Аслияб гьумералде

Асар ккеялъе хIикмат

Асар ккеялъе хIикмат

Асар ккеялъе хIикмат

ХIурматияб исламияб жамагIат! Дие бокьун буго дагьабго хабар бицине нилъер хIурматияв устар, Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандияс данде гьабураб «ЛъикIал тIабигIатазул ах» абураб тIехьалъул хIакъалъулъ, ай дидаго рихьарал хIужаби нужееги рагьизе. Щай дица гьединаб къасд гьабурабин абун гьикъизе бегьулелъул, гьанжего жаваб кьун телин гьелъиеги. Нилъер гIадат буго къиматаб жавгьар кодоб букIаго гьелъул къимат лъалареб. Гьеб кодоса борчIун индал, хадур хачадилелги хутIулел. Гьединлъидал пикру ккана гьеб жавгьаралъул хIакъалъулъ жеги гьеб цIидалъ букIаго бицине.

 

АхIмад-афандиясул «ЛъикIал тIабигIатазул ах» абураб тIехьалъ къокъаб заманалда жаниб кIудияб хIалтIи гьабуна бусурбабазда гьоркьоб. Дагъистан бахун къватIибги тIехь къабул гьабуна кIудияб хIурматалда. ГьабсагIаталда гьеб тIехь цохIо гIараб, магIарул ва гIурус мацIазде гуребги жеги гIемерал мацIазде таржама гьабун буго ва жеги гьабулебги буго.

Гьеб тIехьалъе кIудияб къимат кьуна батIи-батIиял гIелмабазул вакилзабаз, профессорзабаз ва академиказ. Гьеб тIехьалъ кIудияб асар гьабуна бусурбабазе гуребги, цогидал диназул церехъабазеги.

БитIараб бицани, дун цIакъ хIикматлъун вукIана гьеб лъугьа-бахъиналда хадуб хъаравуллъи ккун вукIаго. Гьеб тIехь бачIинегIан цебе кигIанги исламияб литература букIиндалха. Гьедин бугониги гьеб тIехьалда жаниб бихьулеб букIана цо гIажаибаб баракат, къуват, рекIелъе борти, халкъалъе гьениб хъвараб жо рекъонккей ва цогидалги хIикматал.

Гьеб киналъего дие жаваб щвана АхIмад-афандияс гьеб хъваялъе ккараб сабаб бицунеб рагIидал. Жиндир баракат щваяс бицана, гIараб тIахьал цIалулаго жиндирго гIумруялъе чара гьечIел, жинцаго хIалтIизаризе кколел жал ратидал, батIа росун хъвалаанила. Гьелъул мурадги букIанила жинцаго хIалтIизари ва гIамал гьаби. Гьедин хъвалев вукIаго данделъарал жал данде ракIарараб мехалда, цо тIехьгIанаб къадар лъугьанила гьелъул. Цинги, цойиде гьелги данде гьарун, рукъалъул агьлуги ахIун, гьезие дарс лъун цIаланила жинца. Цинги гьезда гьаранила гьаздаса пайдаго кканищ яги ккечIищ абураб суалалъе жаваб хIадур гьабейин абун. Гьезул жавабалде балагьун ракIалде кканила цогидазеги пайда босизе рес бугони, хасаб тIехьги гьабун къватIибе биччан лъикIин абун. Амма тIехьалда дирго цIар хъвазе ракIалда букIинчIила, щагурелъул дирго рагIаби гурел, чIахIиял гIалимзабазул каламлъидалила данде бакIарун бугеб. Цинги гьеб суал борханила ГIабдулжалил-афандиясде ва гьес абунила тIехьалда цIар хъвачIони гьеб кколин жавабияв чи гьечIин абураб жо. Гьединлъидал цIар хъвазе кколин абун. Гьесул жавабалда нахъвилълъун хъванила дирго цIарги.

Гьаб калам рагIун хадуб дир щибго ишкал хутIичIо. Балагьеха, цо тIехь хъван буго цин жинцаго гIамалги гьабун, чорхолъ бессизеги гьабун, чIамизеги гьабун. Гьеб тIехьалъул аслуги тIехь гIуцIи гуреб, жинцаго гIамал гьабизе хъвараб букIун буго.

Цоги-цогидал гIадамазги босула тIахьаздаса чанги жо, амма гьезул мурад букIуна гIицIго тIехь данде гьаби. Гьав мубаракасул абуни, гьелъул гIаксалда букIун буго. Гьедин жинцаго пайдаги босун, гIемер заманалъ балъго хутIунги букIун буго. Амма тIахьал данде гьарулезул аслияб хIалтIи букIуна кигIан кIваниги тIехь хехго къватIибе биччай.

Балагье цоги, тIехь гIуцIизе ракIалдего ккелалде жиндирго агьлу-хъизамалъе цIалун, гьелги ахIун руго гьелда гIамал гьабиялде. Гьебги буго кутакаб хIикмат жанибе бачараб жо.

ТIехьалда цIар хъваялъул суалалъ тIубанго рагьулеб буго гьеб хъваялдалъун кинабгIаги цогидаб мурад букIинчIолъи, гIицIго Аллагьасе гIололъун гурони.

Балагье гьаб заманалъул тIахьал хъвалезул хIалтIуде. Жиндирго цIар хъвачIого тIехь къватIибе биччай гьезие бищунго кIудияб захIмалъи-балагь буго. ХIатта гьедин къватIибе бачIани, гIадада хвараблъунцин рикIкIуна.

БицинчIого гIоларо тIехьалъул багьаялъул хIакъалъулги. Гьеб бахъулаго тIад араб харж щвей гуреб тIокIаб мурад гьечIого риччана гьел тIахьал. Цогидаз гьедин гьабулищ? Лъабго багьагIаги тIаде абун гурищ ричулел?

Цебе бицараб жо мухIканлъараб заманалда нилъеда бичIчIула гьеб тIехьалъ щай гьадигIан пайда-асар гьабураб халкъалда гьоркьобали.

Аллагьас киназего гIамм гьабеги устарзабазул баракатал! Амин!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Щай рахъунел?

Мавлид ахIулеб заманалда бусурбабазда гьоркьоб машгьураб гIадат буго, МухIаммад авараг ﷺ гьавураб лахIзаталъул ахIулелъул, киналго тIаде рахъунеб. Гьебги гьабула Аллагьасул Расул вокьиялъул, рохелалъул, гьесие гьабулеб адаб-хIурматалъул гIаламат хIисабалда.   Гьеб гIадат къабул гьабурал...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...