Аслияб гьумералде

КIалбиччаялъул байрам

КIалбиччаялъул байрам

ХIурматиял диналъул агьлу, гьале исанаги ахиралде щвана хирияб рамазан моцI! Нилъее кигIан бокьаниги цо моцIалдаса тIаде халат бахъун гьеб чIоларо. ЛъугIизего лъугIулареб жойин нилъеда кканиги, нахъ балагьилелде ун батула гьеб. Гьединго унеб, жеги лъикI бекерулеб буго нилъер гIумруги. Гьаб моцIалда жаниб гьабизе бажарараб гIамал буго нилъее хутIулеб жо ахираталъе. Амма гьаб моцIги гIадада биччана ракI бухIигун хIасрат гурони хутIуларо Аллагьасда цере рахъараб къоялъ. Гьелде тIадеги нилъер гIемерал гъалатIал ккун ратизе бегьула гьаб моцIалда жанир. Гьелдаса тавбуги гьабун, хадусел моцIазги гьабулеб гIибадат камизе течIоо рукIине ниятгун тIобитIизе ккела калбиччаялъул гIидалъул къо.

Байгьакъияс хъвалеб буго ШафигIияс бицанин, жинда рагIанила Мадинаялъул агьлуялъул чIахIиял чагIи, шайихзаби рукIунаанин Аварагасул мажгиталда данделъун, гIидалъул сордоялъ дугIа гьабулел, Аллагь ﷻ рехсолел сардил цо бутIа инегIан. Мажгиталде ун щиб, рокъорго рукIун щиб, гIидалъул сордоялъ гIибадат-гIамал гьабизе, Аллагь ﷻ рехсезе, дугIа гьабизе лъикIаб буго. АсхIаб ибну ГIумарица гIидалъул сордо борчIулеб букIанин абураб хабар щвана дихъейилан абун буго имам ШафигIияс.

Абу Умамат асхIабасдасан бицана Аварагас ﷺ абунин: «Аллагьасдасан ﷻ кири тIалаб гьабун гIидалъул сордоялъ тIаде вахъарав чиясул, ракIал холеб къоялъ ракI хвеларо», - ян (ибну Мажагь). Гьединлъидал бажарарасе гьеб содо борчIизе суннатаб буго. КIалбиччан сордоялъул хиралъиялдасан буго, гьеб сордоялъ гьабураб дугIа къабул гьабулеб букIин.

ШафигIияс абуна: «ДугIа щуго сардилъ къабулеб букIуна: 1) рузман сордо, 2) къурбанкъоялъул сордо, 3) кIалбиччан сордо, 4) ражаб моцIалъул тIоцебесеб сордо, 5) шагIбан бащалъараб сордо», - ян.

ГIидалъул къоялъ гьаризе суннатал жал

– Суннатаб буго черх чуризе. Гьелъул гIужги гIидалъул сордо бащалъаралдаса кIалбиччанкъо лъугIизегIан халатбахъуна. Амма бищунго хирияб буго кIалбиччан къоялъул рогьел баккун хадуб черх чуризе. Ибну ГIабасица абуна, Авараг r кIалбиччан къоялъги къурбан къоялъги чвердолаанин.

– Малъал къунцIиялдалъун рацIцIалъи гьабизе суннатаб буго, гIузру батичIони, цо квералдаса къунцIун, цогидалдаса къунцIичIого тезеги карагьатаб буго. КъунцIун рахъиндал, кверал хехго чуризеги рекъараб буго.

– Къвалакьаги гIавраталдасаги рас инаби. МагIарзухъ бижараб рас бетIизе карагьатаб буго. ХIажат ккани - къунцIила.

– ГIурал ругони, михъалги кIутIбузул багIарлъи бихьизегIан къокъ гьарила. Гьединго черхалданиги кIалдибниги рокьукъаб махI бугони, гьебги инабила. Суннатаб буго берцинаб махI гьабизе. Бихьиназе - махI гучабгIан лъикIаб буго. Руччабазе – махI ссварабгIан лъикIаб букIуна.

– Бищунго лъикIаб, берцинаб, цIияб, гьединаб батичIони чурараб, бацIцIадаб ва хъахIаб ретIел ретIун къачIа-кIатIазеги лъикIаб буго гьеб къоялъ, цIияб букIин шартI гьечIо. Амма бищунго беццулеб хъахIаб ретIел буго. Руччабаз цIакъго бадибе рехулеб кьералъул, канчIаб ретIел ретIинаро. ГIицIго чIегIераб ретIинеги суннатаб гьечIо.

Гьеб ретIиялъулъ хиралъиги гьечIо. ХIатта гIалимзабазул цо жамагIаталъ карагьатаблъунцин рикIкIана гьеб. Гьал рехсарал суннатал къватIиве вахъунесеги, рокъовго хутIарасеги, гьитIинасеги кIудиясеги, гIидалъул как базе унесеги, унаресеги, ай киназего гIамм гьабун суннатал руго.

