Аслияб гьумералде

Риидалил гIодоркъояз лъимал мажгитазда

Риидалил гIодоркъояз лъимал мажгитазда

Риидалил гIодоркъояз лъимал мажгитазда

ХIурматиял умумул, риидалил заманалда лъимал рукIуна хIалхьиялда, эркенго. ГIемер гьабураб рахIаталъ лъималазда школалде иналде хIарпалцин кIочараб бакIалдецин ккола. Нилъер пагьму бугин чIезабун буго гIалимзабаз кидаго лъадарулеб букIине кколеб жолъун.

ДагьабгIаги цIикIкIун заманалъ гьеб хIалтIизабичIого тани, гьелъул хIалтIи нахълъула. ГIадатияв чиясецин кидаго цо щиб бугониги жо ракIалдасан лъазабулев вукIине лъикIаблъун рикIкIунеб буго. Гьедин гьабичIони пагьму нахълъун, жо кIочоневлъун, бетIер хIалтIизабизе, ай хIисаб-суалгIадаб бакIалда пикру хадуб гъоларого хутIиялде рачунин абула.

Гьаб макъалаялда рехсей гьабизе бокьараб суал буго, школазда цIалулел лъимал риидалил заманалда цониги жоялде руссинаризе лъикIаб букIиналъул хIакъалъулъ. Гьелъие квербакъулеб буго Дагъистаналъул муфтияталъги. Гьезул тадбиралда гъоркь, щибаб мажгиталда цебе бугеб мактабалда гIуцIун руго гIисинал лъимал цIализариялъул курсал. Гьелъие гIаммаб программаги гIуцIун буго. Гьелда рекъон, радал ичIго тIубаралдаса 11 тIубазегIан, малъула гьезда исламалъул аслаби, Куръан цIализе ва цогидабги бусурбанчиясда лъазе кколел ахIкамал.

Гьеб пикру буго гIемерал пайдаял рахъал жинца жанире рачунеблъун. Щалин гьелин абуни, лъимал руссинарулел руго гIадада рукIиналдаса пайдаяб ишалде, гьезул пагьму лъадариялъе кIудияб кумек кколеб буго, исламияб лъай ва гьелдехун бугеб рокьи цIикIкIинабулеб буго, лъимал мажгиталде ругьун гьарулел руго, гьезда бусурбабазул нух ва гIадат бихьула. Гьел гурелги, гIемерал лъикIал рахъал руго риидал лъимал мажгитазде цIализе ритIиялда жаниб.

Балагье, бусурбаби, Аллагьас нилъее кьун руго гIемерал нигIматал. Мажгиталда лъимал цIализарулел рукIинчIелани, кигIан гIемераб къодай бихьилаан нилъеда гьезда дарсал малъулаго. Гьадинаб рахIатаб заман цебе киданиги букIанадай? Гьелдаса пайда боси гурони нилъее цоги ургъел гьабизе жо хутIун гьечIо.

РачIа балагьизин, лъимал мажгитазде ритIичIого тани, щиб ккезе рес бугебали. Радалидаса къалъизегIан кьижун уна гьезул заман. Къадеялдаса хадуб къватIахъ рукIуна. Гьеб заманалда умумулги жидерго хIалтIабазда рукIун, лъимал кир, кин ва сунде руссун ругелали лъаларо. Инсанасе бищунго квешаб жо буго эркенлъи. Хасго лъимер гьединаб заманалда ругьунлъизе рес буго квешабщиналде.

Гьеб киналдасаго цIунараллъун рукIуна лъимал мажгитазде цIализе ритIулел ругони. Гьенире ритIун тунги гIолеб гьечIо. Рокъоб такрар гьабулеб бугищ гьениб кьураб дарсали хъаравуллъи кквезе кIочене бегьуларо. Лъималазулгун хабар бицине, мадрасалда щиб малъарабали бицинабе. Щайгурелъул, гьелдаса бичIчIула лъималазда кигIан кIвар бугел жал гьел дарсал кколелали. Мажгиталда лъикIал къиматал росаралъухъ лъималазе сайгъатал гьариялъги гъира цIикIкIинабула цIалиялде. Амма щибго цIехечIого, рехун тани, лъималазги гьебго бербалагьи гьабула мажгитазда кьолел дарсазде.

ХIасил гьабун абуни, лъимал риидалил заманалда мажгитазде ритIиялда тIадчIей гьабизе ккела, гьезул цIалиялъул цIех-рех гьабун, гьезда нахъаги чIезе рекъараб буго эбел-инсуе. Заман буго бекерун унеб жо. Лъимал нилъ регIизегIан тани, гьел кIудиялги гIун тарбия кьеялдаса рорчIун ккун ратизе рес буго. Гьединлъидал заман нилъехъ букIаго гьелдаса пайда босизе ккела.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги!

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...