Аслияб гьумералде

Алжаналъул ракь

Алжаналъул ракь

Хириял бакIазул цояб буго Мадина шагьар. Гьенибги хасаб бакI кколеблъун буго Аварагасул ﷺ мажгит. Гьеб буго куталда берцинаб, гIажаибго бараб мажгит. Гьениб гьабураб гIамалалъухъ БетIергьанас ﷻ  азариде бахинабун цIикIкIун кириги кьола. Рехселин гьеб мажгиталъул чанго хIикмат.

 

Шагьаралдаса кIудияб мажгит. Гьанжесеб мажгиталъул халалъи-гIеблъи кIудияб буго цебе шагьарлъун букIараб басрияб Мадинаялъулалдаса. Гьанжесеб мажгиталъул кIодолъи нусго нухалъ гIатIид гьабураб буго Аварагасул ﷺ заманалда гьениб букIараб Аллагьасул ﷻ  рукъалъул аслияб гIуцIиялдаса. ХIакъикъаталдаги гьанже мажгиталъ сверун ккун буго цебе басрияб шагьарлъун букIараб тIолабго ракь. Гьелъие нугIлъи гьабула, Аварагасул ﷺ заманалда шагьаралъул рагIалда букIараб ва гьанже мажгиталъул хьолбода цун бугеб БакъигIалъул хабзал ругеб бакIалъги.

Цебе хъупа букIинчIо. Цебе Аварагасул ﷺ хабада тIад хъупа букIинчIо, гьанже кIиго буго. Авараг ﷺ хун хадуб, 650-гIанасеб соналъ Бичасул Расулги гьесул халифзабиги рукъун ругеб гьеб Равзаялда тIад хъупа букIинчIо.

1279 соналда мамлюказул султIанас тIоцебе бана гьениб хъупа, гьебги букIана цIулал, гьелъул жанисеб рахъалда хъван руго Аварагасул ﷺ, Абубакарил, ГIумарил цIарал. Жакъа бихьулеб гIурччинаб хъупа ккола гьелда тIад гьабураб.

ХъахIилабгун щакъидулкьераб. Гьанжесеб сипат хъупаялъе щвана 150-гIанасеб соналъ цебе. Гьелде щвезегIан гьеб чанцIулго къачIан, кьер хисун букIана. Цо заманалда гьеб хъахIаб кьералъулги букIна, амма гIемерисеб мехалъ гьеб хъахIилабгун щакъидулкьераб букIана. Гьеб кьерги ккола хIижазалъул гIарабазе бищунго бокьулеблъун.

Ток бачана тIоцебе. СагIудиязул чIинкIиллъиялде ток щвезе байбихьидал, тIоцебесеб иргаялда, гIарабаз гьеб бачана Аварагасул ﷺ мажгиталде. Гьебги лъугьана 1910 соналъ. Гьенибе ток щвараб заманалда, Стамбулалда султIанасул кIалгIаялъубеги гьеб щун букIинчIо.

Замзамги къойил баччун бачIуна. Гьеб лъим щибаб къойил бачIуна Мадинаялде. Щибаб къойил Маккаялдаса Мадинаялде щвезабула замзамалъул 120 тонна. Лъим бачIуна кIудиял къалал цIун. Цинги гьелъул цIезарула хасал пластикалъул контейнерал, хадуб гьел лъола мажгиталъур. Замзамги букIуна щивав чиясе гьекъезе данде кколедухъ цIорорабги хинабги. ГIадамазул къадар цIакъго цIикIкIараб, хIежалъул заманалда баччулеб замзамалъул къадар кIиго нухалдасаги цIикIкIинабула.

Гьениб буго Алжаналъул ракь. Аварагасул мажгиталда ﷺ жаниб буго ракьалда бищунго хириял бакIазул цояб. Гьебги ккола Равза. ГIараб мацIалдаса буссинабидал, Равза абураб рагIул магIна ккола «Алжаналъул ах» абураб. Цояб рахъалдасан гьелъул гIурхъи буго ГIайшатил рукъалда цун, цогидаб рахъалдаса - Аварагасул ﷺ минбаралде щун. ХIадисалда буго: «Дир рукъалдаги минбаралдаги гьоркьоб буго Равза – Алжаналъул ахазул цояб», - абун. (Бухари, Муслим)

ГIалимзабаз «Равза» абураб рагIул магIна гьабулеб буго чанго батIаяб къагIидалда: 1. Гьеб бакIалда гIибадат гьабулев чиясда халлъула Аллагьасул ﷻ  рахъалдасан рещтIунел гурхIел-рахIмуялдаса парахалъи ва талихI. 2. Гьениб гьабураб гIибадат лъугьуна ахираталда алжан щвеялъе сабаблъун. 3. Ахираталда гьеб бакI Алжаналъул бакIазул цояблъун букIина.

Какил кири цIикIкIинабула. Аварагасул мажгиталда ﷺ бараб как бащалъула, Маккаялда бугеб ХIарамалъул мажгит хутIун, цоги бакIалда бараб азарго какалда. Гьелъул хIакъалъулъ бачIараб машгьураб хIадисги буго. Гьеб гуребги, цогидал гьенир гьарулел лъикIал ишалги азарго нухалъ, кириялъул рахъалъ, цIикIкIинарула.

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...