Аслияб гьумералде

ЛъикIазулгун гьалмагълъи гьаби

ЛъикIазулгун гьалмагълъи гьаби

Гьудул-гьалмагълъи лъи-кIасулгун гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ гIемер бицуна имамзабаз мажгитахъ гьарулел вагIзабазда, гIалимзабазул мажлисазда. Гьебги гIадахъ босун лъикIал гIадамазулгун цIикIкIараб гьоркьоблъи гьабизе хIаракатги бахъула гIемерисев чияс. ХIакъикъаталдаги кутакалда лъикIаб, беццараб ишги буго гьеб.

 

Гьелъул пайда букIиналде жеги божи цIикIкIиналъул мурадалда дие бокьун буго имам АхIмадица бицараб цо хIадис рехсезе. Бичасул аварагас ﷺ абуна: «ЖужахIалъул кIиябго рагIалда тIасан лъола сиратIалъул кьо, гьелда тIадги букIуна варанидул хергIадаб заз. Цинги гIадамал рачуна гьебги къотIун дорехун. Сах-саламатго доб рахъалде рорчIарал тайпаби рукIуна гIадамазда гьоркьор. Гьединго рукIуна гьенире жанире бащадаб къаркъала ккун, далун хутIунги, дагь-дагьккун рорчIарал. Гьайгьай - жанире рортун аралги. ГIадамазда гьоркьоб гьабулеб Аллагьасул хIукму тIубайдал, дунялалда цадахъ рукIарал цо-цо гIадамал гьоркьоса тIагIун ратула. Гьел тIагIрал гIадамалги гьезда цадахъ дунялалда, гьезго гIадин какалги ралел рукIарал, гьезго гIадин закатги кьолел рукIарал, кIалги кколел, хIежалдеги арал ва гъазаватаздеги гьездаго цадахъ хьвадулел рукIарал чагIи рукIуна. Гьанже гьел гIадамал (жал алжаналде рорчIарал) лъугьуна Аллагьасда гьардезе тIубараб гIумруялъ кирго нижеда цадахъ рукIарал гIадамал тIагIун ругин, киредайин гьел ккаралин, нижеда рихьулел гьечIин абун.

БетIергьанасул жаваб бачIуна жужахIалде айин нуж, гьенир ратал къватIиреги рачейн абун (изну кьола гьел къватIире рачине, гьезие шапагIат гьабизе). ЖужахIалде индал гьенир ратула гьезул тIагIарал гьалмагъзаби. Щивасул мунагьазда рекъон хурхун батула гьезда жужахIалъул цIаги. Цоязул хIатIазда, цогиязул накабазде, цIиналде, каранде ва щокъробе щвезегIан, цогидазда гьумералда хъвачIого. Цинги гьез къватIире рахъула гьел, сахлъизе рукIине чIаго гьарулеб хасаб лъелъеги рачун, сахги гьарула», - ян. (Имам АхIмад).

Жидер мунагьал сабаблъун жужахIалде ккарал гIадамал дунялда рукIарал лъикIал гьудулзабазул баракаталдалъун, гьезул шапагIат щун алжаналде рорчIулел руго. Гьединлъидалин цоцазде аманат гьабизе лъикIаб бугеб, нагагь цоял рорчIани жидееги кумек гьабеян абун. Гьеб буго БетIергьанасул жиндир халкъалъе биччараб гурхIел-рахIмуялъул цо гIаркьел.

Дунялалда цониги сахав гьудулги вукIинчIони, живгоги ворчIичIони, гьеб мехалъ хвасарлъиялде бугеб хьул дагьлъула, жужахIалда жеги халатго мехалъ хутIизе рес буго. Бихьулищха, лъикIав чиясул дунялалда букIун къокълъун чIолеб гьечIо пайда, хIатта ахираталъул рокъобги гIамлъулеб буго.

Чиясе кьолеб къимат гьесул гьудуласухъ балагьун букIунин абула. Кинниги цо-цояз гьелъул гIемер пикру гьабичIогоги тола. Нилъеда лъазе ккола квешлъиялдаса гьебго гурони лъикIлъи бахине рес гьечIеблъи. Гьединлъидал, рачIа диналъул агьлу, дунялалда рукIаго лъикIаб агьлугун рукIинин, гьезие хъулухъ гьабун гьел нечезарилин ахираталда гьезул шапагIат ва баракат нилъеего гIамлъизе букIине!

 

ХIамид МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...