Аслияб гьумералде

Ислам – бищун лъикIаб спорт

Ислам – бищун лъикIаб спорт

Дагъистаналда цIакъ машгьурал руго «спорт» ва «спортсмен» абурал рагIаби. Хасго гIолохъабазда гьоркьоб. РачIаха, балагьилин, исламалъ щиб абулеб бугебали.

Спорт абураб жоялъул гIаммаб магIна ккола черх лъадари. Гьеб рахъалдаса босани, исламалда жаниб гьеб лъикIаблъунцин ккела, щайгурелъул, сахлъи цIуни, черх лъадари лъикIаб гIамаллъун кколелъул. Гьелъул мурадги букIина гIибадаталъе черх тириго чIезабизе букIин. Спорталъул тайпабиги гIемер батIиял руго. Кинаб иш байбихьизе кканиги исламалъ тIоцебе балагьулеб жо буго кинаб пикругун, щиб нияталда инсанас байбихьулеб бугебали.

Гьесул мурадалда рекъараб хIукмуги букIуна. ЛъикIаб гуреб ниятгун, масала, цогиязда тIад зулму гьабизеян яги чIухIдае ва гьелда релълъарал мекъал рахъазде пикруги цIан гьабураб спорталъе гьебго ишалъул хIукму букIуна. Амма инсанас спорт гьабулеб бугони жиндирго сахлъи щула гьабиялъул, гьеб цIуниялъул ва нагагь жинде тIаде кIанцIулев чи ккани гьесул зарал нахъчIвазе кIолев вукIиналъул мурадалда, гьеб беццарабги букIина. Щайгурелъул Аллагьасе гIибадат гьабизе ккани, чорхол жанги сахлъиги букIине кколелъул.

Спорталдаги руго Бичасул аварагас ﷺ рихьизарурал хасал рахъал, масала, чIор речIчIи, лъим ххай ва чуязда рекIин. Гьелде лъимал ругьун гьареян абураб хIадисги буго. Цоги лъикIаблъун бихьизабураб спорт ккола гугари. Авараглъи кьелалде Бичасул аварагги ﷺ чанго нухалда гугарана. Жеги лъикIаб спортлъун ккола рекери. Жинда Аллагь разилъаяй ГIаишатгун векерана авараг ﷺ . Цо нухалда гьей цееги ккана. Цоги нухалда рекеридал, Бичасул авараг ﷺ цеве ккана.

Гьелде тIадеги, какараллъун кколаро тIадагьаб атлетика. Гьединго, бакIаб атлетикаги. Амма гьелъ черхалде хIал щвезабулеб бугони, сахлъи хвезабулеб батани, гьеб беццараб гьечIо. Какараб ккола цоцазда жо кьабулеб, лага-сан гIайиб гьабулеб, чорхол сахлъиялъе зарал бугеб спорт. Гьединго какараб буго черхалда баччизе кIолелдаса цIикIкIараб хIал гьабун, жиндирго къаркъала нахълъизаби.

Тохтурлъиялъул гIелмуялъги спорт ва черх лъадари лъикIаблъун бихьизабула. ГIемерал лабораториял хIалбихьиязул хIасилалда, гьез чIезабун буго инсан кидаго вагъавачариялда вукIине кколеблъи. Бусурбанчияс Къуръангун хIадисалъ рихьизарурал нухал цIунулел ругони, гьелде жанибе спортги ккола. Кин ккелареб, къойида жаниб щуябго какде мажгиталде хьвадулев вугони, гьеле вилълъанхъи. Мажгиталде нухги къосун, ралъдал рагIалде векеризе иналъ кинаб сахлъи бачIинабилеб?

ГIемер кванай кутакалда какун буго. ПонцIараб торгIогIадин чехьги цIезабун векеризе иналъул кинаб пайдаха букIинеб? Черх лъадари беццараб бугин абун, радал цIорораб лъеца черх чуриялъул щиб хIасил букIинеб, радакь базе бихьизабураб тагьажудги бачIого. Хинаб бусенги тун, гьуинаб макьуялдаса инкарги гьабун, тIадеги вахъун, какиеги чурун гIибадат гьабиялдасаги кIудияб черх лъадари щиб бугеб?

Гьайгьай, гьалъул сияхI жеги халат гьабизе бегьула. Хабар халалъи гуреб, мурад бичIчIилъидал нилъее хIажат бугеб. Гьаб бицаралъул хIасил гьабуни, бихьулеб буго исламалъул тIалабал тIураялда жаниб спорт ва сахлъиялъе чара гьечIебщинаб жо жанибе бачун букIин. Гьединлъидал, рачIа бусурбаби, хIалкIвараб гьир гIибадат гьабиялъул лъелин нилъедаго тIад. Хьул буго гьелдалъун ахираталда нилъ хIайранлъиларин абунги.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


Аварагасул ﷺ гIибадат

Аварагас ﷺ гIибадаталда тIадчIей гьабулеб букIана. ГIемер тIадчIей гьабураб гIибадатазул цояб ккола кIалкквей. ГIабдуллагь ибн Шакъикъидасан бицана: «Дица ГIаишатида гьикъана Аварагасул ﷺ кIалалъул хIакъалъулъ.   Гьелъ абуна: «Гьес кIал гIемер кколаан, хIатта нижеца абизегIан:...


«Юсуф» сура

ТIадегIанав Аллагьас хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дуца бице, Авараг ﷺ, дурго къавмалъе Юсуф аварагас жиндир эмен ЯгIкъуб аварагасде абураб: «Я, дир эмен, дида бихьана макьилъ анцIила цо цIва ва бакъги моцIги. Дида гьел рихьана зодоса гIодореги рещтIун, дие сужда...


Луганскиялда тӀобитӀана диназда гьоркьосеб гӀолилазул форум

«Халкъазул цолъи - улкаялъул къуват» абураб гӀолилазул форум тӀобитӀана Луганскиялда. Гьеб гӀуцӀана Дагъистаналъул муфтияталъ исламияб культураялъул фондалъул квербакъиялдалъун. Россиялъул Федерациялъул батӀи-батӀиял регионаздаса рачӀарал гӀахьалчагӀаз, гьезда гьоркьор бусурбабазул ва...


НухIил тIупан

НухӀ аварагасул заманалда тIолабго дунялалдагойищ тIупан тIун букӀараб? ГӀемерисел гӀалимзабазул ва Къуръаналъул тафсирчагӀазул пикруялда рекъон, тӀолабго дунялалдаго тIупан тIун букӀун буго. Гьелъие далил хӀисабалда гьез рачана гьеб лъугьа-бахъиналъе сипат гьабулел аятал.   ТIадегIанав...


25 нухалъ такрар гьабе

Ризкъи гIатIилъиялъе ругел сабабазул цIехолел чагIи гIемер рукIуна. Бищунго аслияблъун ккола жиндир заманалда как бай, ай киналго арканалги адабалги тӀуразарун.   Гьединго ризкъи тIаде цIалеблъун ккола зухIаялъул как бай, хасго кьижилалде цебе сура «ВакъигӀат»,...