Аслияб гьумералде

Бусурбанчиясул ретIа-къай

Бусурбанчиясул ретIа-къай

ХIурматиял бусурбаби. Гьаб риидалил заман буго багIари цIикIкIараб. Гьелда бан, дагьабго санагIат гьечIолъи лъугьуна киназего. Хехго гIетI бан, цо-цоязе хIухьел цIазе захIмалъун ва гьел гурелги. Гьединаб мехалъ инсанасе бокьула тIадагьабго ретIел ретIун вукIине. ГьанжелъизегIан нилъеца бицунаан руччабазул тIадагьаб ретIа-къаялъул. Гьаб макъалаялда борхизе бокьун буго бихьиназул ретIа-къаялъул суал.

Гьайгьай, багIари цIикIкIиналде балагьун, бихьиназулги тIадагьлъулеб буго ретIунеб партал. Лъиего балъгояб жо гуро бусурбанчиясул гIаврат цIиногун накоялда гьоркьоб бакI букIин. Имам ЗухIайлиясул «Фикъгьул мангьажи» абураб тIехьалда хъвалеб буго, какилъ ва бихьиназда, гьединго махIрамиял руччабазда цебе бихьинчиясул гIаврат цIиногун накоялда гьоркьоб бакI кколин. Амма чияр руччабазда цебе бихьинчиясул гIаврат гьумерги кIиябго кверги бугин кьучIаб рагIиялда бан.

Гьадинаб хIукму исламалъулги букIаго, нилъеца, ай бихьиназ гIемераб жагъаллъи биччалеб буго гьелда жаниб. Бащадал къвалал камураб горде ретIи гIадатлъун лъугьун буго, хIатта тIубанго къвалал камураб ретIунелги гIезегIанго халлъулел руго.

Хасго кIвар буссинабизе бокьун буго гIагал къокъал тIажал (бриджал яги щортал) ретIунел гIадамазде. ТIадехун нилъеца рехсаралда бан, чияр руччаби рукIунеб бакIалда хIарамлъулеб буго гьединаб тайпа ратIлил. Гьаниб рехсечIого гIоларо ралъдал яги хIорил рагIалда бихьиназ чияр руччабазда цебе ретIунелъул. ГIагалго гьечIеб гьитIинабго тIажуги ретIун, чияр руччабазда цеве вукIин хIарамаб букIин лъаларев бусурбанчи вукIине рес бугищ? ТIадежоялъе, нилъедагоги цадахъ рукIунел агьлуялъул руччаби. Гьезда цогидал бихьинал гьедин рихьи берцин бихьулареб гIадин, нилъго цогидазул руччабазда цереги дагьалгIаги раца-хьван рукIин тIадаб амру буго.

Цо-цояз бицуна гIагал къокъал тIажал, бриджал ретIине бегьулин абун. Гьеб буго цого-цо жиндирго гIагарал руччабазда гьоркьов яги бихьинал ругеб бакIалда бугеб хIукму. КигIан сурунха вукIунарев, хасго кIудияб ригьалде вахарав чи, толохIочго хьвадулев вугеб мехалда.

Руччабазул ретIел нилъеда цIакъ хехго халлъула, амма бихьиназулалде милатго гьабуларо. Гьединлъидал, цо дагьабго гIетI банин, рагIаранин абун тIаса ретIел бахъи рекъараб гьечIо, дагьабгIаги иман бугеб агьлуялъе. Гьаб заманалда цIакъ гIемер рагIула туристазде гIайиб-гъвел гьабулеб, гьел щортал ретIун хьвадулел ругин абун. Гьезиеги лъикIаб мисал нилъеца гурищ бихьизабизе кколеб? Нилъго тохго ругони, цогидазда щиб абизе рес бугеб?

Аллагьас ﷻ битIараб нухде кантIизареги киналго.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...