Аслияб гьумералде

Хирург кантIиялъе сабаб

Хирург кантIиялъе сабаб

ТалихIавлъун вукIине бокьани тIадчIей гьабе тавбуялда, гIасилъуге Аллагьасде. Аллагь лъаларезул гIумру-яшав букIуна тIад берцинаб хъал бугин кканиги жаниса турараб ва махIцараб.

ТIадегIанав Аллагьас нилъее рахIматлъун кьуразул цояб ккола тавбу. Тавбуялде хIажалъуларев чиги вукIунаро. Нилъ киналго гьитIинабниги кIудиябниги мунагьазукье ккола, аварагзабиги малаикзабиги гурого мунагьаздаса цIунаралги гьечIо. Щиб бугониги гьабилалде тавбу гьабун черх къачIазе ккола, хIалтIи гьабилалде алат хIадур гьабулебго гIадин. Тавбу гьабун черх къачIачIони, гьабураб гIамалалъул пайда кколаро. Тавбуги гьабичIого мунагьаз цIураб хъубаб черх, Аллагьасда цебеги чIун, щиб бугониги жо гьаризе нечезе ккеларищ? Тавбу къабуллъизе ккани чара гьечIого лъабго жоги къваригIуна: гьарун арал мунагьаздаса пашманлъи, тIокIалъ гьел мунагьазде вуссунгутIи, мунагь гьабичIого тезеян къасд гьаби.

Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нужеца Аллагьасе тавбу гьабе, нужеего талихI щвезе», - абун.

ТалихIавлъун вукIине бокьани гIемер цIале Къуръан, пикру гьабе гьениб хъван бугелъул, ракIги мацIги машгъул гьабе Аллагь рехсеялда тIад. Къуръан ккола нилъее битIараб нух бихьизабулеб нур. Гьелда нахъвилълъарав гIададаги холаро. Анас асхIабасдаса бачIараб хIадисалда буго:

«Жинда жаниб Къуръан цIалулеб рокъоре малаикзаби рачIуна, шайтIаби рикIкIалъула, лъикIлъи гIемерлъула, квешлъи дагьлъула, агьлу-хъизамалде гIатIилъи, бечелъи рещтIуна», - абун.

ДарукъутIнияс бицараб цогидаб хIадисалда буго: «Нужеца Къуръан гIемер цIале нужерго рокъоб. Къуръан цIалулареб рокъоб лъикIлъи дагьлъула, квешлъи гIемерлъула, мискинлъи тIаде бачIуна», - ян.

Лъугьа-бахъин

Морис Буке (Морис Букай) ккола парангазул цIар рагIарав гIалимчи, хирург. Насраниязул диналда тарбия щварав Морис Букеца лъугIизабуна парангазул университет, медицинаялъул факультет. Тарихиял памятниказде ва археологиялъул цIех-рехал гьариялде кIудияб кIвар кьолеб улкалъун рикIкIуна Франция. Гьелъги батила, 1981 соналъ гьеб улкаялъул хIукуматалъул гьариялда рекъон, Египеталъ гьезул гIалимзабазе ихтияр кьун букIараб пиргIавнил мумиялъул цIех-рех гьабизе. Гьеб цIех-рех гьабиялъул жавабиявлъун тIамун вукIана профессор Морис Буке.

Парангазул гIалимзабазул ва медиказул аслияб масъала букIана мумиялде сверизабураб къаркъала рукIалиде ккезаби. Морис Букейил мурадин абуни букIана пиргIавн хвеялъе гIилла лъазаби. ГIалимзабаз цIех-рех гьабун хадуб баянлъана пиргIавн ралъдалъ гъанкъун хун вукIин ва ралъдалъаги бахъун гьесул жаназа туруларедухъ хасал дарабаздалъун къачIан букIин.

Амма парангазул профессорасе рахIат толареб, жаваб щолареб суаллъун хутIун букIана ралъдалъ гъанкъарав пиргIавнил жаназа гьанжелъизегIан турулареб хIалалъ къачIазе кIвеялда бараб. Гьеб суалалъе кинго жаваб батуларого вукIарав гIалимчиясда цо гьалмагъас бицуна гьелъие бугеб далил бусурбабазда цебегоялдаса нахъе лъалеб жо бугин. ПиргIавн ралъдалъ гъанкъиялъулги гьесул къаркъала дарабаз къачIаялъулги хIакъалъулъ Къуръаналда рехсон букIиналъул бициндал, битIахъе тамашалъун хутIула Морис Буке.

1898 соналъ гурони батичIеб мумия, 1400 соналдасаги цIикIкIун заманалъ цебе рещтIараб Къуръаналда кин гьелъул хIакъалъулъ хъван букIине рес бугебилан божуларого вукIуна парангазул профессор. Гьесда лъалаан Муса аварагасда хадув лъугьунаго пиргIавн ралъдалъ гъанкъаравлъиялъул Инжилалда хъван бугеблъи.

