Аслияб гьумералде

ГIибадаталъул моцIал

ГIибадаталъул моцIал

Гьале тIаде щолел руго хириял моцIал - Ражаб, ШагIбан ва Рамазан. Дагьал церегIан соназ риидалил заманалде гьел моцIалги дандеккун, дагьаб захIматго букIана кIал кквезе. Гьале цIидасанги гьел хириял моцIал гIагарлъана хасалил къо гьитIинаб ва сордо кIудияб мехалде.

 

Дунял тIалаб гьабиялъулъ букIуна бачIин бакIарулеб мех, сезонинги абула гьелде гIурус мацIалда. Гьединаб мех кколеб буго бусурбанчиясе гьал хириял моцIал. Балагье БетIергьанасул рахIмат-цIобалде, гIадатияб заман гьабун буго жинда жаниб гьабураб гIибадаталъухъ кири цIикIкIун хъвалеблъун загIипал нилъер тIагIаталда тIадчIей гьабизе гъира бахъине букIине.

Ражаб моцIалъул хиралъи бицунаго Аварагас ﷺ абун буго: «Алжаналда буго гIор ражабилан цIар бугеб, рахьалдасаги хъахIаб, гьоцIоялдасаги гьуинаб. Щив чи вугониги ражаб моцIалъул цониги кIал ккун, Аллагьас ﷻ гьесие гьеб гIоралдаса гьекъезе кьола».

Алжаналда жаниб цо гIор бугила

Ражабин цIар бугеб, цIакъ

лъим гьуинаб,

Гьеб моцIалъ цониги кIал

кквечIевасе

КIалчIвазе щолареб, щваги

нилъее!

(ЧIикIаса СагIид-афанди)

 

Гьеб моцIалъул хиралъиялъул хIакъалъулъ рачIарал хIадисал гIезегIан руго. Гьелъул хиралъиялъул хIакъалъулъ аварагасдасан ﷺ бачIун буго: «Ражабалъул цогидал моцIаздаса хиралъи цогидаб Каламалда гьоркьоб Къуръаналъул хиралъиялда релълъун буго», - ян. Нилъее гьабсагIат бищунго чара гьечIеб жо буго гьел хIадисазда гIамал гьабун, къад кIал ккун, къаси гIибадат гьабун, лъикIабщиналде цере ккезе хIаракат бахъун рукIин.

Ражаб моцI исламалъул тарихалда кутакалда машгьураблъунги ккола. Щайгурелъул, гьелда жаниб ккана бищунго чIахIиял лъугьа-бахъиназул цояб - Исраъгун МигIраж. Гьелъул хIакъалъулъ лъаларев бусурбанчиги ватиларо. Исламалъул хIубилъун кколеб как, гьеб мигIражалъул сордоялъ тIадкъайлъун гьабуна бусурбабазе. 

Бичасул аварагасул ﷺ мугIжизатазул бищунго кIудиязул цояб ва бищунго гIажаибаблъунги ккола Исраъгун МигIраж. Гьелъул хIакъалъулъ нилъеца бицина батIаго, хасаб макъалаялда.

ТIубанго гьел моцIаз кIалал кквезе суннатабиланги буго. ТIубанго ражаб моцI ккун бажаричIони, моцIалъул тIоцебесеб, ахирисеб ва бакьулъ лъаб-лъаб къоялъ яги итни-хамизалъ кквезе гIамал гьабизе ккела.

 

Сахаб моцIалъ кквезе жив

гIажизлъарас

КIвараб жигар бахъе лъабго

кIал кквезе:

Авалаб, ахираб, анцIила щуйилъ,

Иншааллагь щвела моцIалъул кири.

(ЧIикIаса СагIид-афанди)

 

 

 

БАЯН

Ислам бачIинегIан цебеги гIарабияз кIодо гьабулеб моцI букIана гьеб. Гьеб моцIалъул къоло анкьабилеб сордо ккола МигIражалъул сордо. Гьеб сордоялъ лъиего кьечIеб бищун тIадегIанаб даражаялде вахинавуна нилъер Авараг ﷺ. Ражаб моцI ккола жидеда жанир рагъ хIарам гьабурал хIурматиял моцIазул цояблъунги, гьел моцIал тIаде щвараб мехалъ  ислам бачIинегIанги гIарабаз рагъ къотIизе толаан.

 

 

Аварагасда ﷺ гьикъана ражаб моцIалъ кIал кквезе кIоларев чияс щиб гьабилебин. Гьес абуна: «Щибаб къоялъ цо панкъ садакъаде кьела», - ян. Гьебги кIолеб гьечIони щиб гьабилебин гьикъидал, гьес абуна: «Гьев чияс щибаб къоялъ абила «СубхIана ман ла янбагъи тасбихIу илла лагьу, СубхIанал агIаззиль акрам, СубхIана ман лагьул гIиззу ва гьува лагьу агьлун», - абун.

Нилъер аслияб мурад буго БетIергьанасе ﷻ гIибадат гьаби. Гьелда жаниб ракIбацIцIалъи букIинаби. БетIергьанасулгун дандчIваялде хIадурлъи. Гьаб дунял абадияб жо гурелъул. 60-70 соналда гьоркьоб бугин жиндир умматалъул гIумруйилан Бичасул аварагасги ﷺ абун бугелъул. РачIаха, кIвараб къагIидаялда Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабилин. Хасго хириял гIужазул давлаялдаса махIрумлъичIого рукIине жигар бахъилин.

РакI-ракIалъ баркула киналго бусурбабазда тIаде щолел ругел хириял моцIал. Гьарула киназего гIибадаталъе тавпикъ!

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...