Аслияб гьумералде

ЦIалул соналде

ЦIалул соналде

ХIурматиял бусурбаби, щибаб цIалул сон тIаде щолаго нилъеца бицен гьабула лъималазе лъай кьеялъул бугеб хиралъиялъул хIакъалъулъ. Хасго исламияб лъай кьеялъул кIваралъулги цIакъго мухIкан гьабун бицунеб гIадат букIана.

 

Гьале исанаги тIаде щволеб буго гьебго цIалул заман. Амма гьаб макъалаялда нилъеца бицина гIелму цIалиялъул хиралъиялъул гуреб, гьелъул нилъеда жакъа бихьулеб бугеб хIасилалъул хIакъалъулъ.

Абизе бегьула лъебералда хадур сонал анин союзги биххун дин гьабизе эркенлъи щваралдаса. Гьеб заманалда жаниб гIезегIанго чиясе рес щвана исламияб гIелму лъазабизеги. Дагъистаналда цIаларал гIолохъабаз гIарабият лъаялъул рахъалъ Россиялдаго цеве вахъине чи толареб хIалалде бачIанин абуниги, мекъи ккеларо. ХIакъикъаталдаги гьеб буго лъикIаб хIасил. Цебе заманалда нилъер умумузда жанирги рукIана дунялалдаго цIар рагIарал гIалимзаби.

Гьедин гIелму цIалиялдалъун халкъалъул тIабигIат лъикIлъи, диналдехун бугеб гьоркьоблъи щулалъиги гIезегIан халлъулеб буго. Гьеб цIакъго лъала Дагъистан бахун къватIире щвараб заманалда. Гьединаб лъикIаб хIал букIин халлъула нилъехъе рачIарал гьалбадеридаги. Дагьал церегIан соназ Дагъистаналдаса гочунел рукIун ратани гIурусал ва цогидал миллатазул вакилзаби, гьаб заманалда гьанире гочине хиял ва гъира цIикIкIунеб буго. Гьелъие аслияб гIиллаги буго халкъалда гьоркьоб берцинаб тIабигIат букIин, зулму-хIал букIунгутIи, миллат, дин бихьун чи ватIа гьавунгутIи. Гьеб кинабго буго гIелму цIаларал гIолилал рукIиналъул хIасил.

Узухъда, киналъулго хIакъалъулъ гьаб макъалаялда хъван хIал кIоларо, щайгурелъул, берккеялда хIинкъи букIиналъ. Амма гьабсагIат бугеб хIалалда къокълъун чIезе лъикI гьечIо. Цо бакIалда чIей ккола нахъехун гьоко гириялъе сабаб. Кидаго рукIине ккола цере унеллъун.

ГIемерал гIакъилзабаз, философаз, хIикматазда хадур гъурал батIи-батIиял гIелмабазул церехъабаз бетIер бекизегIан тIад ургъулеб жо буго парахатаб гIумру ракьалда букIинаби. Гьеб мурадалъе гIоло хIалбихьичIеб къагIидаги гьез течIо. Амма ахирги гьезул пикру буссана исламияб диналъул ахIкамал тIураялда жаниб букIиналде жидеца балагьулеб бугебщинаб рахIатгун парахалъи.

Балагье бокьараб улкаялъул Конституциялде. Гьелда жанир ругел гIемерисел къанунал ккола шаригIаталъул ахIкамаздаса росарал. Аллагьасул шаргIалда жаниб гьеб кинабго бугин абизе мукIурлъизе гьезда кIолеб гьечIониги.

Инсан пасалъиялдаса ва инжитлъиялдаса цIунулеб кIиго жо буго. Кьварараб къанун ва щулияб иман. Къануналдаса хIинкъи букIуна тамихI щвеялдаса бугеблъун. Амма гьелдаса ворчIизе кинаб бугониги нух щолеб бугони, къанун хвезабизе цIакъ бигьаяб жолъун букIуна. Щулияб иман бугони, гьесул хIинкъи букIуна цохIо Аллагьасдаса. Дунялалъул къанун кинаб бугониги, ай чучаб батаниги, гьединас гьабуларо мунагьаб иш.