ГIидалъул как базе иналде суннатаб буго щиб бугониги кваназе. Гьеб кваналеб жо чамасдак букIинеги, витруялдалъун кваназеги суннатаб буго. Анасидасан бицана Авараг ﷺ кIалбиччан къоялъ гIидалъул как базе унароанила чамасдак кваначIого. Гьелги витру гьабун кунаанила (Бухари).

Имам тун нахъиязе суннатлъула гIидалъул какде хехго рахъун ине. Имам абуни, как балеб гIуж щведал ина. Абу СагIид Худрияс бицунеб буго гIидалъул къоялъ Авараг ﷺ кватIун вачIунаанин ва гьениве щведал как базеги байбихьулаанин абун (Бухари).

Какде лъелго ине суннатаб буго. Нахъруссун батIияб нухдасанги рачIина. Жабирица бицунеб буго гIидалъул къоялъ Аварагас ﷺ нух хисулаанила (Бухари). ГIидалъул как мажгиталда базе суннатаб буго, гьеб хириябги бацIцIадабги букIунелъул. Амма гьенир къварилъулел ругони - карагьалъула, гьеб мехалъ авлахъалда бала. КIалбиччаялъул сахI гIидалъул как балалде бикьизе суннатаб бугелъул, гьелъие регIел ккезе как дагьаб кватIизабизеги суннатаб буго. Аварагас ﷺ Нажраналда вугев асхIаб ГIамрихъе кагъат хъван буго: «Къурбаналъул как цудунго бай, кIалбиччаялъул как кватIун (нахъбахъун) бай», - абун.

Гьединго суннатаб буго такбир бачине. Гьелъул гIужги гIидалъул сордоялъ бакъ тIерхьаралдаса байбихьун имамас гIидалъул как бухьинегIан букIуна. Гьеб заманалда жаниб такбир бачине суннатлъула гIисиназеги чIахIиязеги, руччабазеги бихьиназеги, рокъов вугесеги, сапаралда вугесеги. Цо хIал цоги хIалалде хисараб мехалъ, мисалалъе, данделъигIадаб цо бакIалде ин, тIадвуссингIадаб, машинаялда рекIин, рещтIингIадаб – гьеб мехалъ цIакъго суннатлъула такбир бачине. Бихьиназе гьаракь борхун бачинеги суннатаб буго.

ЧIужугIаданалъ жиндаго рагIуледухъ бачина. Гьеб заманалда бищунго жинде машгъуллъизе рекъараб гIибадатги буго такбир бачин. Кинниги гьалдасаги хирияб буго какда хурхараб такбир, ай как бан хадуб бачунеб. Амма гьеб такбир гIицIго къурбаналъул гIидалда бачуна, кIалбиччаялъул гIидалъе бихьизабун гьечIо. Такбир бачунеб къагIидаги гьаб буго: «Аллагьу акбар, Аллагьу акбар, Аллагьу акбар. Ла илагьа илла ллагьу Аллагьу акбар, Аллагьу акбар ва лиллагьил хIамд».

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Рос дихъ гIенеккуларо     Рос дихъ гIенеккуларо. Дица гьесда абула рокъоб цо ремонт гьабизе ккун бугин абун. Байбихьуда гьев рази вугин ккола, амма хадуб щибго гьабуларо. ЦIияб холодильник къваригIун бугин абидалги, босилин абула, амма босуларо. Щиб бугониги жо къачIазе кколин абидал,...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!     ГIабдулгъаниев Расул, 7 классалъул цIалдохъан, Хунзахъ росу. ГIабдулкъадиров МухIамадрасул, 7 классалъул цIалдохъан, Хунзахъ росу. ГIабдурахIманов Сайфуллагь, 9 сон, ТIохьотIа...


Наркотиказде данде

ЛъаратIа районалда, диниял хIаракатчагIазул квербакъиялдалъун, тIобитIана школлъималазе наркотиказда данде къеркьеялъул бицунеб дарс. Гьединаб мурадгун Гъараколоб росдал школалде рачIун рукIана ДРялъул муфтияталъул ЛъаратIа районалда бугеб лъай кьеялъул управлениялъул ва «Инсан»...


Цолъиялъулъ букIуна баракат

Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росдал жамагIатгун дандчIвана ДРялъул муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, миллияб политикаялъул рахъалъ министерствоялъул ва районалъул администрациялъул вакилзаби. Гьениб бицана цоцазе кумек гьабизе, цадахъ рекъон вацлъиялда рукIине ва хасго гьаб рамазан...


СВОялъулазе кумек гьабу-ралъухъ медал

Хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазе гьабураб ва гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ жамгӀияб шапакъат кьуна Дагъистаналъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъе.   РФялъул «Хранители России» абураб жамгӀияб гIуцIиялъул хӀукмуялдалъун гьелъие кьуна «За вклад в победу СВО» абураб...