ЗахIмат бихьичIого рахIат букIунаро

Нилъеца гIемер бицуна кваналеб нигIмат химикатаздаса бацIцIадаб букIине кколин, тукабаздаса босараб жо сундулъалиго ччураб, щибалиго жубараб бугин абун. Гьелъул цIакъго мухIканаб хIакъикъат лъачIониги, гьедин батизеги рес буго. Амма гьедин бугинги бицун, гьединаб квенги хIалтIизабун ругони, хIасил щибха кколеб? Щибго кколаро, гIадада заман чIвай гуреб.
Гьединлъидал щивав, ай рес бугев чияс чара гьечIого хIалтIизабизе ккола жиндирго хур, пастIан ва ах. Гьаб заманалъул унти буго рекьулел, рухъулел бакIал рехун тей. Цере умумуз хIалтIизарулел рукIарал гIемерисел хурзал гIурдаде руссун, хIатта боцIи кваналеб гIалахалде сверун руго гIемерисел росабалъ.
ГIажаибаб жо гьечIищ, бацIцIадаб тIагIам бокьиги, хур хIалтIизабичIого тейги. «ЗахIмат бихьичIого рахIат бокьарас, бекьичIого лъилъе нилъ гьечIого хур» абун Инхоса ГIалихIажияс абухъе буго. Щай хур-хер рехун тарабилан цIехедал, цо кIалдисангIадин киназго абулеб буго гьанже гIадамазул яшавалъул даража борхун бугин, гьелде ккун гьечIин абун.
Гьеб битIарабги батила, кинаб рокъове вакканиги гьарзаял тIагIамал камураб бакI батулеб гьечIо. Амма гьелъ гуккулелцин гьечIодай нилъ? Щайгурелъул, гьаб заманалда базаралда яги тукабазда бичулеб тIагIамалъулъ инсанасул сахлъиялъе заралияб гIемераб химия бугелъул.
Гьелъ инсанасул черх цониги унтуде данде чIезе бажарулареблъун, загIипаблъун лъугьунебги буго. Хур-ах хIалтIизабиялда жаниб чорхое ва сахлъиялъе ругел пайдабазул баян гIатIидго тохтурзабаз ва тIабитIаталда хурхарал гIелмабазул вакилзабаз гIемер бицунеб рагIула нилъеда. Гьелда тIад нилъ ургъуларо. Цебе бицун букIаниги, гьанжеги ракIалде щвезабилин гъветIхер хIалтIизабиялде исламалъ кьолеб кIвар.
ГъветI чIей, рекьи гьаби
ГьабсагIаталда халкъалъ пайда босулеб бугеб гIемерисеб пихъ бижула нилъер умумуз бекьун гIезарурал гъутIбузда. ГъветI чIеялъе гьеб гурони цоги пайда лъачIониги, гьебги гIелаан гьеб иш хирияб букIин лъаялъе.
Аллагьасда аскIоб гъветI хIурматияб ва къимат бугеблъун букIин нилъеда бичIчIизелъун, Аллагь хирияб Къуръаналда гъветIалдалъун гьедана. ХIатта ТIадегIанав Аллагьас хирияб Къуръаналда анцI-анцI бакIазда рехсей гьабун буго гъотIол хIакъалъулъ.
Гьединго Аллагьас гъотIодалъун мисал бачун буго хирияб Къуръаналда Жиндирго хIалкIвей гIадамазда бичIчIизабизе. Цоги сураталда Аллагьас бицунеб буго аварагас муъминзабазул гьабураб къотIиялъул хIакъалъулъги.
Гьеб вакъигIат бицунаго Аллагьас абулеб буго (магIна): «Гьез дургун къотIи гъотIода гъоркь гьабидал», - абун.
ГъветI чIей хирияб букIиналъул хIакъалъулъ гIезегIан хIадисал руго. ГъветI чIей ккола хирияв аварагасул ва цере рукIарал лъикIал гIадамазул нух.
Салманул Фарисица бицун буго: «Лагълъиялдаса дун тархъиялъе шартIлъун бихьизабуна щунусго пихъ кьолеб гъветI дица гIезаби, гьеб гIедал дун узденавлъунги лъугьунаан.
Дица гьеб шартIалъул аварагасда бициндал, гьес абуна: «Дуе чIезе бокьун батани, дуца дие изну кье, дица чIела гьел гъутIби», - абун. Изну кьедал, хирияс цо хутIизегIан киналго гъутIби чIана, цо гъветI дицагоги чIун букIана. Кинабго гъветIалъ пихъги кьуна, дица чIаралъ хутIизегIан».
Аварагас жиндирго квералъ гIемерал гъутIби чIана, хIатта гьесул хириял квераз чIарал гъутIбуздаса чIараб сагIаталъго пихъги кьун гIадамаз кваналебги букIана. Жинцаго чIеялда гIей гьабичIого хирияв аварагас нилъ ахIана ва гьесизаруна гъутIби чIеялде.
