Аслияб гьумералде

Аварагасда ﷺ цадахъаб хIеж

Аварагасда ﷺ цадахъаб хIеж

Аварагасда ﷺ цадахъаб хIеж

ГIибадаталъе бищун хирияб ракьлъун гьабун буго БетIергьанас ﷻ жиндир хирияв авараг МухIаммад ﷺ дунялалде вачIараб Макка-ХIарамалъул ракь. Цогидаб бакIалда гьабураб гIибадаталде дандеккун, гьениб бараб цо как I00 азаргоялда бащалъула. Исламалъул щуабилеб рукну тIубазе бихьизабураб ракьги Маккаялъул ккола.

 

ХIеж тIубай инсанасул гIумруялда жаниб щивав бусурбанчияс цо нухалда гьабизе кколеб рукну букIин хIисабалдеги босун, щибаб соналъ гьенире ине рес рекъечIого яги парз борхизе унел цере риччазе кколел мехал рукIине рес буго. Аллагьас ﷻ нилъ гьеб мехалдаги рехун тун гьечIо. Лъиего балъгояб жо гуро хIеж борхи зулхIижжаялъул 9-абилеб къоялда букIине кколеблъи. БетIергьанас ﷻ нилъее рес кьун буго тIубараб соналъго гIумра гьабизе.

ГIумраялъул хиралъи бицун рачIарал Аварагасул хIадисал гIемер руго. Хирияб хIадисалда буго: «Аллагьасул лъабго къапила буго: хIеж, гIумра ва гъазаваталда вугев чи», - ян.  Абугьурайратидаса бачIараб хIадисалдаги буго: «КIиго гIумраялда гьоркьоб ккараб мунагь кафаратлъун буго. Къабулаб хIежалъе Алжан кьей гурони цогидаб жазаги гьечIо», - ян. Рамазан моцIалда жаниб гIумра гьабизе хасаб хиралъи бицун буго. Муслим ва Бухарияс ибну ГIабасидасан  бицараб кьучIаб хIадисалда буго: «Бичасул Расулас ﷺ ансариязул цо чIужугIаданалда цIехана, щайин мун нижеда цадахъ хIежалде йилъинчIейин. Гьелъ жаваб гьабуна, нижер букIанин хурибе лъим баччулеб кIиго варани, гьезул цоябги бачун хIежалде анин росги васги. Цояб лъим баччизе тезе кканин. Гьедин дунги гъоркь хутIанин. Гьанже рамазан моцI бачIиндал гIумраялде а мун, гьелъухъ дида цадахъ хIеж гьабураб гIадаб кири щвела», - ян.

Лъие щолеб жо диналъул вацал, хирияв Аварагасда ﷺ цадахъ хIеж гьабизе? Гьалеха, кьучIаб хIадисалда рекъон гьеб щолеб буго рамазаналъ гIумра гьабурав чиясе.

Имам Бухарияс «ФатхIул бариялда» жаниб живго Аварагас ﷺ жиндир гIумруялда жаниб цониги нухалъ рамазаналъ гIумра гьабичIолъиялъе гIиллалъун бачунеб буго цогидаб заманалдаги гьеб гIумра гьабизе бегьи халкъаялда лъазеялъе гIоло букIанин, щайгурелъул, жагьилияб заманалда гьукъараблъун рикIкIунеб букIиналъ гьеб. Гьединлъидал, живго Авараг ﷺ гурев цогидасе рамазан моцIалъ гьабизе хирияб буго гIумра. Цоги хIадис буго: «Рамазаналъ гьабураб гIумра хIежалда бащалъула», - ян. Гьелъул магIна ккола кириялъулъ бащалъулин абураб, амма хIежалде инчIого гьеб лъидасаниги тIаса кколаро. ГIумра гьабунин абун тIалъулеб хIежги букIунаро. ХIеж тIалъула гьелъие киналго шурутIал ругев чиясда.

Гьелъ, гIумраялде ине ракIалда букIарав чияс гIамал гьабизе бегьила Рамазан моцIалде гьеб ккезабизе. ХIадурлъи гьабизе гIураб заманги буго. Бажарарав чияс гьабуни, кириги щаклъи гьечIого щвела.

БетIергьанас ﷻ киналго ахIун ратеги гьеб хирияб ракьалде! Амин!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...