Аслияб гьумералде

ЖамагIаталъул мугъчIвалел хIубал

ЖамагIаталъул мугъчIвалел хIубал

ЖамагIаталъул мугъчIвалел хIубал

ХIурматиял бусурбаби, гIоло-хъаби ккола жамгIияталъул хIубаллъун ругел, жидеда кинабго жо баччарал гIадамал. ГIолохъаби лъикIал, адаб бугел, лъай камилал, гIакълу бегIерал ругони, жамгIиятги гьединабго букIуна. Амма гIолохъаби хIалихьатал, адаб гьечIел, ахIмакъал, хIамабагьадурлъи цIикIкIарал ругони, жамагIаталда гьоркьоса къварилъабигун балагьал камуларо. РахIатаб гIумруги хьулазулъ гурони бихьуларо.

 

Гьаниб баккулеб буго суал, гIолохъаби гьединал кидайин рукIунелин абураб. Жалго жидедасаго лъугьунел чагIийищ гьел яги гьезда тIад хIалтIиялъул хIасилищ гьебин абураб.

Узухъда, вижухъе чиги, лъугьухъе чIагIагийин абураб магIарулазул аби буго. Кин бугониги, эбел-инсуда тIад гьабун буго лъималазе, гIун бачIунеб гIелалъе исламияб тарбия кьей, гьезда берцинаб адаб малъи ва хIалалаб магIишат гьабиялъул нухде гьел тIами. Бихьарасда гIадин бицарасда жо лъаларелъул, лъималазе тарбия кьеялда тIад ругел умумузда, гьединго, мугIалимзабазда гIадин гьеб иш лъикI лъалев чи цоги вукIунаро.

 

 

 

 

Лъималазе тарбия кьеялъул иш бигьаяб жо гуро. Щайгурелъул, гьеб буго цо сахав чиясул гIумруялъул къисмат гIуцIи. Гьев чиги ккола жамгIияталъул цоявлъун. КигIанго хIеренаб хер бугониги, гьелда гьоркьобе ккараб зазалъ хIунчичIого толаро. Гьединлъидал тарбия гьечIев цо чиясулги зарал камун букIунаро.

ГIун бучIунеб гIелалъе тарбия кьеялда тIасан гIемерал гIалимзабазгун тарбиячагIаз гIуцIун руго саламатаб къадар тIахьазул. Гьайгьай, гьезда жанир руго гIемерал малъа-хъваялги. Щивав чиясул киналго гьел тIахьал цIалунги рахъунаро. ЦIаланщинаб ракIалдаги чIоларо. Цинги, щиб гьабизеха рекъараб бугеб? Нилъ руссине ккола исламалъул тIалабазде. Исламияб диналда жаниб тарбия кьеялъе рихьизарурал тIалабал тIуразе хIаракат бахъани, Аллагьасде хьул буго сахав инсан гьеб лъимадул лъугьинин абун.

Амма исламалъул тIалабалги мугъзаде нахъе рехун, тарбиячагIазул малъа-хъваязда къокълъун чIани, хIасил бачIинчIого букIине ресал цIикIкIарал руго. КигIанго цIакъаб квен бугониги цIан-пурчч гIун гьечIони, тIагIам букIунаребго гIадин, исламалъул тIалабазда рекъон тарбия щвечIев гIолилавги, барщичIого тIураб пихъгIадав чилъун хутIула.

Рецц Аллагьасе буго, гьаб заманалда Аллагьас нилъее гIатIидал ресал кьун руго исламияб тарбия лъималазе кьеялъе. Щибаб авалалда мажгитал руго, гьелъул щибалда жанив мугIалим вуго. Нилъее хутIараб жо буго гIицIго мадрасалде лъимал хьвадизари, гьезда хадуб цо дагьабго хъаравуллъи кквей. Гьебги нилъедаса бажаричIони, гьелъиеги тасамахIлъи гьабуни, лъималазе захIмалъулеб бугин чIани, тарбия берцинаб, адаб бугеб наслу букIиналде хьулал тIамиги гIицIал квераз зодор ругел цIваби кквеялде бугеб хьулалда релълъинаха.

ХIурматиял умумул, гьале моцIалдасаги цIикIкIун ана цIалул заман тIаде щваралдаса. Школалда цIалулаго лъимал мадрасалде, мажгиталде хьвадизаризе кIвар бахъизе ккела киназго. Гьезие кIиябго цIали захIмалъулин абурал маргьабаз гуккун чIани, гьел гIураб мехалъ гIезегIан хьитал хвезаризе ккола, киналниги квешал бакIаздаса гьел къватIире рахъулаго. Жакъа лъималазда рукъалъул хIалтIи малъизеги барахщани, мадрасалде ритIизеги гьезда къо бихьилин абун гурхIани, гIун хадув бадиве валагьуларев хIалихьат гьесул вахъиналде гIайиб чияде гьабизе бегьуларо.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...