Аслияб гьумералде

Риидалил тарбия

Риидалил тарбия

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана исанаги лъималазул цIали рагIалде бахъараб заман. Лъабабго моцIалъ лъимал рукIине руго эркенго ва хIалхьиялда. Лъиего балъгояб жо гуро халатбахъараб рахIат пайда бугеб жо кколареблъи. Гьединлъидал нилъеца балагьизе ккола лъималазе пайдаги цIикIкIараб, рахIатги хвезабулареб программа.

 

Гьале чанго сон буго Дагъистаналъул муфтияталъ гIуцIулеб бугелдаса школлъималазе гIодоркъоязда рукIаго мажгитазде рачIун исламияб лъай кьеялъул хIалтIи. Гьелда гъорлъе уна цохIо иман-ислам лъазаби гуребги, цогидалги лъай кьеялъулгун лъималазул пикру лъадариялъул батIи-батIиял тадбиралгун къецал.

Дагъистаналъул муфтияталъул лъай кьеялъул хIалтIи гьабулеб отделалъ гIуцIун буго хасаб программа. Данде гьабун буго хасаб литератураги. Мажгитазул имамзабазегун мактабазул жавабиязе бигьалъиялъе гIуцIараб программаялда рекъон хIалтIани, хIасилалги лъикIал рукIина.

Гьелда жаниб бугеб аслияб лъикIаб рахъ буго, тIолабго Дагъистаналъго цогояб программа хIалтIизабун, цо пикруялда сверухъ цолъи. Дагьал цересел соназ нилъер щибаб росулъ букIунаан батIи-батIияб программа. Гьебги букIана щивав мугIалимас, имамас жиндирго пикру щвараб бакIалдасан гIуцIараб. Гьелдасаги лъикIаблъун, цебетIураблъун ккола муфтияталъ бихьизабураб низамалда хIалтIи. Гьелъул хIасилалги гIезегIанго церетIурал руго.

Мажгитазде лъимал ритIичIони тIубараб къоялъги кьижун, къаси нахъалъизегIан къватIал сверулел рукIуна. Муфтияталъул риидалил программаялъ лъимал цIунулел руго кинабгIаги гьезул игIтикъадалъе кколеб заралалдаса. Гьединго рикIкIад гьаризе хIаракат бахъулеб буго къваригIел гьечIел ишазда тIад заман хвезабиялдаса.

ГIун бачIунеб гIел буго нилъер хазина. ГьедигIан къимат тIокIаб жавгьар гIадада хвезаби гIакълулъун кколаро. Лъималазе бокьулеб гьечIила, радал рахъине захIмалъулеб бугила, кидагойищ цIалделел гьел рукIинел, риидалил заман рахIаталъул мех гурищин абуралда релълъарал пикрабаз лъимал мажгиталде ритIичIого теялъ рес буго гьезул букIинесеб гIумруялъе кIудияб зарал ккезе. Кинин абуни, щибго тарбия гьечIеб лъимер кIудияб гIуни, иман-исламги гьелда малъун гьечIони, адаб-хъатирги гьоркьоса биччан бугони, гьелъие квешлъиялдехун ине щибго нахъчIвалеб жо букIунаро. Цо яги кIиго нухалъ квешалгун ккани, гьениса къватIиве ворчIиги кутакалда рес гьечIеб жо буго.

Метерисеб къоялъ лъимал наркоманиялъул асирлъиялдаса хвасар гьарулел, гьекъел-мехтелалдаса дараби гьарулел, туснахъалдаса хвасар гьарулел рукIинегIан, жеги гьел гьитIинго рукIаго исламияб тарбияги кьун, гьелъул пихъидаса пайда босулел рукIин лъикI гьечIищ?

Узухъда, гьезие бокьичIого букIине рес буго жакъа мажгиталде ине. Гьединго рес буго киналгIаги багьанабигун гIузараби ратун тарбия кьеялдаса тIуризе хIаракат бахъизе. Амма гьелъул зарал дагьаб нахъа гурони бихьуларо.

РуцIцIун чIезе, квалквал гьабичIого букIине, руссун рукIине, «лъай камиллъизе» абурал гIиллаби кьочIоеги росун, лъимал телефоназда жанир теялъ гьезул гIакълуялъул цебетIей лъикIаланго нахълъула, телефон гьечIого гIумру гьабизе кIолареб унти ккола. Гьайгьай, гьединаб наслу тани, жамгIият загIиплъула.

Гьеб киналдасаго хвасарлъи буго риидалил гIодоркъояз лъимал мажгитазде цIализе ритIиялде тIадчIей гьабуни.

Аллагьас кумек гьабеги!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


Бергьенлъиялъул къо

Дагъистаналъул тарих ккола гIасрабаз жидерго ракьал ва рухIиял къиматал цIунараб халкъазда гьоркьоб бахIарчилъиялъул ва къвакIиялъул цIар араб ракь. Бищун захIматал балагьазул заманалда Дагъистаналъул бусурбаби цогидал халкъазул ва диналъул вакилзабазда цадахъ рахъана хIажатазе кумек гьабизе ва...


Ингушазул кумек

ТIабигIияб балагьалъул хIаси-лалда къварилъиялде ккарал дагъистаниязухъе кумекалъулаб квер бегьаразда гьоркьор руго ингушалги. Дагьал церегIан къоязда Ингушетиялдаса Дагъистаналде кумекгун рачIун рукIарал ингушазул цо къокъаялда гьоркьор СурхIахIи росдал имамасул наиб ГIумар Нальгиев ва жамагIатчи...


Балагьаздаса цIуниялъе

Жакъа нилъ киналго руго Дагъистаналда ккаралъул нугIзаллъун. ГIемерал гIадамал захIматаб хIалалде ккана, гьебги, щаклъи гьечIого, ТIадегIанав Аллагьасул рахъалдасан бугеб хIалбихьи ккола.   ХIакъикъаталдаги, гьаб дунял бижунго букIана хIалбихьиялъул бакI хIисабалда. Нилъер бугебщинаб жо -...


КIудияб бергьенлъи щвела

ЗулкъагIида ккола бусурбабазул моцIрол календаралъул анцIила цоабилеб. Жибго «къагIада» абураб рагIул магIна ккола «гIодов чIей», яги хIалтIи гьабичIого чIей. Гьедин моцIалда цIар тарабги букIана гьеб заманалда гIадамал рагъ-кьал гьабиялдаса нахъекъан чIолеллъун...


Нужее баяналъе

  Киталъул чохьониве щив авараг ккарав? – Юнус авараг. Маккаялъул сураби чан ругел? – 85. Мадинаялъул сураби чан ругел? – 29. МоцI чан нухалъ рехсараб Къуръаналда? – 12 нухалъ. Къуръаналда бугеб бищун кIудияб къиса щиб? – Юсуф...