МархIаба, лъикI щвараб, шагьру-рамазан!
МархIаба, лъикI щвараб, шагьру-рамазан!

Хириял диналъул вацал ва яцал. ТIаде щолеб буго жиндилъ баракаталгун рахIматал гIемераб, жужахIалъул рагьаби къалеб, алжаналъул рагьаби рагьулеб рамазан моцI. Гьеб ккола нилъер умматалъе БетIергьанас гьарурал хаслъабазул цояблъун. ЛъагIалида жаниб Аллагьас Жиндир муъминзабазе сайгъат гьабураб моцIги ккола гьеб. Гьелда жанир руго гIемерал хIикматалги.
ТIубараб моцIалъго кIал кквей тIад гьабун буго балугълъиялде вахарав, гьелда хIалкIолев чиясда. Гьеб кIал кквеялда жанирги лъун руго Аллагьас гIемерал пайдаял. Гьелда жанир руго черхалъе, гьелъул сахлъиялъе ва гьеб щула гьабиялъе рикIкIун хIалкIоларел хIикматал. Гьелъие нугIлъи гьабула тохтурзабаз цо-цо унтарал кванидаса гьукъулел рукIин гьезул сахлъи цIуниялъул мурадалда.
Инсанасул къаркъалаялъул хIалтIигун гIуцIиялда хадуб хъаравуллъи ккурал тохтурзабазгун гIалимзабаз чIезабун буго лъагIалида жаниб цо моцIалъ ракъун чIеялда жаниб гIемерал пайдаби ругин сахлъи цIуниялъе. Гьединго гьелда жаниб буго инсанасул мунагьал чури, лъикIлъабазухъ цIикIкIараб кири хъвай.
ЧIикIаса СагIид-афандиясул назмабазда буго:
Къудраталъул БетIергьанас МухIаммадил умматалъул, Мунагь-хатIа чуриялъе Чанги сабаб тIамун буго. АзарцIул азарго инсан, ЖужахI тIадал гIадамазул, Рамазаналъ, щибаб къойил Тархъулилан хIадис буго.
Гьебги буго мискин-пакъирасе рохалилаб, тавбу гьабурасе рахIматалъулаб моцI. Нилъеца хIаракат бахъизе ккола гьеб моцI Аллагь разияб хIалалда тIобитIизе. ТIолабго гIамал нияталда бараб бугелъул, тIоцебесеб иргаялда, ният бацIцIад гьабизе ккела. Кколел кIалалги, цIалулеб Къуръанги, бачунеб зикру-салаватги, гьабулеб садакъа-хайратги, цогидазги гьабулеб бугин, дицаги гьабизе ккелин абун гьабичIого, гIицIго Аллагь разилъиялъул нияталда гьабизе ккела.
ТIагьаясде салат битIун, Къуръан цIалун, зикру бачун, Какал рецIун, тавбу гьабун, - Тоге заман гIадада хун.
ЧIикIаса СагIид-афанди
ДугIа гьаби
Аллагьасдаги гьарила мустахIикъаб куцалда рамазан моцI тIобитIизе тавпикъ кьейин абун. Салафаз абун буго жал рукIанин анлъго моцIалъ Аллагьасда гьардолел рамазан моцI тIаде щвезегIан жидее гIумру кьейилан. Рамазаналдаса хадубги гьарулеб букIанила щуго моцIалъ, гьеб моцIалъ гьабураб лъикIаб гIамал къабул гьабегийин абун.
БацIцIадаб тавбу
Тавбу гьабизе тIадаб буго кидаго, амма рамазаналде хIадурлъулаго гьабизе жеги рекъараб буго. Щайгурелъул, Аллагьасдаги лагъзадеридаги гьоркьор ругел хIукъукъаздаса вацIцIад вугони, рес букIуна рамазан моцIалъ ракIги гIодобе биччан, тIагIатгIибадаталде вуссине.
КIалал рецIи
РецIизе кIалал ратани, хехго рецIила. Нагагь рецIичIого рамазан моцI тIаде бачIани, щибаб кIал рикIкIун цо-цо муд тIаде бачIунелъулха. КIалазда хурхун гIелму цIикIкIинги тIалаб гьабила, тIахьал цIалун яги лъалесда цIехон. Аварагас ﷺ ГIалиасхIабасда абун буго: «Мун сабаблъун цониги чи битIараб нухде вачIин дуе лъикIаб буго гьаб дунялалдасаги гьалда жаниб бугебщинаб жоялдасаги», - ян абун.
Квешал пишаби тей
Напс ругьунлъарал какарал гIамалал дагь-дагьккун тезеги хIаракат бахъила. Щиб бугониги жо тохлъукьего теялдаса, дагьдагьккун тезе бигьаяб букIунелъул.
ХIатта, барабщинаб какил Щибаб цо-цо сужда рикIкIун, Азаралда анкьнусабго Кири хъвалин хIадис буго. Гьарурал гьал лъикIалщинал ГIамалазул кирабиги, Лъабкъоялда анцIгоялде Бахунилан абун бугеб. Амма квешлъи гьабуниги - Гьебго хIалалъ цIикIкIун хъвалеб, Гьелдасаги тох рукIунге - Тавфикъ кьеги киназего!
ЧIикIаса СагIид-афанди
Низам чIезаби
Рамазан моцIалде къойилаб хIадурлъи гьабила. МоцIалъ гьабизе бокьарабщинаб жоялъул сияхIги гьабила. ХIаракат бахъизе ккела гьелда рекъон хIалтIиги гьабизе. Рамазан моцI байбихьилалдего тохтурасухъеги ун хал-шалги гьабила. Щайгурелъул, унти сабаблъун гIемераб кириялдаса махIрумлъизе рес бугелъул. Гьеб моцIалъул хиралъабаздаса ккола гьелда жаниб Лайлатулкъадриялъул сордо букIинги.
ШамгIунилан, бицен бугев, Цо бахIарчи вукIанила, Бану-Исраилазда гъорлъ Рагъуе цIакъ гьунар бугев. Сордо щведал Аллагь рехсон, Къо бачIиндал жигьад гьабун, Гьес азарго моцI инегIан Ярагъ тIаса бахъичIила. Гьесул къиса бицунаго АсхIабзаби хIайранлъидал, ХIабибасде вахIю босун ЖабрагIил тIад гIунтIанила. ЗагIипаб дур умматалъе Аллагьасул рахъалдасан, Сайгъатгун дун щун вугилан, Рохел загьир гьабунила. Гьабунщинаб гIибадатгун Гьеб азарго моцIалдаса, Жиндилъ гIамал гьаби лъикIаб Сордо дуе кьурабила. Лайлатул-къадриян абун ЦIарги гьелда бугебила, Къуръаналъул сурат рещтIун, Хиралъиги бицанила.
ЧIикIаса СагIид-афанди
Аллагьас тавпикъ гьабеги киназего гьеб хирияб моцIалъул заман гIадада биччачIого гIибадаталда инабизе.
Амин!
ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