Аслияб гьумералде

Вабаалдаса цIуна-къай

Вабаалдаса цIуна-къай

Дунял буго къварилъабазул ва захIмалъабазул рукъ. Гьанибго рахIат тIалаб гьаби кIудияб ахIакълъиги буго. Амма нилъеца гьеб рагIул миллат гьабичIого кинабго къуват кьола дунялалдаго рахIатаб гIумру гIуцIизе. Кинабниги шагьикапекги гьелде биччала, гIакълугун пикруги гьелда тIад хIалтIизабула.

Гьелъул хIасилалда захIмалъулеб буго нилъее кинабгIаги къварилъи хIехьезеги. Цо гьитIинабгIаги санагIалъи гьечIолъи кIудияб балагьлъун бихьарабгIадал тадбирал гьарулел руго. Гьеб кинабго буго инсанасул рокьи дунялалде цIикIкIун, ахират кIочараб мехалъул хIасил.

Ахират бокьизе ккани чара гьечIого гIибадат гьабизе ккола, кигIан кIваниги гIемер. Нилъехъа гьаб заманалда лъугьунареб жоги гьеб буго. Нилъерго такъсиралъеги мукIурлъун, цебехун ккараб гъалатIалдаса тIаса лъугьайин БетIетIергьанасдаги гьарун, лъикIаб гIамал цIикIкIинабизе яхI бахъизе щулияб къасд гьабизе ккела щивав чияс.

Дунялалда кколел захIмалъабазул цояб буго гьаб заманалда нилъеда гьоркьоб ва тIолабго дунялалда тIибитIун бугеб вабаъалъул унти. Араб соналдаса нахъе чанго нухалда тIад буссараб гьелъ гIезегIанго чи унтана, гьеб щвечIев чиги хутIунго ватиларо.

Гьеб унтиялъул хIасилалда дунял тун аралги ккана. ГьабсагIатги гьеб тIибитIиялъул завал буго. Гьединаб заманалда щибха нилъеца гьабизе кколеб? Нилъ гIенеккизе ккола тохтурзабазухъ. Гьезул малъа-хъваял кьолел руго гъоркьехун.

– ГIадамаздаса 1,5 метралъ рикIкIад чIезе хIаракат бахъе.

– ГIадамалгун журан вугеб бакIалда маска бан вукIине яхI бахъе.

– Лъилгун бугониги дандчIвай рагьараб бакIалда гьабе.

– Сверун къараб бакIалда, ай рокъобгIадаб бакIалда бугони гордал рагьизе санагIалъи гьабе.

– ГIадамал ракIарараб бакIалде (бертин, зигара, кинал ругониги данделъаби) иналдаса цIуни гьабе.

– Гьоркьо-гьоркьоб кверазда бахе хасаб лъамалъи яги сапун бахун гьоркьо-гьоркьор кверал чуре.

– ХIалкIванагIан беразда, кIалдиб ва магIарзухъе кверал регьуге.

– УхIудизе бачIани кIал бахчизабе бацIцIадаб салфеткаялъ яги жиндирго гъежалъул рагIалалъ.

– ГIадан хъвалелгIадал бакIазда рокъор яги хIалтIуда дизинфекция гьабе гьоркьо-гьоркьоб.

Гьал малъа-хъваял цIунани рес буго унти бахинчIого хутIизе. Исламалъулги гьебго тIалаб буго. Цоги буго кIвар бугеб масъала, нагагь цо чи унти щун вугони, гьесги цIакъ цIуни гьабизе ккола жиндасаго цогиязде гьеб бахунгутIизе. Кивениги вахъинчIого, лъилгун букIаниги бухьен тун чIезе ккела тохтурзабаз абураб заман инегIан.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...