Амма гьениб щибго хъван букIинчIо гьесул къаркъалаялъул ккараб къисматалъул. Цинги Морис Букеца бачIинабуна Таврат ва гьенибги ралъдалъ гъанкъиялъул гурони хъвараб жо батичIо. Франциялъ мумия Египеталъухъе нахъбуссинабун хадубги, гьеб суалалъ рахIат толарого вукIана Морис Буке.

Цо заманалдаса гьесие рес щвана медицинаялъул суалал гьоркьор лъураб, СагIудиязул ГIарабиялда тIобитIараб, конференциялда гIахьаллъизе. Бусурбабазул медиказулгун ккараб дандчIваялда пиргIавнил жаназа ралъдалъа къватIибе бахъун букIиналъул бицине Морис Буке лъугьиндал, Къуръанги рагьун цояс гьесие цIалана гьадинаб калам (магIна):

«Ва ритIана нижеца исрагIилалъулал ралъад къотIун. ПиргIавн ва гьесул аскар ана гьезда хадуб. Гьел (пиргIавн) лъелъе ккедал, гьес абуна: «Дун божула ИсрагIилил васал (наслу) жинда божулев гурони, цоги Аллагь гьечIолъиялда. Дунги вуго Гьесде вуссаразда гьоркьов!» Амма гIицIго гьанжейищ!? Цебейин абуни мун божулароан ва намус гьечIолъи тIибитIизабулезул цоявлъун кколаан. Ва жакъа Нижеца мун, дур къаркъалагун цадахъ хвасар гьабила, гьеб дуда хадур рачIунезе мугIжизатлъун букIине (гIадамазул хадусеб наслуялъе). ХIакълъунго, гIадамазул гIемерисез Нижер мугIжизатазул кIварго гьабуларо!» (Юнус: 90-92).

Гьеб аяталъ тамашалъизавуна Морис Буке ва киналго данделъараб бакIалда лъазабуна: дица исламги къабул гьабунин Къуръаналда божаравлъунги вугин. Гьедин, парангазул гIалимчияс къабул гьабуна ислам ва гIумруялъул анцIгоялдасаги цIикIкIун сон кьуна Къуръан лъазабиялъе. Гьелъул хIасилалда Морис Букеца хъвана «Къуръан, Таврат, Инжил ва гIелму. Гьанжесел гIелмабазул заманалда хириял хъвай-хъвагIаял лъазари» абураб тIехь.

Гьеб тIехьалъ кIудияб ахIи-хIур бахъинабуна бакътIерхьул улкабазда ва гьеб буссинабуна гIемерал мацIазде. Гьайгьай, кьучIал далилал рехсон хъвараб тIехь букIаниги, гьелда хъвараб ритIухъ гьабуларелги ккана. Амма гьеб ритIухъ гьабунгутIизелъун, гьелде данде гIелмиял хIалтIаби хъвазе лъугьарал гIемерал гIалимзабаз, ахир-къадги жидецагоги ислам къабул гьабуна. Живго Морис Букеца хъвалеб буго: «Цебеккунго дида Къуръан лъалеб букIарабани, гIелмиял масъалаби тIуразариялъе дихъ букIунаан нух бихьизабиялъе квербакъи гьабулеб квар», - ян.

МУХIАМАДХIАБИБ МАХIАТIОВ

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Муфтияталъул вакилзабазулгун дандчIвай

Буйнакск районалъул администрациялда тӀобитӀана районалъул бетӀерасул ишал тӀуразарулев Маликов Табиридаги гьенире рачӀарал Динияб идараялъул вакилзабаздаги гьоркьоб данделъи. Гьоркьор лъунги рукIана цадахъ рекъон хӀалтӀи гьабиялда хурхарал суалал. Данделъиялда гӀахьаллъана Буйнакск шагьаралъул ва...


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...


ХIижабалъул хIакъалъулъ

Руччабазул «Марям» централда тIобитIана «Хиджаб: внутренний и внешний смысл» абураб темаялда анлъабилеб семинар.   Данделъиялда рорхана чIужугIаданалъул ретIел-хьиталда хурхарал кIвар бугел масъалаби, бицана хIижабалъул хиралъиялъул, чIужугIаданалъе гьелъул бугеб...


«Шукруялъул мажлис»

Рамазан моцIалъул хIурматалда, Унсоколо районалъул ХъахIабросулъ тIоби-тIана «Шукруялъул мажлис» абун цIар лъураб руччабазул данделъи.   Гьениб лъималаз ри-кIкIана кучIдул, ахIана нашидал, бихьизабуна ясал цадахъ кIал биччазе иналъул ва цоцазул тIалаб гьабиялъул хIакъалъулъ...