Аслияб гьумералде

РацIцIалъи цIуни - исламалъул тIалаб

РацIцIалъи цIуни - исламалъул тIалаб

РацIцIалъи цIуни - исламалъул тIалаб

Исламалъ рацIцIалъиялде кьолеб кIвар лъаларев чи ватиларо. Амма ракIалде щвезе букIине, рехселин цоги нухалда. Къуръаналда Бичасул аварагасде ﷺ тIоцере рещтIарал аятазда гъорлъ буго: «…Дуца дурго ретIелги бацIцIад гьабе», - ян абураб аят. Къуръан рещтIиналъул байбихьудаго БетIергьанас малъулеб ва амру гьабулеб буго рацIцIалъи гьабеян.

Исламалъул рукнабазул бищун аслияблъун кколеб буго къойида жаниб балеб щуябго как. Гьелде гъорлъе лъугьине ккани, шартIлъун гьабун буго ретIелгун черх ва как балеб бакI нажаслъиялдаса бацIцIад букIин, камилаб какичуриялда вукIин. Гьеб рацIцIалъи цIуни беццараб букIиналъе Къуръан-хIадисазда гIезегIанго хIужжабиги руго.

ГьабсагIат нилъер бугеб хIалалъе къимат кьезе лъугьани, цебе заманалде данде ккун, лъикIго мадар буго. Кинниги гIезегIанго нилъерго рацIцIалъи цIуниялда тIад хIалтIизе кколеб хIалги буго. Щивав чияс жиндирго рокъоб ва жив бетIергьанаб бакIалда рацIцIалъи цIунизе гIезегIанго жигар бахъула. Амма гIаммал бакIазда гьеб цIуниялде кIвар кьолеб гьечIо.

Бичасул аварагасулﷺ суннаталда нахъги вилъун, жинда сверухъ бугебщинаб бакIалда рацIцIалъи цIунизе хIаракат бахъизе ккола

Хасго гьал ахирал соназ цIакъ машгьурлъун буго хIухьбахъизе гIалхуде, ралъдал рагIалде ва цогидалги бакIазде халкъ къватIибе бахъин. Гьединал бакIазда кIочонеб буго нилъедаго хадуб рищни-къул бакIаризе. Лъим гьекъараб шишаги, квен-тIех жемараб кагъат-къвачIаги букIаралъубго тей гIадатияб жолъун лъугьун буго. Гьелдаго цадахъ, цIакъ къабихIго бихьула щивасда, церехун рукIараз гъоркь тараб рищни-къул.

Иман щулияб букIин бицуна цогидаз рехарабги бацIцIине бажарулеб ва жиндаго хадубги бацIцIалъи толеб бугони. ГIадамазул гIамал буго чорокго батараб бакIалде дагьабги чороклъи гьабулеб. Амма бацIцIадаб бакIалда чороклъи гьабизе нахъе къала. Гьединлъидал нилъедаго хадуб бацIцIалъи тани, хадур рачIунезги чороклъи гьабичIого тезе бегьула.

Кутакалда унтараб суал букIана къватIазда гьабулеб чороклъиялда хурхарабги. Масала, босула тукадаса компет-печена, мороженое ва гьебги чехъун, гьелъул хъал цебе ккараб бакIалде рехула. Гьеб жо гIадатлъун лъугьун буго чIахIиязулги лъималазулги. Лъимал кIудиязда нахърилълъиналъе цохIо нух буго. Гьебги ккола чIахIияз гIисиназда лъикIаб мисал бихьизаби. Гьелде бахунеб вагIзаги цониги гьечIо. Амма жидецаго гьабулареб жо лъималазда малъизе лъугьиналдалъун хIасил дагьаб гурони кколаро.

Гьал къоязда Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатаз къабул гьабуна машиналда рекIун унаго къватIибе рищни рехаразе тамихI гьабизе бихьизабураб къанун. ХIакъикъиял муъминзабаз кинабгIаги закон гьечIониги гьабуларо чороклъи. Гьединлъидал, исламалъул амрабиги гIадахъ росун, Бичасул аварагасул ﷺ суннаталда нахъги вилъун, жинда сверухъ бугебщинаб бакIалда рацIцIалъи цIунизе хIаракат бахъизе ккола.

КъватIисел регионаздаса рачIарал туристаздаги бищун цебе халлъулеб жо буго чороклъи. Нилъерго къадру-къимат цогидал гIадамазда цебе гIодобе ккечIого букIинелъунги бегьиларищ рацIцIалъи цIунизе!

Аллагьас кумек гьабеги.

ХIакъикъиял муъминзабаз кинабгIаги закон гьечIониги гьабуларо чороклъи

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...