МигIражалъул хIикматал

ХIурматиял бусурбаби! ГьабсагIат нилъ жанир ругеб ражаб моцIалъул хиралъиялдасан ккола жинда жанив Бичасул авараг Аллагьас къаси гIужалда Байтул Мукъаддасалдеги вачун, гьениса зодове вахинави.
Исраъ абулеб жо ккола: сардил къокъаб заманалда свалат-салам лъеяв Авараг Маккаялъул «Масжидул ХIарамалдаса» «Байтул Мукъаддасалде» вачин.
МигIраж абуни ккола: «Байтул Мукъаддасалдаса» анкьалго зобалазде тIадехун свалат-салам лъеяв Авараг вачин.
«Байтул Мукъаддас» ккола Палестинаялда бугеб, дунялалда бищун хирияб лъабго мажгиталъул цояб. Маккаялдаса «Байтул Мукъаддасалде» цо моцIрол лъелаб нух буго. Исраъалъул хIакъалъулъ Къуръаналъул аят бачIана. Дагьаб гIатIидго гьелъул бицен хIадисазулъги баян гьабуна. Гьединго Муслимилги Бухариясулги ва цоги-цогидазулги хIадисазулъ МигIражалъулги гIатIидаб баян бачIана.
Исраъалъул хIакъалъулъ бачIараб аяталда абулеб буго: «Аллагь вацIцIадав вуго, Жинца Жиндир лагъ МухIаммад Авараг сардил къокъаб заманалда жиндирго хIикматал рихьизе «Масжидул ХIарамалдаса» «Масжидул Акъсаялде» (Байтул Мукъаддасалде) Жинца вачарав», - абун.
XIакъикъаталдаги МигIражгун Исраъ ккола нилъер свалат-салам лъеяв хирияв Авараг тIолго гIаламалдаса тIокI гьавулеб, лъиего кьечIеб тIадегIанаб даражалъун. Гьеб сордоялда жанир гIемерал лъугьа-бахъинал ккана. Бичасул аварагасда бихьизабуна Алжангун жужахI, гьенир гIазаб-гIакъубаялда ругел гIадамал. Гьабуна гьезул цIехрех. Зобалазде вачун бихьизабуна гьелъул кинабго низам.
Гьесул хиралъи-тIокIлъи халкъалда загьирлъизе, Халикъас зобалазде якъ заталда вачана, Зобалги тун тIадехун – Сидраталдеги щвана, Сирриял гIулумазул керенги жиндир цIуна.
ЧIикIаса СагIид-афанди
Байтул Мукъаддасалда гьабуна киналго аварагзабазулгун дандчIвай. Гьезие имамлъиги гьабун бана как. Гьеб мехалде щвезегIан жеги цониги чи вахинчIеб сидратул мунтагьа абураб макъамалдеги вахинавун, БетIергьанасулгун гьабуна хитIаб.
Цинги Жибрил вахъана, АхIмадида кIалъана, Имамлъи гьабун гьазий, как байилан абуна. Имамлъи жинца гьабун, жамагIатгун как бана, Жив-жив авараг вахъун, рецц гьабун гаргадана.
ЧIикIаса СагIид-афанди
Как парзлъун тIадкъай
МухIаммадил умматалда Аллагьас гьеб сордоялъ тIад гьабуна сордо-къоялда жаниб 50 как бай. Щугоялде щвезегIан гьарун тIаса рехана Аллагьас, амма 50-ялъул кириги цIунун тана. Гьелгощинал ишаздаса хадув бусен цIоролелде тIадги вуссана Бичасул авараг . Бищунго захIматаб жо букIана гьеб халкъалда бицин. РакIарун данде гIадамалгун бицана гьезие кинабго ккара-тараб. Гьеб мехалда капурзаби релъана, цо-цо загIипал бусурбаби щакдаризе журана. БачIинахъего гьеб ритIухъ гьабуна Абубакар-асхIабас.
Байтул Мукъаддасалде вачиналъул хIикмат
Гьеб бакIалда цо-цоязул баккулеб буго гьадинаб суал. Байтул Мукъаддасалде вачинчIого гьанисанго вачине кIвелаанила Аллагьасда гьев зодове, гьелъул хIикмат кинабдайин абун. Гьелъие баян кьолеб бакIалда хъвалеб буго, Байтул Мукъаддасалде цевеккун Бичасул авараг щун вукIинчIин жеги. ГIадамазда гьоркьор гIемерги рукIанин гьенире щварал ва лъикIго гьеб шагьар лъалел чагIи.
Гьез цIехезе байбихьанила аварагасда гьеб шагьаралъул хIакъалъулъ, кинаб бакIин бугеб, мун гьениве щун ватаниян. Гьесда бицинеги лъачIого, гьев гьереси гьавиялъул къасдалда. Бичасул аварагас гьелъул киналго къватIал ва гьениб бугебщинаб жо мухIканго бициндал, гьелда божичIого рес букIинчIо капурзабазе. Цинги гьеб битIун батараб мехалъ, гьелда хадуб бугеб хабарги битIараб батиялда гьел божизе рукIине вачун вугевлъун кколев вуго Бичасул авараг Байтул Мукъаддасалде.
МигIражалде вачиналъул хIикматал
Нилъер хирияв Аварагасе МигIраж кьеялда жанир руго гьал хадур рехсарал хIикматал: тIоцебесеб,
Исламалде халкъ ахIулаго 13 сон ун букIана. Гьебгощинаб заманалда нилъер хирияв Аварагасда бихьичIеб чIегIераб-хъахIаб къо хутIичIо, я бугьтанал лъун, яги тIад махсаро гьабун, яги чIвазе, вухизеян тIаде рортун, яги хадур гIантал чагIи, гIисинлъимал тIамун, ганчIал речIчIун. Нилъер хирияв Аварагасда мех-мехалда ракIалде кколеб букIана цощинаб Аллагьасул ццим бахъун гьечIодаян.
Гьес абулеб букIана: «Я БетIергьан, Дур ццим бахъун батичIони, цоги жоялъул ургъел гьечIо», - ян.
Гьесие ТIадегIанас МигIражги кьун кIодо гьавиялдалъун гьесда бичIчIизабуна Жиндир ццим бахъун гьечIеблъи.
КIиабилеб, МигIражалде вачиналдалъун ТIадегIанав Аллагьас нилъер Аварагасда ﷺ рихьизаруна жинцаго рижарал жалазул гIемерал гIажаиблъаби.
Лъабабилеб, лъиего кьечIеб МигIраж кьеялдалъун ТIадегIанав Аллагьас халкъалдаго лъазабуна нилъер хирияв ﷺ тIолго гIаламалдасаго тIокI гьавун вукIин.
Ункъабилеб, МигIражалде вачараб мехалъ хирияв Расуласда ﷺ бихьизабуна щибаб мунагьалда рекъон гIадамазе гьабулеб жаза. Гьеб жо гьес умматалда бицун хадуб, уммат гьел мунагьаздаса рикIкIалъизе.
Щуабилеб, МигIражалдеги вачун нилъер хириясе ﷺ кьуна бищунго кIудияб сайгъат - как бай. Как-муъминчиясул МигIражилан абула, ай гьев тIадегIанлъабазде вахинавулеб мали. МигIражалъул хIакъалъулъ Къуръан-хIадис бачIун бугелъул, гьелда инкар гьабулев чи капурлъула, щайин абуни, МигIражалде инкар гьаби Къуръан-хIадисалде инкар гьаби кколелъул.
Аллагьасе рецц буго гьедигIан тIадегIанаб даража нилъер Аварагасеги ﷺ нилъееги кьурав.
ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