Аслияб гьумералде

Ана цоги лъагIел

Ана цоги лъагIел

Ана цоги лъагIел

Гьале нухда тIобитIулеб буго нилъеца 2023 сон. Гьадин сонал нухда тIоритIулаго заманги унеб буго. Исанаги ккана гIезегIанго кIуди-кIудиял лъугьа-бахъинал. Гьезда гьоркьор руго рохалилалги, гьединго, пашманалги. Кинал ратаниги, Аллагьасда лъачIого ккарал гьечIелъул, гьезда разилъун чIеялъухъ нилъее Аллагьасда аскIоб даража буго.

Соналъул ахир ва цIияб лъагIел байбихьиялдалъун рохулел гIадамал кигIан ратаниги, гьелда жаниб пашманлъи камунги букIунеб гьечIо. ТIоцебесеб иргаялда, гIумрудул къоял мукъсанлъи буго. ГIумруги гIададаго гIадин унеб буго. Цинги гьелдаса кинха рохилел?

Нилъеца кин бицаниги чIолеб жо гуро заман. Нилъеда тIадаб жо ккола кIвараб ва бажарараб куцалда заманалдаса ва ресалдаса пайда боси. Пикру гьабидал, нилъее киналниги ресал ва санагIатал руго гIибадат гьабизе рекъарал. Нилъер умумузе гьадин рахIаталда тIагIат гьабизе щвечIо. Пикру гьабе, радакь яги радал цIорол къотIи гIадаб рукъалъул. ТIадеги рахъун бакизе кколеб печ, хинлъизабизе ккола рукъ. Гьанжейин абуни, хинаб рокъор ва бусадаса тIаде рахъин гурони тIокIаб жо гьечIо.

Печ бакизе ккани дагьалищ квалквадизе кколел. Жеги, къватIиса баччун гурон гьечIеб лъим. Гьединго чура-хули къватIибе тIезе баччизе ккола. Гьенже абуни минаялъул щибаб бокIниде бачун буго лъимгун канализация. Гьанир рехсечIониги дагьалго соназ цере рукIинчIелги гIемерал бигьалъаби раккун руго.

Амма кигIанго гIемер эркенаб заман бугониги, пайда бугелде гьеб буссинаби дагьлъулеб буго. Щибго гурел жалаз гуккун я дунялалъе, я ахираталъе гурелда тIад гIемераб заман хвезабулеб буго. Паризаял ишал тIуран хадуб бищунго кIвар кьезе ккарабин абуни буго гIелму цIали. Гьеб цIализе мадрасалдеги ун, кинабго жоги рехун тезе кколеб батилин ракIалдеги ккезе рес буго. Кколаро, гIицIго заманалдаса битIун пайда босизе ккола. Эркенаб заманалда жаниб цо кинаб бугониги исламияб тIехь яги «Ас-салам» казият щай цIализе бегьулареб? Гьебги кколелъулха лъай камил гьаби. ЦIалдолев чиясул лъай цIикIкIунебго гIадин, гIакълуги камиллъула. Нилъеда лъалареб жо диналъул дагьаб гьечIелъул. Цо чанго соналъ цебего цIалун букIарабги кIочон батун, цIидасан цIалулелъулги щола хайир.

Эркенаб заман тIамизе рекъараб буго Аллагьасе гIибадат гьабиялда. Дунялалде нилъ риччан руго Аллагьасе гIибадат гьабизелъун. Гьелъие гIоло дунялалда ругел къояз гIумру гьабизе хIажатаб ризкъиги БетIергьанас Жиндего тIаде босун буго. Нилъеда тIад лъун буго гIицIго гIибадат гьаби. КигIанго бицине захIмат бугониги, абичIого рес гьечIо, Аллагьасе гьабулеб тIагIат нилъер цIакъго мукъсанлъун буго. ГIумруялъул магIналъунго бугеб гIибадат рехун тезе рекъарабги гьечIо. Щибго пайда гуреб жоялда тIад заманги инабун, гIибадат гьабиялъул иш мукъсанлъизе тей, гIакълуялъ къабул гьабизе рес гьечIо.

 

 

 

 

 

 

Гьелъие бугеб гIиллаги ккола гIибадат гьабизе нилъеда лъалеб гьечIолъи. Гьедин букIиналъ гIемераб заман гIадада холеб буго. Кинха лъазе рес бугеб гIибадат гьабизе? Гьайгьай, гьеб лъала исламияб литература цIалиялдалъун. Гьедин щвараб лъай, хIакъикъаталдаги лъайлъунги хутIула.

Лъиего балъояб жо гуро, гьаб дунял гIуцIун буго щибаб жоялъул хасав махщелчиясдалъун ва щивасе жиндирго ишги БетIергьанас бигьа гьабун буго. Гьединго диналда жанирги руго щибаб рахъалъе хасаб тIокIлъи Аллагьас кьурал гIадамал. Цоязда лъикI лъала фикъгьиялъул гIелму, цогидал нахIви-сарпалъе лебалал ратула. Гьездаго гъорлъ руго Аллагьасе гIибадат гьабизе нилъеда малъиялъе хас гьарурал гIадамалги. Халкъалда гьоркьор гьезда абула устарзабиян. ХIакъикъаталдаги гьел ккола Аллагьасе гIибадат бацIцIадго гьабизе халкъалда малъулел гIадамал. Гьезул тарбиялдеги лъугьун, тIад къарал вирдалги тIуран, гIумру гьабурав чиясе гIибадаталъе батIиябго къуватгун тавпикъ букIуна. Щайгурелъул, гьел руго БетIергьанас нилъее рахIматлъун кьурал гIадамал, нилъ Аллагь лъаялъул макъамалде рачине рукIине. Живго жиндаго чIун гIибадат гьабизе лъицаго гьукъун гьечIониги, устарасул балагьиялда, гьесул малъиялда гъоркь гьабурабгIадаб бацIцIадабги, камилабги ва жинда цадахъ тавпикъ бугебги гьеб букIунаро.

ХIурматияб диналъул агьлу, рачIа нилъеца гьаб соналъул ахир, цере арал мунагьаздаса тавбуги гьабун, гIибадат цIикIкIинабиялда инабилин. Гьелдалъун нилъер хьулги буго тIубараб соналъго ккарал мунагь-хатIабаздаса Аллагь тIаса лъугьинин абураб.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...