Аслияб гьумералде

БусурбанчIужуялъул ретIа-къай

 БусурбанчIужуялъул ретIа-къай

БусурбанчIужуялъул ретIа-къай

ХIурматиял бусурбаби, хас гьабун диналъул яцал! Лъиего балъгояб жо гуро бусурбанай гIаданалъул кинаб ретIа-къай букIине кколебали. Гьелъул пайдабазул гIемераб бицана. Гьелде тIадруссинаро. Аллагьасе рецц, къойидаса къойиде черх бахчараб ретIел ретIарал ясал цIикIкIунел руго. Гьеб буго кIудияб талихIгун рохел.

 

Бищунго гIажаибаб жо, черх бахчи лъикIаблъун рикIкIкунеб буго диналдаго гьечIел руччабазги, гьединго батIи-батIиял диназул вакилзабазгун гIелмиял цIех-рехал гьарулез. ГIемерал хIужаби руго Европаялъулгун бакътIерхьул улкабазда гIумру гьабун ругел руччабазги хIижаб ретIиялъул.

КигIанго захIмат бугониги, рес гьечIо нилъеда гьоркьор ругел цо-цо ригьалде рахарал гIадамазул хIижабалдехун бугеб агъаз гьечIеб бербалагьиялъул бицинчIогоги. Бищунго ракI къварид гьабула хIижаб ретIарай ясалда цадахъ черх цебе лъурай эбел халлъараб мех. Гьелдасаги пашманлъизе ккараб жо кинаб букIунеб? Гьелде тIадеги, кидаго эбел яги кIудияй эбел хIижаб ретIарай ясалъе, гьеб ретIунин абун, бадибчIваял гьабулел рукIин, кинаб гIакълуялъ гьеб жоги ритIухъ гьабулеб?

Гьединабго сурараб сурат букIуна шаргIияб куцалъ ретIа-къарай эбелгун уней черх цебе лъурай яс яги ясалъул яс йихьараб мехалда. Гьенибги гIайиб эбелалда гьабичIого чIезе кIолеб гьечIо. Щайгурелъул рухIгIан йокьулей яс жужахIалъул цIаялъ юхIиялда гьей разилъулей йихьиялъ.

Дунялалъул ургъелаз нилъеда ахират кIочон толеб буго. Хвезе рукIин ракIалдеги кколеб гьечIо. Тохлъукьего унтуца къвал жемараб заманалда аралда ракI бухIун хачади гурони, тIокIаб жоги батулеб гьечIо. Гьелъие бугеб даруги буго гьабулеб гIибадат гIемер ва бацIцIад гьаби. Гьеб мухIканлъизе ккани тIарикъаталъул устарзабазул тарбиялдеги лъугьун, гьез малъухъе тIагIат гьабиялдаса лъикIаб ишги гьечIо.

 

КАНТIЕ

Эбел-инсуца абула лъимал жидер насихIатазухъ гIенеккуларин абун. Амма гьезие кинабго дунялгун магIишатги гьабун, хIалтIулел ратула. Нилъ кантIизе ккеларищ, нилъеца гьабураб магIишат мекъаб нухде хIалтIизабуни яги хIарамалда тIад вугес пайда босулеб бугони гьелъулгогIадаб мунагь ва гIахьаллъи нилъееги букIунеблъиялде.

 

 

 

 

Кинниги бокьараб жо гьабизе ккани чара гьечIого хIажат буго кинабниги рахъалъул кумек. Гьединлъидал ретIа-къай шаргIалда рекъарай гьечIей гIага-божарай гIадан йихьидал рекъараб буго гьелда хIакъикъат берцинго бичIчIизабизе. Гьей битIараб нухде ячIиналъе рагIудалъунгIаги кумек гьабизе. Амма жиндирго лъимал цо рагIи абиялдалъун къокълъизе тезе бегьуларо. Нилъее кигIан гьел рокьулел ратаниги гьедигIанго къадаралда гьел битIараб нухде тIоритIиялда тIад хIалтIизе ккола. Кьурулъа гъоркье кIанцIизе гьел нилъеца риччаларелго гIадин, шаргIияб нухдаса кьуридалги ритIизаризе хIаракат бахъизе ккола. Эбел-инсуца абула лъимал жидер насихIатазухъ гIенеккуларин абун. Амма гьезие кинабго дунялгун магIишатги гьабун, хIалтIулел ратула. Нилъ кантIизе ккеларищ, нилъеца гьабураб магIишат мекъаб нухде хIалтIизабуни яги хIарамалда тIад вугес пайда босулеб бугони гьелъулгогIадаб мунагь ва гIахьаллъи нилъееги букIунеблъиялде.

Аллагьас кантIизареги лъикIабщиналде.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...