Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Хундуз (бобр) ва турх (выдра)

 

КIиябго буго цо сверухълъиялда рукIунел, амма батIи-батIияб къагIидаялъ гIумру тIамулел рухIчIаголъаби. Хундуз ккола кIудияб, къвакIараб черхалъул гIуцIарухъан- инженер, турх буго тирияб чанахъан. Гьезул черх ва рукIа-рахъин буго лъелъгун ракьалда гIумру тIамулеблъун.

 

Бобразул цIайи бахуна 15-30 кг. Черхалъул халалъи бахуна 80–100 см, гьелда тIаде рачI букIуна 30 см. ГIалхуда гIумру гьабула 10-15 соналъ, жанир хьихьараз - 20-25 сонги бала. Гьезул буго кIиго батIаяб тайпа: гIадатияб ва канадаялъулаб.

Выдралъул цIайи букIуна гIицIго 6-10 кг, халалъи 70-90 см, рачI буго 50 см гIанасеб халатаб. ГIумру гьабула 8-10 соналъ. Буго 13 батIияб тайпа.

Бобралъул буго гьунар хасалоялде нахърател гьабизе. Гьелъ рачI хIалтIизабула лъим ххазе ва хIинкъи ккедал лъеда тIад кьабун, цогидазде сигнал битIизе.

Выдра буго тирияб жанавар. Гьелъ халатаб рачI ккола лъелъ рульлъун ва моторлъун. 

Бобралъ цоялъулгун гьабула гьоркьоблъи ва гIумру тIамула гьебгун цадахъ. Дандияб хвани, къанагIат гурони цогиялъулгун бухьен гьабуларо. 

Жинсияб гьоркьоблъи гьабула хасало заманалда. Гьебги букIуна цIерда гъоркь, лъелъ. Къинлъи халат бахъуна 105-110 къоялъ. Цадахъ гьабула 2-5 тIинчI, гьелги рукIуна канлъи бихьулел, черхалда рас бижарал.

ТIанчIаз эбел-инсуда аскIоб гIумру гьабула кIиго сон базегIан. БакIал раялъул махщел лъазабун хадуб гурони гьел унаро, дандиялги ралагьун, жалго жидедаго чIун гIумру тIамизе.

Выдрабаз гьабуларо цо хасалъулгун бухьен. Бихьиназулги цIуязулги дандчIвай букIуна къокъабго гьоркьоблъиялъул заманалда, гьелдаса хадуб бихьинаб тIагIуна ва тIинчIалъул тIалаб гьабиялъулъ ва гIезабиялъулъ гIахьаллъуларо.

Гьоркьоблъи гьабун хадуб цIуялда кIола эмбрионалъул цебетIей 9 моцIалде щвезегIан халат бахъинабизе. Гьебги, ччугIа гIемер бугеб, хинаб, тIабигIат лъикIаб заманалде тIанчIи гьаризелъун. Выдраялъул тIанчIи (гIемерисеб мехалъ 2-4) гьарула беццаллъун, гIинкъаллъун, загIипаллъун. Гьел рукIуна лъедаса хIинкъулеллъунги. 2 моцI бараб мехалда, эбелалъ гьел гIурулъе рехъерхъула. Цо-цо мехалда мугъзада рекIинарула, цинги жибго лъелъе лъугьун чвердезе тIамула. ЛъагIелгIанасеб заманалъ эбелалда аскIор рукIуна гьел.

 

Бобралъул сихIирлъи 

  • Жанисан канлъи бихьулел берзул къапераби (веки). Бобразул буго «лъабабилеб къаперо». Лъелъ букъулеб мехалда бобралъ берал къала гьел лъабабилел къаперабаздалъун, гьелдалъун рес кьола лъеда гъоркь камилго бихьизе ва бадибе заралияб жо иналдаса цIунизе.
  • Мугьру чIвараб кIал. Бобралъул кIутIби къала кIудиял цабзазда нахъа. Гьелъ рес кьола лъеда гъоркь гIаркьалаби гIадал къвакIарал жал хъусизе, гьелдаго цадахъ лъимги кIалдибе биччачIого.

МагIазул къалал ва гIундузда кIиялъулго руго хассал клапанал лъелъе лъугьиндал къан рачIунел.

 

Выдралъул хаслъи

  • Гьелъул руго щулияб чIандеро ва регIерал гажал.
  • Михъал руго асар бугел. Гьезда абула цIакъ мухIканаб радариланги. Гьез тIатинабула, хIабургъараб яги къаси канлъи гьечIеб мехалъ бугониги, чвердолеб ччугIаялъ лъелъ гьабулеб бищунго дагьаб рагъа-рачарицин.
  • ТIом буго биччулареб. Цо квадратияб сантиметр тIомода букIуна 50 азаргоялде щвезегIан рас. Расги буго гъункараб, лъелъ жаниб бугониги расуда гьоркьоб гьаваялъул гъат хутIула.

