Аслияб гьумералде

Араб соналъул хIасилал такрар гьариларо

Араб соналъул хIасилал такрар гьариларо

Араб соналъул хIасилал такрар гьариларо

ХIурматиял бусурбаби, гьале нахъеги тIадбуссунеб бугин абулеб буго гъобго вабаалъул иргадулаб гьужум. Унтиги БетIергьанасдасан бугелъул, сахлъиги Гьесдасанго буго. ТIоцебе нилъеца кумек гьаризе рекъола нилъ рижарав ва хьихьулев Аллагьасдасан. Гьелда хадуб рекъола Аллагьас гьеб унта-щокълъиялъул лъай жидее кьурал тохтурзабазул малъа-хъваялда нахърилълъине.

Бищунго гьеб унти тIибитIиялдаса цIунулеб жо ккола гIемерав чи данде руссарал мажлисал гьаричIого тей. Гьарулел ругони, гьенире инчIого чIезе хIаракат бахъи. Щибаб нухалъ гьеб унтиялъ жалго тохтурзабиги хIайран гьарулел руго, гьелда хадур гIунтIизе бажарулеб гьечIо.

Гьединлъидал бищунго лъикIаб цIуна-къай буго гIадамалгун жува-гъуван вукIунгутIи, цогидазулгун бухьен ва гьоркьоблъи гьабичIого тей. Щайгурелъул гьеб унти бахунеб буго гьавалялдасанги, ай хIухьладаса. Гьелдаса цIунизе тIад маска бани, жеги цIикIкIараб хьул букIина цIуниялъе.

Гьединал малъа-хъваял цIуничIолъиялъул хIасилалда ккараб араб соналъ нилъеда бихьана. КигIан ахIдолел тохтурзаби ругониги сунцаго нилъ кколел рукIинчIо гIадамалгун жураялдаса. ТIоцебесеб заманалдани гьелда божулелцин рукIинчIо.

Нилъер берда цере, къо-лъикI гьабизе кантIилалде гIага-божараз дунял тун ине байбихьидал хIинкъул унти ккезецин дагьаб хутIана. Гьединаб унти ккаралги дагьал гьечIо. Гьаб гIумру буго инсанасе цIакъго хирияб жо.

Щиб кьунги щивав чияс тIалаб гьабула цо къоги цIикIкIун базе дунялалда. Гьелдаса нилъ махIрум гьабулеб жоги кутакалда рихуна. Гьелде тIадеги, гIемер хIинкъиялъул кутакалъ хехаб хвалдеги рачуна.

Гьеб кинабго буго нилъер чорхолъ бугеб иманалъул загIиплъиялъул гIаламат. Иман щула гьабизе бищунго къуватаб алат ва сабаб буго Аллагьасе гьабулеб гIибадат цIикIкIинаби. Кинабго эркенаб заман вирдал гьариялда, Къуръан цIалиялда тIад хвезаби. Аллагь гIемер рехсолев чи Гьесухъ гIащикълъула, дунял рихуна, гьелъул пайда гьечIолъи бичIчIула. Хириял диналъул вацал, кIвараб яхI бахъизе ккола гIибадат цIикIкIинабизе.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...