Аслияб гьумералде

ЗахIматал къоял

ЗахIматал къоял

ЗахIматал къоял

ХIурматияб диналъул агьлу, дунялалъул гIумруялда жаниб гIемераб хIал хисула. БукIуна лъикI ругеб мех, гьеб сверула квешаб заманалдеги гьединго квешалдаса лъикIалдеги. Бичасул Аварагас ﷺ ислам загьир гьабуралдаса нахъе гьелда жаниб захIмалъаби камичIо. живго Бичасул Аварагасул ﷺ заманалда Аллагьас гъазават тIад гьабун хадуб мехалъ раккана бусурбабазда гьоркьор мунапикъзаби. Гьелдаса бахъараб нилъер заманалде щвезегIан камичIо диналда жанир рикьалабигун ричIчIунгутIиял. Гьеб буго Аллагьас нилъее бихьизабураб дунялалъул нух.

 

Нилъер заманги гьелдаса батIаяб букIинаро. Гьанирги рукIина гIезегIан захIмалъаби. Унго-унгояб цолъи ва цо рагIуда сверун данделъи гьаб дунялалъул рокъоб Аллагьас кьечIеб жо буго. Балагье цо хъизаналда жанибцин, хIатта рос-лъадиялда гьоркьобцин букIунаро унго-унгояб цолъи. Гьединги букIаго гьабгощинаб халкъ данде гьабун гIуцIараб диналъул хъизаманалда жаниб гьеб букIинабиги цIакъ захIматаб жо буго.

Балагье гьаб заманалда бугебщинаб гьарзалъиялде. ГIумру гьабизе ругелщинал санагIатазде. Церсел заманазда гьадинал рахIатал жалго ханзабазулгицин рукIун ратиларо. Пикру гьабе гьаб заманалда дин гьабизе кьун ругел гIатIидал ресазде. Кидадай гьадин букIана? Абизе бегьула киданиги букIун батиларин гьадигIан гIатIидал ресал дин гьабизе, гIелму цIализе, гIибадаталда тIадчIей гьабизе.

Гьединги букIаго БетIергьанас нилъер хIалбихьичIого телищ. Къуръаналда Аллагьас абулеб буго: «Дица нужер хIалбихьичIого тезего теларо хIинкъиялъул бутIаялдалъун, яги боцIи дагь гьабун, нафсазде захIмалъи-гьалаглъи биччан ва пиъал магIишат дагь гьабиялдалъун», – абун. Гьедин Къуръаналдаги букIаго кире нилъ рорчIилел дунялалъул захIмалъабаздаса. Гьелго къварилъабазде гъорлъе ккола диналда жанир ругел захIмалъабиги.

Мунагьаздаса рацIцIадал гIадамал цохIо аварагзаби гурони гьечIо. Цогидал гIадамал мекъи ккезе рес буго. Гьединлъидал гIажаиблъизе бакI нилъее гьечIо. Чанги питна жалго асхIабзабазда гьоркьобги ккана. Гьеб буго нилъеда лъазе бокьарав чиясул гъалатI ккезе рес букIин. Инсан мекъи ккезе рес буго цIакъго лъикIаб гьабулевин абун ракIалдаги букIаго. Щайгурелъул щайтIаналъ мекъаб нух бихьизабула лъикIаб рахъин абун, хIатта гIемерал далилал рачунги. Гьебги Аллагьасул иш буго.

Кин бугониги гьединаб заман буго кутакалда захIматаблъун. Щиб гьабилебали лъачIого хIайранго гIадамал хутIулеб. Хасго гIалимзаби ва диниялин ругел гIадамазул гъалатIал рихьидал пикру биххичIого хутIулеб гьечIо.

Бичасул Аварагас ﷺ гьединаб заманалда гьабизе бищунго лъикIаблъун бихьизабулеб буго сундего гьоркьове лъугьинчIого, кина-киналги хабарзде жувачIого жиндирго гIибадаталда тIадчIей гьаби. Хирияб хIадисалда буго: «Питанаялъул заманалда гIибадаталда тIадчIей гьаби дихъе гьижра гьабиялда релъуна», – ян (Муслим). 

Жиндаса Аллагь разилъаяв Абугьурайратица Бичасул Аварагасда ﷺ питнаялъул заманалда щиб дица гьабилебан гьикъидал хирияс ﷺ жаваб кьун буго: «Дурго черхги, квералги цIунун рокъов чIа…», – ян. Питна гIодобусинабизе къватIиве вахъайин абун гьечIо Бичасул Аварагас ﷺ гьесда. Гьединлъидал нилъееги рекъараб буго цо кинаб бугониги хIакъикъат загьирлъизегIан сабру гьабун, гьелда тIасан гIемераб хабар бицинчIого нилъерго гьабулеб гIибадат цIикIкIинабун рукIине.

Цоги хIадисалда Бичасул Аварагас ﷺ абулеб буго: «Нужеда нахъа руго сабру гьабизе кколел къоял. Гьеб мехалда сабруялда рукIин релъуна багIарараб тIурччи кодоб кквеялда. Гьеб заманалда сабруялда чIун, гIибадаталда вугесе гьединабго гIамал гьабурав кIикъоялдаанцIгоясулгIанасеб кири буго», - ян. Гьаб хIадисалда жаниб хирияс ﷺ нилъеда бицунеб буго сабру гьабизе кколел захIматал къоял тIаде рачIинчIого чара гьечIин абун. Гьединго малъулеб буго гьеб заманалда гьабизе рекъараб жоги. Гьелда нахърилъани нилъер динги, нилъги хвасарлъула питна-кьалалдаса.

ТIаде вачIарав гьобол гIемер халатго вукIунарелъул, гьединаб бичIчIулареб заманалъеги ахир букIина иншааллагь. Аллагь тавпикъ кьеги киназего сабруялда рукIине, нилъерго гIибадаталда тIадчIей цIикIкIинабизе. Амин я Аллагь!

 

 

 

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...