Аслияб гьумералде

Къадаралда иман лъей

Къадаралда иман лъей

Иманалъул рукнабазул анлъабилеб ккола бусурманчияс ракIчIезабизе тIадаб Аллагьас щиб къадар хъван батаниги гьелда иман лъей. Аллагьасул къадарин абула Жиндир азалияб гIелмуялда ва бокьиялда рекъон БетIергьанас кинаб бугониги жо, иш-пиша бижиялда, батизабиялда.

Бусурманчияс ракIчIезабизе тIадаб буго ва гьев божизеги ккола квешаб бугониги, лъикIаб бугониги лъугьа-бахъин ТIадегIанав Аллагьасе бокьиялдалъун лъугьунеб Гьесул къадар букIиналда. Хирияв аварагасул хIадисалда буго:

«Нужер цонигияс иман лъоларо (цонигияв муъминчилъун лъугьунаро) гьев къадаралда божизегIан, лъикIаб букIа гьеб ялъуни квешаб букIа. Жиндаги кинаб бугониги тIаде щвараб балагь ялъуни нигIмат жинде щвечIого хутIизе букIинчIеблъи Аллагьас хъван, Гьесул къадаралдалъун гурони», - ян.

Амма лъазе ккола хIал гьабун БетIергьанас квешлъи гьабизе лагъ тIамулареблъи. Аллагьас лагъасе ихтияр кьун буго лъикIабквешалъул бокьараб тIаса бищизе. БетIергьанас аварагзаби ритIун руго, тIахьал рещтIун шаригIат нилъехъе щвезабун буго. Малъун буго гьабизе бегьулеб ва бегьулареб, гьабун буго амру-нагью.

Нилъехъе гьабулеб ишалъулъ лъикIабквешаб гьабизе ихтияр кьечIого, кинабго Аллагьас хIал гьабун лъугьунеб букIарабани, аварагзаби ритIиги, тIахьал рещтIиги букIинаан щибниги пайда гьечIеб, гIададисеб ишлъун. ТIадегIанав Аллагь гIададисеб жо гьабиялдаса ва бижизабиялдаса вацIцIадав вуго. Гьес цониги жо бижун гьечIо гIаламалда жаниб жиндилъ хасаб хIикмат бугеб гурони.

Аллагьасул къадаралда рекъон цо иш лъугьун бугилан рагIидал, цо-цоязда ккола гьеб БетIергьанас хIал гьабун лъугьинабураб ва лагъасда тIад гьес гьабизе хъвараб букIиналъ лъугьараб бугилан. Аллагьасул къадаралда рекъон иш лъугьиналъул магIна ккола, гIалам бижилелдего лагъас вижун хадуб гьабизе бугеб гIамал Аллагьасдаги лъан, Гьес гьеб лагъасул гIамалазул хъвай.

Аллагьас цониги чиясда куфруялдалъун, ялъуни мунагьалдалъун, яги иманалдалъун хIал гьабуларо. БетIергьанас лъикIабги квешабги лагъасул рекIелъ бижизабула, лагъас гьеб тIаса бищун хадуб.

Аллагьасе бокьун гурони лъикIаб яги квешаб иш лъугьунгутIи битIараб буго, амма лагъас квешаб гIамал гьаби БетIергьанасе бокьилъун кколаро. Щаян абуни, ТIадегIанасул бокьи букIуна Гьесул лъаялда, гIелмуялда нахъбилълъун. Гьесул лъайги нахъбилълъуна дунялалде вачIун хадуб лагъас гьабизе зарраялдаго тIаса бищараб гIамалалда.

Гьаниб баккизе бегьула суал, щайинха БетIергьанасе бокьараб ва Гьес гьабизе гьукъичIеб, Жив разилъулареб квешаб гIамал абун. ТIадегIанав Аллагьас лагъ вижун вуго гьесул хIал бихьизе. Къуръаналдаги буго:

«Жинца хвелгун чIаголъи бижана нужер хIалбихьизе букIине, гIамал гьабиялъул рахъалъан нужер кинал лъикIал, тIокIал ругищали», - ян.

Гьединлъидал ТIадегIанав Аллагьасда Жиндирго къадимияб (авал гьечIеб) Азалияб гIелмуялдалъун лъараб мехалда лагъас иман тIаса бищизе букIин Гьесие гьеб бокьула ва гьевги иманалде тIовитIула. Гьесда лъараб мехалда лагъас купру, жинде гIасилъи тIаса бищизе букIин, Гьесие бокьана гьев гьелдаго тезе.

Гьанисан бичIчIуларо (БетIергьанасе бокьун лагъас квешлъи гьабидал) Жив гьелда разияв вукIиналъ бокьанин Аллагьасе гьебин абураб жо. Лагъас квешлъи тIаса бищи лъайдал бокьана БетIергьанасе гьев квешлъиялдаго тезе, амма гьес гьеб квешлъи тIаса бищиялда БетIергьан разилъичIо.

Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул аят: «Аллагьас рижана нужги нужеца гьабулеб гIамалги», - ян. Аллагьас рижана лагъзалги гьез гьарулел лъикIалквешал гIамалалги. ТIадегIанав Аллагьасда жиндир къадимияб гIелмуялдалъун цебеккунго лъана лагъас тIаса бищизе бугеб гIамал.

Цинги лагъ вижун гIамал гьабизе къасд гьабулелъул Аллагьас бижула гьеб гIамалги, квешаб гьабулеб бугони лагъасда хIал гьабун сверизабичIого биччанги тола. Амма лагъас гьабулеб гIамал бижулев Аллагь вугониги, Аллагь лагъасул гьеб гIамалалда рази вукIунаро.

