Аслияб гьумералде

«Ас-салам» - рахьдал мацIалда

«Ас-салам» - рахьдал мацIалда

«Ас-салам» - рахьдал мацIалда

ХIурматиял «Ас-салам» казият цIалулел бусурбаби, магIарулал. 21 февраль ккола тIолгодунялалъулго рахьдал мацIалъул къо. 2000 соналдаса нахъе гьеб къо кIодо гьабулебги буго. Щибаб милаталъул вакилзабаз гьелда сверухъ гIуцIула батIи-батIиял программаби ругел данделъаби.

 

Гьаб замана анагIан къойидаса къойиде нахъе кколеб буго рахьдал мацI цIуниялъул иш. ГIун бачIунеб гIелалда гьуинлъулеб буго болмацI. Цо-кIиго кьер хисани рахьдал мацI лъалев чиго хутIиялдацин хIинкъи буго. Дагьаб цебе заманалда магIарухъ цIакъ щулаго цIунун букIунаан рахьдал мацI. Гьанже гьенибги мацIалъул кьили чахьикье биччан буго. ГIиси-гIисиназго гIурус мацI бицунеб буго. КIудиял гIуразги гьелгун гаргадизе ккедал гьебго гIурус мацI бицине колеб буго.

Дунялалдаго машгьурав шагIир Расул ХIамзатовасул машгьурал рагIаби руго:

Метер магIарул мацI хвезе батани,

Хваги дун жакъаго жаниб ракI кьватIун.

 

 

 

 

Гьел рагIабаз кIудияб хIалтIи гьабуна рахьдал мацI цIуниялъе. Расулил заманалда кIудияб хIинкъи букIун батичIониги, гьесда цебе тIамун букIун батила хадусеб гIелалъул гьеб мацIалда сверун ккезе бугеб къисмат. Гьесул буго магIарул мацIалда бахъараб бечедаб маданият.

Рахьдал мацI цIуниялда жанибе цого-цо магIарулалъ гаргади гуребги гIемераб жо уна. Хасго нилъер динул ислам умумузул заманалдаса бахъараб гIуцIун буго магIарул мацIалда. Гьединго магIарулазул бечедаб тарих, гIамал-хасият, яхI-намус цIуниялда сверухъ ругел гIадатал, гьел киналго уна рахьдал мацIалде жанире. МацI биларав чи ккола жиндир тарихгун миллат ва гIамал-хасият тIагIаравлъун. Цогидал миллатаздехун щибго рокьукълъи яги рихин букIун гуро нилъ ругел. Кинниги эбелалъул рахьдада цадахъ бачIараб мацIалдаса ва миллаталдаса цебесеб жо кинаб букIинеб? Щаклъи гьечIо, щивав бусурбанчиясе бокьизе ва кIодо гьабизе ккола гIараб мацI. Щайгурелъул гьеб буго Бичасул аварагасул ﷺ, Къуръаналъул ва Алжаналда жаниб букIине бугеб мацI. Гьелда хадусеб иргаялда жиндирго рахьдал мацIги бокьизе ва цIунизе ккеларищха. МагIарул мацIалда жанибги саламатаб процент гIараб мацIалъул жубан букIинги кIудияб рохел буго нилъее.

МагIарул мацI цIуниялъе лъикIаланго кIудияб хIалтIи гьабулеб буго нижер казияталъги. Гьале 28 соналъ къватIибе биччалеб буго магIарул мацIалда «Ас-салам» казият. Дагъистаналда магIарулаз гIумру гьабулебщинаб бакIалда тIибитIизабулебги буго гьеб. Гьайгьай, магIарул мацIалда «Ас-салам» казият хъвани ва гьеб цIализе хIаракат бахъани, магIарул мацI лъаялъе кIудияб кумек букIина. ХIатта гьев чиясе щвела кIиго пайда цадахъ, диниял ахIкамал лъай - цо ва магIарул мацI лъадари - кIиабилеб.

Аллагьас кумек гьабеги кинабго лъикIабщиналъе! Амин!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов,

магIарул мацIалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редактор

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....