Аслияб гьумералде

ТасбихIал цIали – сахлъи щула гьаби

ТасбихIал цIали – сахлъи щула гьаби

Рецц БетIергьанасе буго, щибаб жоялда жаниб хIикмат бижарав. ТIаде балагьун гIиси-бикъиналин ккараб жоялда жанибцин БетIергьанас гьарун ругелщинал хIикматал. Гьезда гьоркьор руго гьаб дунялгун ахираталъе ругел пайдаби. Гьединазул цояб ккола как бан хадур цIалулел азкаразда гъорлъ ругел тасбихIал кверазул килщазде тIаде цIали.

 

Абугьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Щибаб какда хадуб 33 нухалъ «СубхIаналлагь», «АлхIамдулиллагь», «Аллагьу акбар» абун, нусабилеб гIезе гьабун «Ла илагьа илла Ллагьу вахIдагьу лашарика лагьу лагьул мулку валагьул хIамду вагьува гIала кулли шайъин къадир» абуни, ралъдал полопгIан гIемер ругониги мунагьал чурула», - ян.

Бичасул аварагас ﷺ руччабазде хитIаб гьабулаго абуна: «Ва, иман лъурал руччаби, нужеца тIадчIей гьабе «лаилагь иллагь», «тасбихI» «такъдис» бачиналда. Нуж гьелдаса гъапуллъунги ккоге, рахIмат щвечIого хутIулелин. Гьебги цIале килщазул тIогьазде, щайгурелъул къиямасеб къоялъ гьездаса цIехезе ва гьел кIалъазаризе руго», - ян. Цоги хIадисалда буго, ГIабдуллагь бин ГIамру ибн ГIасица абунин, жинда Бичасул авараг ﷺ вихьанин килщалги ккун тасбихI бачуневилан.

 

Китаялъул медицинаялъул хIалбихьи

Китаялъул медицинаялда лъикӀаблъун бихьизабула килщазе, гьоркьоса къотӀичӀого, массаж гьабизе, гьелъ батӀи-батӀиял лугбузеги тӀолабго черхалъеги пайда кьолеб асар гьабулеб букIиналъ.

Гьеб массаж гьабизе хасал шартӀал хӀажалъуларо, къойида жаниб цо минуталъ гьабе ва заманалдасан нужеда бихьила сахлъиялъе пайда кколеб букIин.

Китаялъул гӀадатияб медицинаялда рекъон, нилъер килщазул рагӀалда руго ургьир ругел лугбузул хӀалтӀи ва хӀал лъикӀлъизабулел бакӀал, ай точкаби. Гьезда тIаде цураб мехалда, дагьабго массаж гьабуни, пайда ккола батIи-батIиял лугбузе. Масала, цониги килищалъул рагӀалда кинаб бугониги унти халлъани, гьеб ккола дур черхалъул цо пуланаб лагаялда щиб букӀаниги гъара бугин абураб магӀна.

Цогидаб рахъалъан балагьани, рес буго, ургьир ругел лугбузул гӀемерал унтабаздаса тӀубанго сахлъичIониги, гьезул хIалтIи бигьалъизабизегIаги. Гьелъие кумек гьабила цо-цо точкабазда тӀад жинцаго тIаде цун массаж гьабиялъ. Узухъда, киналго бакӀал ва точкаби лъазари ккола халатаб процесс, амма гьелъие батун буго гӀадатияб нухги – жинцаго жиндиего массаж гьаби.

 

БуртIин килщие массаж

Китаялъул гӀадатияб медицинаялда рикӀкӀуна буртIин килищ бухьараб букӀин черхалъул лъабго аслияб каналалда. БуртIин килищалъе массаж гьабиялъ бидул хьвади лъикIлъизабула, гьелъ тӀолабго черхалда жаниб хӀажатаб энергия хӀалтӀизабиялде рачуна. Мигрень, гъеж яги горбода унти батани, дурго буртIин килищалъе массаж гьабе. Гьелде тӀадеги, нилъер букIунеб настроениялъулги жавабчилъи бухьараб буго буртIин килщида.

 

Гьоркьохъеб килщие массаж

Гьоркьохъеб килищалъе массаж гьабиялъ бидул хьвади хӀалтӀизабула ва лугбузде би хьвади лъикI гьабула. Гьоркьохъеб килщида тIаде цун массаж гьабиялъ ракӀ хисарди, бетӀер свери лъугӀизабила ва макьуялда хурхарал гIузрабазе кумек гьабула.

 

КӀудияб килщие массаж

Китаялъул медицинаялда рекъон, гьуърузул хӀалтӀиялъул жаваб кьола кӀудияб килищалъ, ракӀ лъикI хӀалтӀи бараб букӀуна хӀухьел цӀаялъул лугбузул сахлъиялда. Аритмия ва каранде тӀадецуй бугеб мехалда пайдаяб букӀуна тӀолабго кӀудияб килщие лъикIаланго массаж гьабизе. ХӀухьел цIаялъул хIалтIи сакъатIлъиялъ квешаб асар гьабула гьуърузул, ццидал ва кванирукъалъул хӀалтӀуе. Гьенибги кумек гьабула кӀудияб килщие массаж гьабиялъ.

 

Ишара килищ

Ишара гьабулеб килщил хIалтIи бухьараб букӀуна кӀудияб бакьалъул хIалтIиялда. Гьеб килщие гьабураб массажалъ тӀолабго чехь-бакьалъул хӀалтӀи рекъезабула.

Гьанир рехрасалги рехсечIелги пайдаби щвезе рес буго щибаб какда хадур гьарулел тасбихIал цIалулаго кверзул килщазул щибаб рищиялда тIаде цун, гьел рикIкIиналъ.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...