Аслияб гьумералде

30 сон дагIваталда

30 сон дагIваталда

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал! Гьале 30 сон ана Дагъистаналъул Динияб идараялъ «Ас-салам» казият къватIибе биччазе байбихьаралдаса нахъе. Гьеб хIужаялда бан, 28 декабралда МахIачхъалаялда бугеб Гьудуллъиялъул минаялъуб тIобитIана «Ас-салам» казият къватIибе биччазе байбихьаралдаса 30 сон тIубаялъул данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна диниялгун хIукуматалъул идарабазул вакилзабаз.

 

 

 

 

 

Гьениб бицана «Ас-салам» казияталъ нахъа тараб бигьаяб гуреб нухалъул хIакъалъулъ, гьелдаса халкъалъе бугеб пайдаялъул. Мажлисалда рихьизаруна гIумруялда ккарал мисалаздаса росарал сценкабиги.

«Ас-салам» казияталъул гьеб заман ккола саламатаб гIумру. ГьабсагIат лъеберго сон барав чи ккола гIумруялъул завалалда вугев гIолохъанчи. ГьедигIанасеб гIумру бана нилъеда кодоб бугеб гьаб казияталъги. Гьелда жаниб буго Дагъистаналъул 30 сонилаб динияб тарих. Нилъер наслабаз казияталдасан лъазабизе буго жидерго росабазул, районазул динияб гIумруялъул хIакъалъулъ тарих.

1994 соналда Динияб идараялъ хIукму гьабуна гIурус мацIалда казият къватIибе биччазе. Гьелъул тIоцевесев редакторлъунги вукIана МухIаммад ХIамзаев. Гьесдаса хадур рачIана гIезегIанго редакторалгун хIалтIухъаби. ЦохIо гIурус мацIалда биччалеб букIараб гьеб гьабсагIат къватIибе бачIуна 13 батIияб мацIалда. Гьезда гьоркьор руго Дагъистаналъул гурелги мацIал. Масала, татар, башкир ва ингилис мацIал.

Доб мехалда «Ас-салам» казият цохIо Дагъистаналда тIибитIизабулеб букIун батани, жакъа гьеб щола тIолабго Россиялъул киналго регионазде ва улка бахун къватIибеги. Лъиего балъгояб жо гуро лъеберго соналъ цебе кигIан захIмат букIараб гьеб казият къватIибе биччазеяли. ТIоцебесеб иргаялда, гьелъие хIадурарал гIелму бугел специалистал рукIинчIо, гьединго, казият кьабизе сурсаталги цIакъго дагьал гурони рукIинчIо. ГIарцудалъун казияталъе тIоцебе кумек гьабурав чиги ккола накъшубандиябгун шазалияб тIарикъаталъул устар ЧIикIаса СагIид-афанди. Гьев устарасул баракат жеги нахъе хутIунги буго.

1990 соназда динияб лъай кьеялъул кигIанасеб хIажалъи букIарабали нилъеда лъала. Бищунго хIажатаб заманалда биччазе байбихьана казиятги. Гьединго 2000-абилел соназдаса бахъараб гьанжелъизегIан Дагъистан тун къватIибеги кинаб хIажалъи бугеб гьебго лъаялдеяли лъала.

 

 

 

 

 

«Ас-салам» казияталъул пайдаялъул бицунаго гьоркьоб тезе ресго гьечIо цо гьадинаб хIакъикъатги. 1990-абилел соназ, дин гьабизе ихтияр кьуралдаса нахъе, Дагъистаналда баккана исламалъул тушбабазул тIелал, вагьабиязул къокъаби. Гьелги рукIана исламияб дин жанисанго хвезабизе капурзабаз ургъараб террористазулаб къокъа. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб хабар, ай «Ингилисазул жасус» абураб тIехь, таржамаги гьабун, нижеца казияталда бахъулебги буго. Гьел соназ халкъ жагьилго букIиналдаса пайдаги босун, Дагъистаналда гьеб унти тIибитIизабизе хIаракат бахъулеб букIана. Гьелъул къурбаналлъун ккана гIезегIан чиги. Бищунго халкъ тохлъараб, жагьилаб заманалда гьеб квешаб унтудаса Дагъистан хвасар гьабуна «Ас-салам» казияталъ. Дица бицаралда божичIого рукIинеги рес буго. Балагье хIакъикъаталде, гьабе цIех-рех. Гьеб заманалда «Ас-салам» хъвалел, гьелдаса пайда босулел рукIарал жамагIатазулги хIисаб гьабе, гьелде нагIадалаги ккун, чанго батIияб багьанаги бачун, гьеб хъвазе инкар гьабурал жамагIатазул къисматалъухъги балагье. «Ас-салам» хъвалел рукIарал жамагIатазда вагьабиязул унти хъатIичIо, гьезул гIолохъабиги, динги цIунун, парахатго хутIана. Амма гьелде инкар кколел рукIаразул къисматалъухъги балагье. ХIатта жинда жанир гIезегIанго цIаларал гIадамал ругел росабаз «Ас-салам» хъвачIого теялъ ва инкар гьабиялъ, ахирги гьелцин ккана вагьабиязул питнаялде гъорлъе. «Ас-салам» хъвазе бегьуларин гуро гьезул цIаларал чагIаз абулеб букIараб, гIадамаз казият чорокаб бакIалде рехун, адаб хвараб жо ккезе бегьулин абун, хъвачIого тани лъикI бугин абурал абундачалги кьочIое росун, инкар гьабулеб букIана. Ният бацIцIадаб гьечIолъиялъ халкъги гъоркье рехана. ЦIаларав яги кьварун вакъварав жагьилчи вукIа, гьел киназдаго тIадаб буго жидер церехъабаз абураб жо гьабизе. Гьелда жаниб буго баракатгун хвасарлъи.

