Аслияб гьумералде

Экстремизм – мекъаб нух

Экстремизм – мекъаб нух

Экстремизм – мекъаб нух

Латин мацIалдаса таржама гьабуни, зкстремизм абураб рагIул магIна ккола гIорхъолъа арабин абураб. ГIадатияб къагIидаялда абуни, экстремизм ккола цо хассал гIадамазул къокъа жидеца зулму гьабиялде, гIадлу биххизабиялде ахIи, жал ругел бакIалда бугеб хIукIуматалъул гIуцIиялде, политикаялде яги гьениб бугеб аслияб диналъул кьучIалде данде гьабулеб тадбир.

Экстремизмалъул руго батIи-батIиял рахъалги тайпабиги. Экстремизм букIуна хIукуматалъул сиясаталде данде бугеб, диниял кьучIчIал риххизариялда тIад хIалтIулеб ва миллиябгун экономикияб рахъ биххизабиялда тIад чIараб.

Экстремистаз бищунго гIемер хIалтIизабула исламияб дин. Диналъул цIаралда нахъаги рахчун гьез гьарула вахIшиял ишал, тIиритIизарула халкъазда гьоркьор гьел рикьизарулел харбал ва пикраби. Дин цIи гьабулел ва гьеб бацIцIад гьабулел ругин абураб игIланалда гъоркь байбихьула жидерго нахъегIанал пикраби халкъалде гьоркьорги тIиритIизарун, гьелъул гIакълугун пикраби хисизаризе.

Лъиего балъгояб жо гуро, Дагъистаналдаги ракълилаб ва парахатаб ахIвал-хIал хисизабизеги гIезегIанго къеркьана гьединал чагIи. Амма дагъистанияз къабул гьаричIо гьел. Гьелъие аслияб кIвар ва къуват кьурал чагIилъун ккана исламиял гIалимзаби. Цинги гьеб хIалихьатаб агьлуялъ байбихьана гIалимзабиги чIван, жидерго мурадал рилълъанхъизаризе. Исламалъе, халкъалда гьоркьоб маслихIат-рекъел букIиналъе гIоло рухI кьуна муфти СайидмухIаммад-хIажиясдаса байбихьун СагIид-афандиясде щвезегIан.

Жиндир баракат щваяв ЧIикIаса СагIид-афандияс КъурамухIаммад-хIажи вукъараб бакIалда абуна, гьаз чIвалин, нилъеца рукъилин абун. Гьелъул мурад букIана щибго ахIи-хIур, къватIибе халкъ бахъун хIалуцин гьабизе кколарин абураб. Гьесул гьел рагIабаз хвасар гьабуна Дагъистан.

ГьабсагIат чIаго ругел гIалимзабазги гьабуна бергьун кIудияб хIалтIи динияб экстремизм халкъалда гьоркьоб тIибитIичIого букIиналъе ва гIадамазда хIакъаб нух бихьизабиялъе. ГIалимзабазул ва гьезул гъваридаб гIелмуялъул баракаталъ БетIергьанас цIунана Дагъистан рагъ-кьалалдаса.

Жал бусурбаби ругинги абун экстремистаз керен буханиги, щибго гьоркьоблъи гьечIо гьезул бацIцIадаб исламалъулгун. Исламалъ халкъал ахIула ракълиде, божилъиялде, цоцаздехун рокьа-хинлъи цIуниялде. Экстремистазул мурад буго жидеего къваригIараб ишалде, кинал нухал ратунги, жалго щвей. Гьез щибго ургъел гьабуларо цогидасе жидедасаго бахунеб заралалъул. Гьезул къасд буго цо - гIадамазда тIад бетIерлъи гьабизе щвей. Гьелъие гIоло буго гьез такъсиралги гьарулел. Жидеда хадув вилъинчIев чиги гьезул тушман вуго.

Гьелго террористазулгун экстремистазул гIадат буго мискин-пакъирасейинги абун, халкъалъухъа садакъа бакIарулеб, ай жидерго вахIшиял ишал гIумруялде рахъинаризе рукIинелъун. Гьединал ишаздасанги тохго рукIине бегьуларо. Жидеца харж гьабулеб цо копекги кибе унеб бугебали лъазабизе ккола.

ГIун бачIунеб гIел нилъеца куцазе ккола ватIан ва дин бокьиялъул нухда, мекъаб жо рехун теялда, гIорхъолъа борчIарабщинаб жоялдаса инкар кквезе ккеялда. Исламалъул нух щулаго кквезе кколеблъиги биччIчIизабила. Умумузул ва чIахIиязул адаб-хIурмат гьабизе малъила. Тарбия кьезе нилъ кватIани, гьеб бакI кколел гIадамал цоги руго. Гьеб мехалъ кватIунги ккола. Гьединлъидал лъималазе тарбия кьеялъе сундаго барахщизе бегьуларо.

Аллагьас цIунаги нилъер Дагъистан терроризмалъулгун экстремизмалъул балагьаздаса.

ГIолилазда гьоркьоб экстремизмалъул бугеб заралалъул бицен гьабиялъул кIваралъул нижер редакциялъе баян гьабуна гIолохъанаб гIелалъулгун ва жамгIиял гIуцIабигун хIалтIаби гьарулев, ДРялъул Антитеррористический экспертный советалъул нухмалъулев ГъазимухIаммад МухIумагъазиевас.«Лъимал экстремизмалде гъорлъе цIаялъул гIел жеги дагьлъун буго. Цере чIахIияб гIел букIун батани жакъа къоялъ гьел руго жеги 20 сонилъе рахинчIел лъимал. Гьелъие гIиллаги экстремизм хасгьабун тIибитIизабулеб бакI интернеталъул гьинал руго. Хал-шал гьабидал экстремизмалъул хIакъалъул 70% информация лъималазе щола интернеталдасан. Гьебги гIолеб буго гIумруялдехун бугеб бербалагьи квешаб рахъалде хисизабизе», - ян бицана экспертас.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


Щай рахъунел?

Мавлид ахIулеб заманалда бусурбабазда гьоркьоб машгьураб гIадат буго, МухIаммад авараг ﷺ гьавураб лахIзаталъул ахIулелъул, киналго тIаде рахъунеб. Гьебги гьабула Аллагьасул Расул вокьиялъул, рохелалъул, гьесие гьабулеб адаб-хIурматалъул гIаламат хIисабалда.   Гьеб гIадат къабул гьабурал...