Нилъеца цебе гIемер бицунаан кIал ккураб моцIалъ кафе-ресторан рагьизе бегьилищин, гIаракъи-чагъир бичизе щай биччалебин абун. Гьаб заманалда балагьеха, гIемерисел кваналел бакIал шагьаразда къан рукIуна, мехтел бичулел бакIал дагь гурон рихьуларо. Гьеб буго халкъалъул иман щулаллъиялъул хIасилалда ккараб хIал. Чагъир босизеги, кIал ккураб моцIалъ кваназеги чи вачIунев гьечIони, гьезул хважаинзабазе хайир букIинищ? Узухъда, букIинаро. Гьебги ккола халкъалда жаниб исламияб гIелму-лъай цIикIкIиналъул баракат.

ХIасил гьабун абуни, Дагъистаналда щивав гIолилав вукIине ккола исламияб гIелму-лъай щваравлъун. Аллагьас гьабсагIат гьарзаго ресалги кьун руго гьелъие. Амма заманалдасан гьедин букIине бугеблъиялда божи гьечIо. ГIор щведал цIул бахъулеб кинниги, щвараб ресалдаса пайдаги босун, гIун бачIунеб гIелалда гIелму малъиялда тIадчIей гьабизе ккела щивав чияс. ГIелму гьечIев чи ккола чIобогояб дадгIадав инсан. ГIелмуги гьелда рекъараб гIамалги бугев чи релълъуна жанисан цIураб, ччобораб дадалда. Гьединлъидал, рачIа киназго щивасул гьодорлъи гIелму цIалиялдалъун цIезабилин.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


ТIаса лъугьайин гьарилищ?

Гъибат-бугьтан гьаби ккола мацIалъ гьарулел мунагьазул бищунго гIемеразул цояб. ГIемерисеб мехалъ инсанас бигьаго абула диналъул вацасул яги яцалъул хIакъалъулъ рагIаби, ТIадегIанав Аллагьасда цебе гьеб мунагь кигIан кIудияб букIине бегьулебали хIисаб гьабичIого.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ...


ГIибадатлъун жиб кколеб

ДугIа ккола инсанасдаги Аллагьасдаги гьоркьоб бугеб рухIияб кьо. Кьоялда тIасан цогидаб рахъалде щвезе кIолебгIадин, гьанибги Аллагьасде ﷻ ахIи базе ва Гьесде гIагарлъизе кIола.   Аварагасул ﷺ хӀадисалда буго: «ДугӀа ккола гӀибадаталъул нах», - ян (ат-Тирмизи). ДугӀаялъул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кин кумек гьабилеб?     Дир вац захIматго унтун вукIана. Гьанже дагьабго мадар бугониги гьев хIинкъун вукIуна. Цо-цо мехалда хIухьел цIазе захIмалъула, паническиял атакаби лъугьуна. Кин дица гьесие кумек гьабилеб?   ГIали, МахIачхъала   ГIалимчиясул жаваб Бокьараб...


Нужее баяналъе

«Салул гамайилан» сунда абулеб? – Вараниялда. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб? – Сура «ан-Ниса». Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб? – Суратул «ан-Намлалда». Адам щиб къоялъ вижарав? – Рузман...


Лугбуздасан садакъа

Как буго Аллагьас ﷻ тIадаблъун гьабураб, бусурбабазе давлалъун бугеб нигIмат. Къойил балеб щуябго паризаяб гуребги, руго суннатал какалги жидеда тIадчIей гьабизе рекъарал, кири хIасуллъи гуребги, батIи-батIиял нигIматал тIаде цIаялъе сабаблъунги ругел.   Гьединаб суннатаб какалдасан буго...