ХIисаб гьабе цоги жоялъул. Жакъа дунялалъул бокьараб бакIалда ругел гIадамазда, ай бусурбабазда гуребги, цогидал диназул вакилзабаздаги битIараб хIакъикъат лъалеб буго «Ас-салам» казияталъул гьурмаздасан. Чанги насранияс абуна гьаб казияталда бугила унго-унголъунги битIараб информация. ГIемеразе «Ас-салам» сабаблъун кколеб дунял-ахираталъул талихIлъун кколеб исламияб нух батиялъе.

Инсанас гьабизе бегьула батIи-батIияб лъикIаб гIамал, амма баракат киналдаго гуро лъолеб. Нилъеда цере ругел устарзабаз, тIарикъаталъул муршидазабаз бихьизабураб нухдаса цIикIкIун цогиялда баракат лъей къанагIатаб жо буго. Гьединлъидалин цере ругезда нахърилъин тIадаблъун гьабун бугеб.

Щибго батIалъи гьечIо, гьаб заманалдаги «Ас-салам» казияталъ кIудияб хIалтIи гьабулеб буго халкъ битIараб нухде тIобитIиялъе. Гьединлъидал, щивав бусурбанчиясе рекъараб буго казият рокъобе бачIунеб хIал гьабизе.

Аллагьас кумек гьабеги.

 

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


ГIолохъанал гIалимзабигун дандчIвана ГIолилазул форум

Гьал къоязда Хасавюрт шагьаралда тӀобитӀараб, Саидбег Даитовасул цӀаралда бугеб къецалда бергьарал гӀолохъанал гӀалимзабазегун хӀафизазе гьоболлъи гьабуна Дагъистан республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Данделъиялда шайих АхӀмад-афандица баркана щварал бергьенлъаби ва бицана диналъе...


Телефоназул унти

Жиндир хIакъалъулъ гIемер бицунеб унти ккола телефоназда нилъ рараллъун рукIин.   Нилъер лъималги цIакъго унтун руго гьеб унтиялъ. Гьединаб унти букIин загьирлъула: Смартфоналдаса ри-кӀкӀад ругеб мехалда яги гьеб кIочон хутIани ургъалабазулъе ккей. Телефоналде гIемер халгьаби. Цо-цояз...


Рецц-бакъ гьабизе бокьи

Бахчараб ширкин абулеб гIамал ккола лъикIал гIадамазда бихьизелъун, гIамалал рихьизелъун, халкъалъ рецц гьабизелъун гьабулеб ишалда. Гьеб рекIел унтиялъ инсан вачине бегьула ахираталда кири щвеялдаса махIрум гьавиялде, гьабураб гIибадат чIобогояб, пайда жиндаса щвечIеблъун гьабиялде.   Гьеб...


Лугбуздасан садакъа

Как буго Аллагьас ﷻ тIадаблъун гьабураб, бусурбабазе давлалъун бугеб нигIмат. Къойил балеб щуябго паризаяб гуребги, руго суннатал какалги жидеда тIадчIей гьабизе рекъарал, кири хIасуллъи гуребги, батIи-батIиял нигIматал тIаде цIаялъе сабаблъунги ругел.   Гьединаб суннатаб какалдасан буго...


Имам Маликилги ШафигIилги тIабигIат

Имам Малик ворхатав, берцинаб лагаялъул чи вукӀана. Гьев гӀахьаллъулел мажлисал гIодоре риччарал, лъаялъул цӀурал рукӀана. Байбихьуда имам Маликица лъазабулаан хӀадисазул кьучӀ: хIадисал рицунезул гӀадамазул гӀумру, асарал.   Имам Маликил 20 сон букӀана шаргӀалъул фатваби кьезе байбихьараб...