Аслияб гьумералде

КIудиябги гьитIинабги…

КIудиябги гьитIинабги…

Гьаб заманалда кIиго метр къаркъалаялда бугел яги цIакъго къокъал чагIи рихьани, нилъ гьезухъ гIажаибго ралагьула. БатIи-батIияб заманалда рукIарал гIадамазул халгьабуни, руго къавмал чIахIиял чурхдул рукIаралги къокъалги.

Къокъаб черхалъулал

Аслияб къагIидаялда къокъаб черхалъулал гIумру гьабун Африкаялда руго, жидер тIомол кьерги чIегIерал. Гьезда Пигмеялинги абула. Гьезул гIадатияв бихьинчиясул лага бащалъула 145 сантиметралда, чIужугIаданалъул - 130-135 сантиметралда.

ЧIахIиял чурхдузулал

Борхатаб лагаялъул рукIана НухI аварагасул вас Самил кьибилалъул чагIи, ГIадил къавм. Йеменалда рукIана гьел гIумру гьабунги. Гьезул хIакъалъулъ абизе бегьула Аллагьас рижаразул бищун рорхатал ва къуватал гьел рукIун ратилин абун.

Абула гьезул бищун къокъал рукIанин 30 метр къаркъалаялда бугел чагIи. ГIумруги гьезул букIун буго халатаб, нусго сон байдал гурони херлъизе байбихьуларел. Хвелги гьезулъ цIакъ къанагIат гурони букIун гьечIо, нусго соналда жаниб цо чи гурони холареб.

Гьезул цевехъан вукIун вуго Жалижан абурав зулмучи, 50 метр къаркъалаялда бугев. Заман бахъанагIан гьезулъ тIибитIана чороклъи, гIорхъолъа арал мунагьал гьари, хIатта жал рижарав БетIергьан кIочон тун хьвади. Гьел битIараб нухде тIоритIизе Аллагьас гьезухъе витIана Гьуд авараг. ЧIухIарал гьез Гьуд авараг къабул гьавичIо.

Щиб гьес бицаниги гьел кантIичIо. Гьел битIараб нухде ахIулаго Гьуд аварагас 70 сон бана. Гьесул гIумрудулги букIана 150 сон. Цинги гьес Аллагьасда гьарана гьезул руччаби лъимал гьарулареллъун гьарейин абун. Гьудил дугIаги къабуллъана. Гьеб мехалъ Аллагьас гьезде 7 соналъ халат бахъараб ракъдаллъи рещтIинабуна. Гьелъул хIасилалда къавмалъул бащдалгIанасел хвана.

Доб заманалда, дин хал гьабичIого, киназулго гIадат букIана балагь-къварилъи тIаде щведал, гьеб нахъе босеян гьаризе Маккаялде унеб. Гьедин гьезулги цо къокъа цIад гьарун Маккаялде ана. БетIергьанасда гьарулелъул лъабго батIияб кьералъул накIкIул парча бихьана гьезда зодоб, хадуб цо гьаракьалъ ахIун бачIана лъабалъулго цояб тIаса бищеян.

ЦIад баялъе гIаламат чIегIераб батилинги ккун, гьез гьеб кьералъулаб тIаса бищана ва накIкI Йеменалъул рахъалде ана. ЧIегIераб накIкIул парча бачIунеб бихьидал ГIадил къавм кутакалда рохана, амма къосаразе гьеб букIана гьури босун бачIунеблъун. Гьелдаса хадуб анкьго сордоялъги микьго къоялъги чIинхазул цIадги бан, кутакаб гьури пуна.

Гьелъ сверухълъиялда вахъун чIарав чицин кив толев, гъутIби кьолболъа рахъана, рукъзал риххизаруна. Амма Гьуд авараг ритIухъ гьавуразе, къосаразда аскIор ругониги, гьуриялъ щибго зарал гьабичIо. Балагь тIаде биччаниги БетIергьанас гьел тIубанго хвезаричIо. ЧIаго чабхил гохIазда гъоркье ккезарун, хIехьезе захIматаб гIазаб чIамизабуна.

Аллагьасда божун Гьуд ритIухъ гьавуразда гьезул инагьди, гохIазда аскIоре щведал, щибаб къойил рагIулеб букIана. Нусго соналда жаниб цо чи гурони холареллъун рукIарал ГIадил къавмалъул нахъе хутIана Маккаялде ун рукIарал ва Гьуд аварагасда иман лъурал, цогиял чабхил гохIазда гъоркь гIазаб чIамулаго дагь-дагьккун хвана. Аллагьас цIунаги нилъ къосеналдаса ва балагь-къварилъи рещтIиналдаса.

МУХIАМАД САЛМАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...