Аслияб гьумералде

Черхалъул мацӀалда стрессалъул гӀаламатал

Черхалъул мацӀалда стрессалъул гӀаламатал

ГӀадамазда гьоркьоб рагӀул гуреб бухьеналъул бищунго кӀвар бугел формабазул цояблъун рикӀкӀуна черхалъул мацӀ. Багъа-бачариялдалъун, гьурмада бугеб мимикаялдалъун ва ишарабаздалъун гӀадамаз рагӀаби гьечӀого загьир гьаризе бегьула жидерго пикраби ва рекӀел хӀал. Черхалъул мацӀалдалъун баянлъулел, бищунго загьирлъулел шартӀазул цояб ккола стресс ва ургъел.

 

Черхалъул мацӀалда стрессалъул гӀаламатал гӀемер руго. Бищунго гӀемер загьирлъулезул цояб ккола килщал чIваркьизари ва кидаго кверал хьвагӀизари. ГӀемерисез гьеб гьабула лъачӀого, жанисеб хӀалуцин лъугӀизабизе хӀаракат бахъулаго. Кверазул килщал цоцалъе лъугьинариги рикӀкӀуна ургъел ккеялъул гӀаламатлъун.

Малъал хӀанчӀиги ккола стрессалъул гӀаламат. ГӀемерисеб мехалда гьеб хурхараб букӀуна хӀалуцараб ургъелалда яги нервабазул хӀалуциналда. Гьелде тӀадеги, инсан жиндирго унго-унгояб рекӀел хӀал бахчизелъун кIалъалелъув бадиве валагьуларо яги батӀи-батӀиял бакӀазда валагьун чӀола.

Стрессалъул заманалда инсанасул кверал яги черх сородизе бегьула, гьезул багъа-бачари циндаго хӀалхьолареблъун лъугьуна. Цо-цо мехалъ, гьаракь хисула: гьеб сородизе, хехлъизе бегьула яги гара-чӀвариялъул заманалда гьоркьоб къотӀизе рес буго. Цо-цоязул гьумер багӀарлъула яги цӀикӀкӀун гIетI бала - гьеб кинабго ккола стрессалде данде черхалъул тӀабигӀияб жаваб.

Ургъел ккеялъул цогидал гӀаламатал ккола гьоркьоса къотӀичӀого вагъа-вачари, хӀатӀал кьаби яги гӀемер берал къапезари. Гьез бихьизабула инсанасул жанисеб рахӀатхвей ва хӀалуцин.

Ургъалабазда вугеб мехалъ черхалъул мацӀалда тӀад лъикӀаб хъаравуллъи гьабизе ккани, экспертаз абула бадиве валагьеян, битӀун чӀаян, нервабазул багъа-бачариялдаса рикӀкӀалъеян. Гьимиялъ ва божилъи бугеб хьвада-чӀвадиялъ инсанасе кумек гьабула парахтго вукIине ва божилъи цӀикӀкӀинабизе.

Щивав чиясул черхалъул мацӀ батӀи-батӀияб букӀине бегьула. Гьелъие асар гьабула тIабигIаталъ, хасияталъ, психикияб хӀалалъ ва гӀумруялъул хӀалбихьиялъ. Гьединлъидал кӀвар бугеб жо ккола цо ишараялдалъун хӀасилал гьаричӀого, гӀаммаб хьвада-чӀвадиялъул ва ахӀвал-хӀалалъул хӀисаб гьаби.

Гьедин, черхалъул мацӀалда стрессалъул гӀаламатал ричӀчӀиялъ кумек гьабула гӀадамазул эмоциял лъикӀ ричӀчӀизе, бухьен лъикӀлъизабизе ва хӀалуцараб ахӀвал-хӀалалда дурго хьвада-чӀвадиялда тӀад хъаравуллъи гьабизе ругьунлъизе.

 

Камил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...