Аслияб гьумералде

Бекилалде бухьун лъикI бетIер

«Тик-токалде» жаниве щибаб къойил 800 миллион чи ваккулев вуго»

Бекилалде бухьун лъикI бетIер

Дунялалда гIумру гьабун вугев щивав чияс, жиндирго тадбир гьабиялда цадахъго, хадусел наслабазда лъикIаб ва талихIаб гIумрудул нухги бихьизабизе ккола. Инсанас живго битIараб нухде тIовитIиялъе хIаракат гьабизе кколебго гIадин, жиндирго наслаби ритIун ккезариялда тIадги хIалтIизе ккола гьев. Гьесул тасамахIлъиялъул хIасилалда гьез мекъаб нух тIаса бищани, гьесиеги букIуна гьез гьарурал мунагьазда бащадаб жаза.

ГIолохъанаб гIел мекъи ккеялда хIинкъи цIикIкIараб заман буго гьаб. Компьютеразулгун телефоназул техника цебетIунагIан гьеб хIинкъиги цIикIкIунеб буго.

Гьаниб бицине бокьун буго лъималаз телефонал хIалтIизариялъул ва гьелъул хIасилалда ккезе рес бугеб заралалъул. Лъимал рохизаризе бокьуларев чи цониги вукIунаро. Амма, гьел рохизариялъул ахIиялда гъоркь, кьурулъа гъоркье гьел ине бугеб ресалъул пикруги гьабулеб гьечIо. КIудикIудиял телефонал кьола лъималазухъе, гьезухъа гьел хIалтIизарун бажарулин, интернеталде лъугьине кIолин абураб чIухIиги рохелги букIуна умумузул гьурмаздаги. Лъималазул гьунараздаса вохуларев чи вукIунаро, гьеб буго БетIергьанас щивав чиясда жаниб лъураб тIабигIат.

Амма цо рахъалдасан балагьунги тIубалел гьечIо. Цояб рахъалда лъикIлъи батани, цогидаб рахъалда анцIго квешлъи батулеб буго. Заманалда кантIичIони, хадуб кватIунги ккола.

Лъимал гуккулеб социалияб гьинлъун лъугьун буго «Тик-ток». Нилъер лъималги гьелда жанир къан руго. Гьелъул аслияб гуккиги буго хIалтIизабизе бигьалъи, жанибе видео яги сурат реххизе цIакъго бигьаял шартIал рукIин. Гьелда жанир рукIуна челленджал абурал видеороликалги, цо кинаб бугониги гьадингояб жо гьунар гьабулеб гIадин бихьизеги гьабун, нужецаги хIалбихьеян рагIа-ракьанде щун, цогидазги гьабизе букIинелъун малъулаго бихьизаби. Нилъер лъималаз гьеб такрар гьабулеб буго, гьединго, видео бахъунги добего битIулеб буго.

Гьел видеороликазда рукIуна толохIочал ясал, батIи-батIиял кьераз расал релъарал, кIилкIал рарал васал. Гьединал жалазухъ гIемер балагьиялъ, гьеб гIадатияб ишиланги ккун, гьелъулъ щибго сурукълъи бихьулареб бакIалде рачунел руго. Гьел роликазда гьоркьоб хIалтIизабула чорокаб калам, гьебги махсара хIисабалда. ГIемер рихьизарула лутIил къавмалъул нухда ругезул роликал.

Куфруялде инсан вачунел, ислам рихиналде цIалел лахIзаталги гIемер рукIуна видеороликазда жаниб. Гьелъул хIасилалда ислам рехун тарал, мажусиязул яги насраниязул дин берцин бихьаралги гIолилал раккулел руго.

РукIуна роликал тверк абурал, ай чорхол лугбал, хасго мугъалда гъоркьияб рахъ сорозабун гьабулел кьурдаби. Гьеб бихьарал лъимал гьелъулги хIалбихьи гьабизе лъугьуна. «Тик-токалде» жаниве щибаб къойил 800 миллион чи ваккулев вуго. Гьедин пасат гьабулеб буго гIолохъанаб гIел.

Гьединлъидал хIурматиял казият цIалулел, бусурбаби, рачIа нилъерго гIун бачIунеб гIел гьеб пасалъиялдаса цIунизе Аллагьасул къуваталдалъун жигар бахъилин.

Цоги, цIакъ бокьилаан гьабго темаялда нужерго пикраби, нужеда бихьа-тараб нижехъе хъвани. Нижецаги казияталда бахъила. Щайгурелъул, нилъер мурад буго Аллагьасул нухги щулаго ккун нилъер наслаби исламалъул нухда куцай. Гьелда жаниб кинавго чияс бутIа лъуни, беццараб букIинаан.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...