Аслияб гьумералде

Кьаралъиялъул хIакъалъулъ Аварагас ﷺ абураб

Кьаралъиялъул хIакъалъулъ Аварагас ﷺ абураб 

Кьаралъиялъул хIакъалъулъ Аварагас ﷺ абураб

Хадур ккезе ругел лъикIал гурел ишазул хIакъалъулъ рачIарал хIадисазда буго имам Бухарияс ГIимран бин ХIусайнидасан бицараб: «Нужер бищун лъикIаб заман буго дун вугеб гIасру, гьелда хадуб лъикIаб ккола хадусеб ва гьелдасаги хадуб – хадусеб», - ян.

 

ГIимраница абуна кIицIулищ яги лъабцIулищали гьал рагIаби такрар гьарунин. Цинги абуна Бичасул Аварагас: «Гьезда хадур рачIине руго жидеца нугIлъи гьабулел, кинниги гьезул нугIлъи къабул гьабуларел. Жидеца хиянат гьабулел, жидеде божилъиги гьечIел. Жидеца щиб бугониги жо назру гьабулел, амма гьеб тIубазабуларел. Гьезда гьоркьоб тIибитIизе буго кьаралъиги», - ян. (Аль-Бухари,6695; Муслим, 2535)

Гьаб хIадис баян гьабулаго гIалимзабаз абуна, кьаралъи лъимер гьабиялдасаго бугеб яги цо кинаб бугониги унтиялъе гIоло бугеб риццалъи гурин, гьеб бугин гIемер кванаялдалъун, гIемер рахIатал росиялдалъун, тIасан ккеялдалъун бугеб кьаралъи абун.

ХIадисалда гьеб кьаралъи рехсей ккола Бичасул Аварагасул мугIжизатазул цояб. Гьелда рехсон руго Авараг ﷺ дунялалдаса накълулъун хадур ккезе ругел жал. Жакъа нилъеда бихьулеб буго гIемерисеб халкъ кьаралъиялъ ккун букIин. Тохтурзабаз абула гьаб заманалда раккун ругел гIемерисел унтаби кьаралъиялъул хIасилалда раккарал ругин абун. Цебе заманалда, хасго чехь цIезегIан квен щолареб мехалда, гьанже ругел унтаби лъалароан, хIатта рак унтицин букIун гьечIо. Кваналеб жо цIикIкIанагIан, рахIат гIемерлъанагIан инсан кьаралъун вачIуна. Гьелдаго цадахъ унтабиги раккула. Дунялалъулго сахлъи цIуниялъул гIуцIиялъ (ВОЗ) лъазабуна кьаралъи бугин миллионал гIадамал унтараб унтиян.

Ахираб 50 соналда жаниб хехго цIикIкIана кьариял гIадамазул къадар. Гьаб хIал хисичIони, ай гьабго хехлъиялда кьариял гIадамал цIикIкIунел ругони, 2035 соналде дунялалъул 50 % гIадамазул кьариял рукIине руго.

Кьаралъи цохIо чIахIиязулъ гуреб, гIун бачIунеб гIелалда жанибги гIемерлъулеб буго. Дагьаб цебе заманалда гIадамал кьаралъи гIемер халлъулеб букIинчIо. Ахираб 25 соналда жаниб гьеб унти дунялалдаго цIикIкIана.

Тохтурзабазул баяналда рекъон, гьелъие бугеб аслияб гIилла ккола инсанас кванил тадбир рекъезабунгутIи, гIемер кванай, черхалъе заралиял гьуинлъаби ва цогидалги тIагIамал, фастфудал хIалтIизари. Гьелде тIадеги, рагъа-рачари дагьлъи.

Исламалда рихьизарурал хасал къоял руго кIал кквезе. Анкьида жаниб итнигун хамиз къо. МоцIрол авалабгун бакьулъ ва ахираб лъабго къо. МухIарамалъул, зулхIижалъул анцI-анцI къоял. ТIубараб рамазан моцI, гьединго ражабгун шагIбан моцIал. Гьел гIужаз кIалал кквезе хIаракат бахъулев чиясда кьаралъи хъинтIиларин абураб хьул буго.

 

ГIиса МухIаммадов, Бабаюрт росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...