Аслияб гьумералде

Бищунго лъикIаб диета

Бищунго лъикIаб диета

Бищунго лъикIаб диета

НигIматал гьарзаяб гьаб заманалъул бищунго кIудияб унти буго дагьаб квен кванаялде нилъго ругьун гьаризе бажарунгутIи. Умумузул заманалда гьадинаб къварилъи букIун батиларо, гьелъул гIаксалда, кванил къварилъи букIараблъи хIакъаб буго. Амма ахираб заманалдайин абуни, бищунго кIудияб гIунгутIилъун лъугьун буго кьаралъи. Тохтурзабазги абулеб буго гьеб бугин чорхол цIайи ва беэнлъи цIикIкIиналъул хIасилин абун. Гьединлъидалги батила, цIакъго гIемерлъун руго диетологал. Руго гьезда гьоркьор тохтурлъиялъул гIелму бугелги, руго чанго моцIалъул курсалги лъугIизарун, жалго ругьунлъаралги. Гьединазул малъа-хъваязул хIасилазги гIемер рохизарулел гьечIо.

 

Гьаб макъалаялъул мурад кколаро киналго диетологал каки ва гьездаса гIадамазул ракI буссинаби. Аслияб мурад буго исламияб диналъ гьелъие кьолеб къимат бихьизаби.

ТIоцебесеб иргаялда, Бичасул Аварагас ﷺ кутакалда какараб жо ккола гIорцIизегIан кванай. Хирияб хIадисалда буго: «Адамил лъимералъ цIезабичIо чехьалдаса квешаб къвачIа, гьесие гIела кванил дагьалго лукъмаби жиндирго мугъ битIун чIезабизе гIолеб. ГьабичIого рес батичIони, чохьол лъабил бутIа квание, цогидаб - лъиналъе ва лъабабилеб бутIа гьаваялъе те», - ян.

Балагье, бусурбаби, гьаб хIадисалда какулеб буго хирияс ﷺ гIорцIизегIан кванай. Инсанасе рекъараб къадарлъун бихьизабулеб буго лъабил бутIа кванил.

РачIаха гьанже балагьилин нилъер бугеб хIалалде. ГIорцIаницин толаро квен, гьелда гIемер бер бахиллъиялъ.

КIиабизе, вакъун гурони кванангутIи. Бичасул Аварагасул ﷺ чехь кIиго къоялъ тIатIала пурчIинадул чедалъ гIорцIичIин хъвалеб буго тIахьазда. Балагье, нилъер кванаялде. ВакъизегIан чIолев чи кив вугев? Квен гьабун бугин абидал, кваназе тIадаб бугеб гIадин ккола нилъеда.

Лъабабизе, хириял хIадисазда нилъее хирияллъун рихьизарун руго лъагIалида, щибаб моцIалъ ва анкьида жаниб кIал кквезе хасал къоял. ЛъагIалида жанир ругел ккола мухIаррамалъул анцIго къо ва хутIараб моцI. Ражаб ва шагIбаналъул моцIаз кIал кквей. ЗулхIижаялъул микьго къо ва ГIарафа къоялъул кIал. Гьаниб рамазан моцI рехсолебго гьечIо.

Гьединго, щибаб моцI босани, тIоцебесеб, бакьулъ ва ахирисеб лъабго къоги. Итни-хамизалъул кIалалги.

Гьел кIалал кквезе нилъер ияхIги иманги гIуни, бащдаб моцI кIал ккун унеб буго. Гьедин ругони черхалда кьаралъи рекIинги, чорхол цIайи цIикIкIинги къанагIатаб жо буго.

Гьалеха, хIурматиял диналъул вацал, исламалъул диета. Гьеб цIунулев чиясе хIажалъи букIинадай цогидал диетабазул? Узухъда, букIинаро. Исламияб дин берцинго тIубазабиялда жаниб буго сахлъиги, диетаги ва яхI лъадариги.

РачIа, бусурбаби, исламалъул ахIкамал щулаго цIунилин ва хIалтIизарилин. Гьеб мехалъ, щаклъи гьечIого, БетIергьанас нилъ цIунула киналниги унтабаздаса ва балагьаздаса.

Аллагьас кумек гьабеги! Амин!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...