Аслияб гьумералде

ХIикматаб хIайван

ХIикматаб хIайван

ХIалкIолев Аллагьасул махлукъатаздасан ккола зебра абун цIар бугеб хIайванги. Жиндир сипатсурат чода релълъараб буго гьелъул. Цого-цо гьел ратIа рахъула зебраялда тIад рукIунел чIегIер-хъахIал мухъаз. Чуялъулго гIадин зебраялъулги буго жал. Бекеризеги чоцаго гIадин мадар гьабула гьелъ. Гьаб ракьалда кIиго чиясул цого килщазул расенал релълъарал рукIунарелго гIадин, зебрабазулги тIад ругел мухъал цоцазда релълъарал рукIунел гьечIо.

Зебраялъ 200-ялдасаги цIикIкIун сон балин абула. ГIалимзабазул ижмагIалда рекъон, гьелъул гьанги кваназе бегьула. Язид ибн Зиядил таржамалда ибну Халканияс рехсана:

«Цо рагъул аскаралъ бицана, Жарвад абураб росдада аскIоб рещтIен гьабидал, гьениб чан гьабизе рахъанин. Гьеб къоялъ чан гьабун гьез зебра хъуна ва гьелъул гьанги белъинабуна. БатIиял хIайваназул гьан белъунебгIанасеб заманалъ тедал, гьелъул гьан жеги белъун батичIо. Цинги, тIубараб къоялъ белъине танигицин белъун лъугIичIо. Гьелъул бетIер ччукIизе лъугьиндал, гIундузда нахъа гIужалъул гIаламатал ратана.

ЦIалидал баянлъана гьеб гIуж авараг r гьавизегIанго персазул букIин. Персазул гIадаталдасан букIана чан гьабураб хIайван гIужги бан, биччан толеб. ТIадегIанав Аллагьасда лъала гьелъ, гIуж базегIан, чан сон бан букIарабали. Рес буго гьеб зебраялъе 200-ялдасаги цIикIкIун сон букIине. Зебраялъул тIад ругел мухъалги батIи-батIиял рукIуна. Гьезул бищун гIемер сонал рараб ва бищун берцинаб букIана Кисра Ардаширил зебра», - ян.

ГIага-шагарго 120 соналъ гIалимзабазда гьоркьоб бахIс букIана зебраялъул тIомода чIегIерхъахIал мухъал щай ругелин абун. Дагьаб цебе баянлъана загьру бугеб рухIчIаголъабаз хIанчIиялдаса цIунизе, ай зебраялъул мухъахараб тIомалъ гьезул берал риххизарулел рукIин ва хIанчIизе бакI батулеб гьечIолъи.

ГIалимзабаз хIалбихьизелъун гьединалго мухъал рахъана цо-цо гIачиязул тIомодаги. Гьеб хIалбихьиялдалъунги хIакълъана рухIчIаголъаби рихха-хочун, хIанчIизе бакIал тIагIун, хутIулел рукIин.

Нилъеда лъала Африкаялъул ракьалда гIемер руго загьруял ва вирусалъулал рухIчIаголъаби. Гьезда гьоркьобги гьеб улкаялда бищун машгьураб буго «Муха цеце» абураб, тIотIода релълъараб рухIчIаголъи. Африкаялъул рохьазда «Муха цецеялъул» цо-цо тайпаби руго трипаносом абурал паразитал жиндилъ ругеб. Трипаносомалда абула «сонная болезнь» абунги. «Муха цецеялъ» хIанчIун гьеб унти бахиндал дару гьабичIони, хвезе рес буго. Санайил гIемерал хIайванал ва гIадамал холелги руго гьеб унти сабаблъун Африкаялда.

Зебраялъулин абуни, «Муха цецеялдаса» цIунизе жиб цIунулеб хъалги гьечIо ва трипаносомалдехун иммунитетги гьечIо. Гьелъул магIнаги буго, нагагь «Муха цецеялъ» зебраялда хIанчIани, гьеб холин ва тIадеги тIубараб рехъенцин хвезе рес бугин абураб.

ТIад ругел чIегIерал мухъал сабаблъун рикIкIадасан гъалбацIазда ва цIиркъазда зебрабазул рехъен цо кIудияб жолъун бихьула. Гьеб куцалда вахIшиял жанавараздасаги мухъал сабаблъун хвасарлъула гьел.

Дагьаб цебегIан Калифорниялъул гIалимзабаз хIалбихьиял гьарун чIезабуна, зебраялда тIад ругел мухъаз, загьруял рухIчIаголъабаздасаги цIикIкIун, Африкаялда бугеб багIариялдаса жал цIунизе, ай тIом цIорозабизе гьез квербакъулеб букIин.

Ибну ВахIшиятица ва ибну Савидияс, гьединго цогидал гIалимзабазги абуна: «Зебраялда тIад ругел мухъазухъ валагьиялдалъун берзул канлъи цIикIкIинабула ва берал чвахиялъул унти сах гьабула. Зебраялъул цциналъгун кухIлу (бер сверун тIелхазда гъоркь бахиналъ) гьабиялъ берзул канлъи цIодор гьабула, бадиб лъураб накIкI тIаса босула ва берал чвахиялдаса цIунула. Гьелъул кьарияб гьан кванаялъ рищалабазул унтиялдаса цIунула. Зебраялъул гьан кванаялъ кутакалда кумек гьабула щукIдузул унтиялъеги. Ццин бахани ботIрода ва магжида бугеб тIехI инабула, ццин гьекъеялъ къаси бусада кIущиялъул унти сах гьабула», - ян.

ТIадегIанав Аллагьас кинабго рекъезабун, тадбиралда бижун буго. Къуръаналда Аллагьас абуна (магIна): «Жинца махлукъ бижарав Халикъасда махлукъалъул хIал лъачIого букIинищ?» - ян. (Суратул «Мулк», аят 14).

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...