«Бусурбанчияс гъветI чIани яги рекьи гьабуни ва цинги гьеб гIадамаз яги хIайваназ кванани, гьесие гьелъухъ садакъа кьурабгIан кири букIуна», - ян буго Муслимица бицараб хIадисалда.

Гьебго хIадисалъул цоги риваяталда буго: «Бусурбанчияс гъветIги чIун гьелдаса кванараб, бикъараб, хIинчI-гъедоялъ, хIутIхъумуралъ, гIалхул жанаваралъ хъамураб, цогидав чияс босараб жо садакъа ккола», - ян.
Абу Аюбил Ансарияс бицараб хIадисалда буго: «Жинца гъветI чIарав чиясе Аллагьас кьола гьелдаса бахъараб пихъил къадаралда кири-даража», - ян.
Инсан хун хадуб гьев хабалъ вукIаго гьесие кири бачIунел жалазул анкьгоялда гьоркьоб аварагас рехсолеб буго гъветI чIей. Анас бин Маликидасан бицун буго, аварагас абунин:
«Нужер цоясда къиямасеб къо чIолеб бихьани ва гьесда кодоб гъотIол чIорги бугони, гьесда гьеб чIеян абе».
ГъутIби нилъеца гIемер чIеялде ахIулеб жоялдасан ккола, хирияв МухIаммад аварагасе къиямасеб къоялъ шапагIат гьабизе изну кьезе бугила дунялалда ругел гъутIби рикIкIун, ай гьезул къадаралда. Гьединлъидал нилъеца гъветI гIемер чIанагIан шапагIат щолел гIадамалги цIикIкIуна.
ГъветIалда хурхараб аварагасул мугIжизат
ГIали асхIабас бицун буго жив аварагасда цадахъ Макка шагьар бахун къватIиве унаанин. Жал мугIрузда ва гъутIбузда аскIосан унаго гьез абулаанин: «Ассаламу гIалайка, я Расулаллагь», - абун. Цоги мугIжизат буго хирияв аварагас ахIидал гъветI гьесда аскIобе бачIиналъул хIакъалъулъги.
Цо нухалъ хирияв авараг пашманго вукIана. Маккаялъул гIадамаз кьабиялъ гьесул гьурмадаса бачIунеб биги букIана. Цинги зобалаздасан ЖабрагIил малаикги вачIун, хириясда гьикъулеб буго: «Щиб дуе ккараб?» - абун. Аварагас гьесие жаваб кьолеб буго: «Гьаз дие гьабги, гьабги гьабуна», - абун. Цинги ЖабрагIилица аварагасул ракI гIодобе биччазабулеб буго: «Цо мугIжизат бихьизабизе бокьилищ дуе?» - абун.
Бихьизабейин аварагас абидал, ЖабрагIил кIкIалалда нахъа бугеб гъотIохъ балагьана ва аварагасда абуна, гьеб духъего ахIеян. Хирияс ахIидал, кьолболъаги бахъун аварагасда цебе чIана гъветI. Гьанже нахъбуссинабеян ЖабрагIилица абидал, аварагас гъотIода абун буго: «Мун тIадбусса», - ян. ГъветIги жибго букIараб бакIалде тIадбуссана. Нилъер хирияс ракIбохиялъ абун буго малаикасда гIелин абун. (Ибну Мажагь).
Имам Муслимица бицараб хIадисалда буго, цо къоялъ аварагасда цадахъ унел рукIанила жал. Гьедин унаго щванила кIудияб кIкIал бугеб бакIалда. Цинги хирияв жиндирго хIажат тIубазе рикIкIадегIан анила.
Гьесда хадув, лъимги кодоб ккун, дунги вукIанила. Цинги Бичасул авараг сверухъе балагьанила. КигIан балагьаниги вахчизегIадинаб бакI бихьичIила, амма кIкIалал рагIалда букIанила цо гъветI, цогидаб рагIалда букIанила цоги гъветI.
Цояб гъотIоде аскIовеги ун, гьелъул гIаркьелги ккун, хирияс абунила: «Аллагьасул изнуялдалъун дида хадуб бачIа», - абун.
Бухьараб варани гIадин гьеб гъветI аварагасда хадуб бачIанила. Гьедин гьеб гъветIги бачун авараг щванила гъобцояб гъотIохъе. Гьебги, гIаркьелги ккун, гъобцоябго гIадин хадуб цIанила аварагас .
КIиябго гъветIалда аварагас абунила: «Аллагьасул изнуялдалъун дида сверун лъугьа», - абун. Гьеб мехалда хирияв сверун вахчизавунила гьел гъутIбуз.
Хур бекьиялъулги гьебго хIукму буго, дагьаб цебе бицараб хIадисалда гьелъул бицен букIана. Балагьеха, хIурматиял вацал ва яцал, нилъеего пайдаялъе, магIишат цIикIкIиналъе гъутIби чIеялъухъ ва хур бекьиялъухъ БетIергьанас кьолелщинал даражабазухъ. Пихъ кьолареб гIурччинлъиялъул ва пихъ кьолареб бугониги гъветI чIеялъулги буго гьебго кири.
Аллагьас кумек гьабеги! Амин!
ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