Аслияб гьумералде

Хабалъ гIазабалдаса кин цIунилел?

Хабалъ гIазабалдаса кин цIунилел?

Гьаб дунял тун ахираталъул рокъове унарев чи вукIунаро. ЛъикIалги уна, квешазги тола гьаб дунял. Ахираталъул рокъоб тIоцебесеб дандчIвай ккола инсан хабалъ вукъун хадуб.

 

Инсанасе бищунго захIматалги кIвар бугелги гьев вукъарал къоял ккола. Щайгурелъул гьениб букIуна Мункар-Накирасул кIалгьикъи, хоб данде къай ва цогидалги хIалбихьиял. Гьениб жавабалъе хIал гIечIезе чара гьечIо гьелъухъ тамихI щвечIого. Аллагьас нилъ киналго цIунаги гьелдаса.

«ФатхIул гIалам» абураб тIехьалда хъвалеб буго, хабал гIазабалдаса хвасар гьарулеб ункъо жо бугин абун.

  1. ГIужда как бай. Хирияб хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялъ лагъасул тIоцебесеб хIисаб босулеб жо как буго. Гьеб лъикI ккани, хутIарабги битIун ккола. Амма гьеб квешлъани, хутIарабги пасалъула», - ян. Гьаб масъала нилъеда кигIанго лъалеб жо бугониги, цIакъ кIвар кьечIого хутIулеб буго. ГьабсагIат рахъинин абун телефонги кодоб ккун, как гIужил ахиралда бала гIемерисеб мехалда.
  2. Садакъа кьей. Гьелъул хиралъиялъул хIакъалъулъ гIемерал аяталгун хIадисал рачIун руго. Гьелда жанир гIемерал пайдабиги руго. Хирияб хIадисалда буго: «Садакъаялъ боцIи дагь гьабуларо», - ян.
  3. Къуръан цIали. ГIажаибаб жо, гьаб заманалдаги Къуръан цIализе лъаларин абулел гIадамал дандчIвалел рукIин. ГьитIинаб мехалъго гьеб цIаларалги гьелде тIадего раккулел ратуларо. Къуръан цIали кутакалда хирияб жо буго. ХIадисалда абулеб буго: «Нужеца Къуръан цIале, къиямасеб къоялъ гьелъ шафагIат гьабула нужее», - ян. ТIахьал лъолеб полкаялда хIурулъ бессун таралъухъ тамихI букIинеги рес буго. Аллагьас гьуин гьабеги нилъее Аллагьасул калам цIали.
  4. ТасбихI гIемер бачин. Хирияб хIадисалда буго: «КIиго калима буго кIалалъеги бигьаяб, цIадирабаздаги бакIаб, БетIергьанасеги хирияб. Гьелги ккола субхIаналлагьи ва бихIамдигьи субхIаналлагьил гIазим», - ян аби.

Жеги ункъо гIамал буго жидедаса рикIкIалъизе кколеб:

– Гьереси бицин. Бичасул аварагас ﷺ абуна: «БитIараб бициналъ лъикIлъиялде тIоритIула. ЛъикIлъиялъ алжаналде тIоритIула. Инсан битIараб бицунев вукIуна алжаналда сиддикъ абун цIар хъвазегIан…», - ян.

– Гукки. Мунапикъасда гъорлъ рукIунел ункъо табигIазул цояб бугин гьеб абун буго хIадисалда.

– МацI гьаби. МацI гьабиялъ рачуна гIадамазда гьоркьоб питна ккеялде. ХIатта жеги пашманал хIасилалги ккезе рес буго мацI сабаблъун. Хирияб хIадисалдаги бугелъул, мацIихъан алжаналде лъугьунарин абун.

– КIващул тIираби. Бичасул авараг ﷺ кIиго хобалда аскIоса унаго, гьес абуна гьав кIиясего гIазаб гьабулеб бугин, амма цо кIудияб жоялъухъги гьечIин. Кин бугониги гьебги гIезегIан кIудияб жо ккола. Цояв мацI гьабун хьвадулев вукIана ва цогидас кIущалдаса рацIцIалъи гьабулеб букIинчIо.

Аллагьас тапикъ кьеги битIараб нух ккун хьвадизе!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...