Аслияб гьумералде

ГIолохъанал херал

ГIолохъанал херал

Ибну ГIабасидасан бицана хирияв аварагас ﷺ абунин: «Заман рагIалде гIунтIидал раккизе руго гIадамал миккидул мукъуралда релълъун ботIрол расал чIегIераб кьералъ релъунел. Алжаналъул махI гьезда чIвазе гьечIо», - ян. (АхIмад)

ГIалимзабаз баян гьабуна хераз гьеб пиша гьабиялда гъоркь бичIчIулин гьезие гIолохъанго жалго рихьизе бокьи. БатIалъи гьечIо, ботIрол ва магжил расал чIегIералъ релъун рукIа ялъуни пластикияб операция гьабун сипат-сурат хисизаби букIа. Ахираб заманалда бечедал гIадамаз цIакъ гIемер хIалтIизабулеб жо буго пластикияб операция.

ГIолохъанго рихьизе бокьиялъул мурадго гIемерисезул хвалда цере жалго берцин рихьизе бокьи буго. Щибго гIиллаги гьечIого гIицIго берцин рихьиялъе гIоло черхалда хиса-басиял гьаризе шаргIалъ гьукъун буго. Руччабазул кьунсрул ретIиялда тIасан суал шаргIалъ борхулеб мехалъ, пластикияб операциялъул бицинего бицинарин.

ГIолохъаназе кIодолъун ва гьединго херазе гIолохъанго рихьизе бокьи шаргIалъ какун буго. Аллагьас ﷻ кьураб сипаталда разилъунгутIи ккола гьеб. Аллагьасул ﷻ къадаралда разилъунгутIиялдеги рачуна гьелъ. Аллагьас ﷻ цIунаги.

Жабиридасан бицана, Макка бахъараб къоялъ аварагасухъе ﷺ вачун вачIанин Абу КъухIафа. Гьесул ботIрол ва магжил расал хъахIлъун рукIана. Цинги аварагас ﷺ абуна: «Гьеб кьер кин бугониги хисизабе, амма чIегIераб кьералдаса цIуне», - ян. (Муслим)

Камил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...