Аслияб гьумералде

ЦIияб къуватгун 2023 сон

ЦIияб къуватгун 2023 сон

Замана сверула, сагIтал тирула,

Сон хехго бачIуна, херлъун ватула.

Инхоса ГIалихIажи

 

ГIалихIажиясул гьал рагIаби лъугьана магIарулазе абилъун. Гьел рагIабазда жанир ракIарун руго инсанасул тIубараб гIумруялъул магIна ва хIакъикъат. Нилъеда щибго халлъичIониги заманаги сверулеб буго, сагIталги рекерулел руго. Гьелъул мисал буго жиндир хехлъи цIикIкIараб поездалда яги самолеталда рекIарав чиясул. Гьесда чIун вугин кканиги, кутакаб хехлъиялда унев вукIуна гьев. Нахъе балагьилалде жиндир мурад бугеб бакIалде щунги ватула.

 

Нилъер гIумруялъул хехлъиги гьелдасаги цIакъ бекерулеб бугин абуни мекъи ккеларо. Нилъер мисалги буго самолеталде рахунаго, ракI багъаричIого букIине даруги гьекъон, кьижун ккарасул, цинги хехго унеб бакIалде щун ратарасул.

Тасаввуфалъул ва тIарикъаталъул агьлуялъ бищунго мурид кантIизавулеб жо ккола хIухьал цIуни. Гьебги, Аллагь ракIалде щун, Гьев рехсолаго, хIузуралда тIами. Гьеб пикру исламиял ва шаргIиял гIалимзабазги цIакъ къабул гьабулеб жо буго. Гьелъул магIнаги ккола тIолабго гIумру ахираталъе пайдаяб жоялда тIамизе хIаракат гьаби абураб.

Хирияб Къуръаналда Аллагьас абулеб буго: «Дица нужги жиналги рижичIо Дие гIибадат гьабизе гурони», - ян. Тасаввуфалъул агьлуялъ гьелъие магIна гьабулеб буго Жив лъазеян абураб бугин. Гьедин бугони Аллагь лъай тIалаб гьаби лъугьунаро Гьев щибаб лахIзаталда рехсечIони. Гьедин рехсезе ругьунлъизе ккола тIарикъаталъул хIакъикъияв устарасул тарбиялда гъоркь ругел. Гьедин гурин, жидее щивго хIажалъуларин чIарав чиясда щибха абилеб? Амма гьесул мисал букIуна кутакалда хIинкъи цIикIкIараб, захIмалъи гIемераб, нух-рахъ лъалареб, цадахъ гьалмагълъи гьечIеб нухалъул сапаралде лъугьарасул. Гьединазул гIемериселги мурадалде щвей къанагIатаб жо букIуна. Аллагьас кантIизареги битIараб нухде киналго.

Жеги абулеб буго ГIалихIажияс, сон хехго бачIуна, херлъун ватулаян. Инсан вуго жиндир ракI чармидасаги къвакIарав чи. БотIрол рас хъахIлъаниги, горбол щекI букIкIаниги, тIом гургураниги мукIурлъизе бокьуларо ва разилъуларо жив херлъулев вукIиналде. Херав чиян сверухъ ругез абураб мехалда ццимги бахъуна, гьеб квеш букIунги лъугьуна. Узухъда, гьедин чIеялъ гIолохъангогIаги хутIулевани гьев. ХутIуларо, херлъун, загIиплъун ватула.

Щивав чияс кIвар бахъизе рекъараб буго гIумру гIибадаталда тIамизе. ХIакъикъияв устарасухъе ун, вирд босун, гьеб камилго тIубазабизе. Цевеккун арав ватани, гьабулеб зикруялъул къадар жеги цIикIкIинабун, захIмат баччун, рахIат рехун тун, эркенаб заман Аллагьасе тIагIаталда тIамизе. Алжаналъул агьлуялъул ракI бухIулеб жо бугин абулеб буго дунялалда гIадада, ай гIибадат гьечIого биччараб заман. Гьединги бугелъул, гьаб бачIунеб соналъ цIияб къуватгун Аллагьасе гIибадаталде руссине жигар гьабизе ккела.

Аллагьас тавпикъ кьеги кинабго лъикIабщиналъе. Амин.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...