 

ГIажаибал хIикмалъаби

  • Бобраз гIуцIарал хIораз лъим бацIцIад гьабула хIабургъиналдаса, хIанчIигун ччугIа цIала жалго ругеб бакIалде.
  • Бобразул буго хассаб железо, жиндир бербалагьиялда бугеб бакIалда гIаламатал гьарулеб. НекIо цо-цояз гьеб лъамалъи хIалтIизабулеб букIун буго гIемерал унтабазе дарулъун, жакъа гьеб хIалтIизабула махIал гьариялъул алатазе.
  • Бобраз гьабураб бищунго кIудияб сангар буго Канадаялда. Гьелъул халалъи бахуна 850 метраялде ва гьеб якъинго бихьула космосалдаса рахъарал суратазда.
  • Выдраби квералги ккун кьижула. Ралъдал тайпабазул выдраби, лъеда тIад, ай мугъзада регун кьижула. Лъеца рачун инчIого рукIине, гьез цоцазул квачIал ккола яги ралъдал водорослаби жемула жидедаго.
  • Гьезул буго цIакъ хехго квен бихIинабизе гьунар. Гьелъ, кваналеб яги багъарулеб гьечIони, лъелъ гьеб хехго квачазе байбихьула. Гьединлъидал гIемер кванала гьеб къойида жаниб.
  • ГIемерисезул букIуна цIакъ жидее хирияб ганчIил кесек. Гьеб выдрабаз гIумруялъго цадахъ баччула квегIаб квачIалъул тIомол хасаб сукIелалда жанибги лъун. Гьеб хIалтIизабула раковиназул молюскаби рагьизе яги чIалгIаде ругеб мехалъ хIадаризе.

 

Бобразул балъголъаби

Гьез гIуцIула сангарал гурел каналалги. Жал чIараб бакIалдаса рикIад кIудияб гъветI бегизабураб мехалъ, гьез гьенибе бухъула метраялъул гIеблъи бугеб канал ва жанибе биччала лъим цинги лъеда тIасан бехъерхъула гъветI.

Бобразул холодильник. Хасало, жанавараз тIаде кIанцIи гьабиялдаса хIинкъун, гьел лъеда тIад лъугьараб цIороде рахунаро. Лъелъго нахърател гьабун, хIатIукь гьез къазарула кIудияб къадар гъотIол гъаркьалабазул. Лъим квачан букIунелъул, тIинда цIерги къаларелъул,  хIажалъи ккедал хъусула гIаркьалаби.

Рукъзал - ракьулъ рухъарал гундби. Бусадул нуцIа кидаго лъеда гъоркь бахчараблъун буго, гьелъ бобр цIунула хIайваназдаса ва бокьараб мехалъ цIорода гъоркь чвердезе рес кьола. Аслияб къагIидалъ хасел тIамула кьижун.

Жидеего хIинкъи кьолел цаби. Бобразул цаби рижула хехго ва гIумруялъго. ГъутIби хъаси тани, хIинкъи букIуна кIал къазе кIоларедухъ халалъун гьелги рижун яги чIандероялъулъ къан ун хвеялда.

Рас халеб малъ. Нахъисеб хIетIеялда буго цо малъ кIийиде бикьун бижараб. Гьеб хIалтIула гьоркьо гIадин. Гьелдалъун хала рас, бикIула тIомолъа чороклъи ва расалъ киса-кибего щун тIибитIизабула лъим щвезе гьукъулеб хасаб нах.

 

 

 

 

Выдрабазул балъголъаби

Хан цIуяб. Ралъдал выдрабазе бетIерлъи гьабула цIуялъ. Гьез балагьула гIумру гьабизе ччугIа гIемераб бакI, нахъе хъамула бихьиналги. Бихьинал рукIуна рагIа-ракьанда рахчун яги квешаб бакIазда гIумру гьабулел. ЦIуязда аскIореги рачIуна гIицIго жинсияб бухьен гьабизе.

СогIаб жанавар. Жибго бихьизе гьитIинабин кканиги, гьеб буго гьужум гьабулаго хIанчIолеб, ччугIа щвечIого хутIани гIанкI гIадазде, хIатта гIисинал крокодилазде тIаде кIанцIулеб рухIчIаголъи. 

ГIорхъолъа ун рацIцIалъи цIуни. Кутакалда хIинкъула гьел жидерго тIом, рас чороклъиялдаса. Расалде чороклъи бачIун халатбахъани яги цогидазул рас бачIани, гьезул рас лъугьуна лъим гьукъизе кIолареблъун. Гьелъул хIасилалда хинлъи цIунизе кIоларо ва хвезе бегьула. Гьединлъидал кванан хадуб гьез цIакъ кIвар кьола рацIцIалъи гьабиялде.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...