIданазда гьоркьоб маххалъ лъабабилеб бакI ккола, амма гьеб тIоцебе загьирлъараб ва лъугьараб бакI нилъер ракь кколеб гьечIо.

Жакъа астро-физикаялъ Къуръаналъул хIикмат ритIухъ гьабун, нугIлъи гьабула, махх ракьалде къватIисан, космосалдасан бачIараб букIин. Маххул хIикмалъи 1400 соналъ цебего Къуръаналъул «Ал-ХIадид» сураталда мухIканго бичIчIизабун батана гьезда. Гьеб сураялъул 25-абилеб аяталда бугеб «Анзална» абураб рагIуе таржама гьабуни, бичIчIулеб буго, «гIадамазе мунпагIаталъе кьуна» абун, амма гьелъул хIакъикъияб магIна халгьабуни, «рещтIинабуна» абун бачIунеб буго. Гьединлъидал мухIканго бичIчIулеб буго, махх нилъер ракьалде къватIиса, ай космосалдаса бачIараб букIин.

МугIрул

Къоабилеб гIасру байбихьилалдего, гIалимзабазда ракIалде кколеб букIана, мугIрул цого-цо ракь лъугьунаго, Дунялалда тIад хутIарал борхалъаби ругин. Хадуб баянлъана мугIрузул гъваридал кьалбал рукIинги. МугIрулги гьезул кьалбалги лъугьунел руго ракьул гъаталъул кIудиял къанал цоцалъ тункиялдалъун ва гьел цоцалъ тункараб мехалда къвакIараб ракьул къоно унеб буго цогидалде гъоркье. ТIадехун ккараб ракьул къоноялъул дагь-дагьккун мегIер лъугьунеб буго, амма гъоркьияб рахъ абуни, гъварилъуде ун, мугIрузул кьалбазде сверулеб буго.

Зобал

Зобалъ нилъер дунял бакъул радиациялдаса цIунула. Зоб букIинчIебани бакъул радиациялъ кинабниги рухIчIаголъи лъугIизабизе букIана. Гьединго зоб релълъун буго дунялалда тIад жемараб юргъаналда, жинца космосалда бачIунеб квачалдаса цIунулеб. Космосалъул квачалъул температура буго 270 градус. Гьеб градус ракьалде щолебани, ракь тIубанго цIорозе букIана.

Бакъул орбита

1512 соналъ Николай Коперникица чIезабулеб букIана Бакъ багъаричIого жиндирго системаялъул бакьулъ чIун бугин ва цогидал планетаби бакъуда сверун сверулин абун. Гьеб пикруялъул рахъ кколаан цогидал гIалимзабазги. Жакъайин абуни киназдаго лъалеб жо буго Бакъги жиндирго орбитаялда сверун сверулеблъи. Къуръаналда буго (магIна): «Гьев вуго Жинца сордо-къоги бакъ-моцIги гIуцIарав. Гьелги руго жидерго нухда лъедолел», - ян (Сура «Ал-Анбияъ», 33 аят). Астрономиялъул гIалимзабазе гьеб мухIканлъана рехсараб аяталъул магIна гьабизе кIун хадуб. (Хадусеб букIине буго)

МУХТАРАХIМАД МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...