Жинцаго рижарал гIамалазухъ кинха БетIергьанас жаза гьабулебин абуни, ТIадегIанав Аллагьас лагъасе жаза гьабула гьесул къасдалъухъ, гьес тIаса бищиялъухъ балагьун. ЛъикIалгун квешал Аллагьас рижарал гIамалал ккола лагъасул кинаб къасд букIарабали баян гьабулел гIаламатал ва лагъасде данде ялъуни гьесие хайиралъе ругел хIужаби.

БетIергьан разилъуларо лагъас квешлъи тIаса бищиялда ва гьелъухъ гIазабги гьабула. Гьев разилъула лагъас лъикIлъи тIаса бищиялда ва гьелъухъ кириги кьола. Жиндаса мунагь ккараб мехалда жиндиего гIузру бачун дица мунагь Аллагьасул къадар букIиналъ гьабунин абула цо-цо чияс.

Аллагьасул къадар абураб жоги гьесда бичIчIун букIуна хIалгьабун чиясда гьабизабизе БетIергьанас цебеккунго гьабураб хъвай-хъвагIайлъун. Гьедин хIал гьабун гIамал гьабизе инсан тIамулевани, гьесухъе ихтиярги кьун батичIони, щайха БетIергьанас инсанасда гьаризеги тезеги гIамалал тIадкъарал?

Кьун бугелъул нилъехъе ихтияр лъикIаб гурони гьабичIого тезеги. БетIергьанас лагъасда лъикIаб гьабе, квешаб теян таклиф гьабуна ва гьесухъе бокьараб тIаса бищизе ихтиярги кьуна. Гьес квешлъи гьабизе тIаса бищани, БетIергьанас гьебги гьукъуларо.

Лагъасухъ щибниги ихтияр гьечIелги рукIуна БетIергьанасул цо-цо къадарал, масала, хвел, балагьал рачIин, цIад бай, ихтияр гьечIого лага туркIи ва гь.ц. Цо-цо лъугьа-бахъиназе лъурал сабабалги рукIуна Аллагьасул , масала, мунагьал гьарураб мехалда балагьал риччай, цIва баккараб мехалда цIад бай, сихIру цIалараб мехалда цониги жо лъугьин ва гь.ц.

Амма лъазе ккола цIваялъ цIад базабулареблъи, сихIруялъ цониги жо лъугьинабулареблъи Аллагьасе бокьичIони. Гьеб ккола гIицIго БетIергьанас лъураб нух, амма БетIергьанасе бокьичIони гьел жалазул асар букIунаро.

Цо иш лъугьун хадуб гьадин щай гьабичIеб, додин щай гьабичIеб, гьадин гьабурабани гьедин ккелароанин абун харбалги рицине бегьуларо. Аллагьас дие щай гьадин гьабураб, досие щай кьураб, дие щай кьечIеб абунги бицине бегьуларо. Гьеб ккола Аллагьасул къадаралда разилъунгутIи, гьелъ куфруялде ккезаризеги бегьула. Анас бину Малик вукIана аварагасул хъулухъчи.

Гьес бицунеб буго жинца хирияв аварагасе 14 соналъ хъулухъ гьабунила, гьебгощинаб заманалда жаниб цониги нухалъ жинда аварагас абичIила гьаб жо гьадин щай гьабураб ялъуни гьадингIаги гьабун букIарабани дуца гьабилан абун. Жинда лъудбуз цониги жо абуниги гьездаги абулаанила аварагас нуж чIа, гьеб кинабго Аллагьасул къадаралдалъун бугин.

Хирияв аварагасул хIадисалда буго: «Аллагьасе бокьараб мехалда цо иш билълъанхъизе Гьес гIакълудул бутIрузул гIакълу нахъе босула», - ян.

ТIадегIанав Аллагьасда тIадаб гьечIо инсанасе маслихIатабщинаб жо цIунизе. Гьесда кIола гIасилъи гьабурав алжаналде витIизеги, лъикIлъи гьабурав жужахIалде витIизеги. Гьедин гьабунигицин гьеб Аллагьасул рахъалъан зулмулъунги кколаро. Щайгурелъул зулму букIуна чияр милкалда бугеб жоялъе зарал, гIазаб гьабиялдалъун.

БетIергьанасул ханлъиялда цадахъин абуни цоги ханлъи гьечIо ва кинабниги гIамалалъулъ бугебщинаб жоги гьеб Гьесул мулк ккола, Гьес бижана кинабниги ва Гьес гьабула Жиндиего бокьараб, Гьесда лъицаниги гьикъуларо ва Гьесул хIисабги лъицаниги гьабуларо, кинниги лагъзадерида гьикъула ва гьезул хIисабги гьабула. ТIадегIанав Аллагьасда цониги жо тIадаблъун гьабизе лъилниги ихтияр гьечIо ва лъиданиги гьеб кIоларо.

Аллагьас нилъехъа ихтиярги бахъун нилъ мунагьал гьаризе тIамураланиги ва жужахIалдеги ритIаралани гьеб Гьесул хIакъалъулъ зулму ккелароан. Амма БетIергьанас гьединги гьабулеб гьечIо, нилъехъе ихтиярги кьун буго, нилъее квешабгун лъикIаб батIа бахъизе лъай-гIакълуги кьун буго, шаргI босун аварагзабиги ритIун руго, тIахьалги рещтIун руго, гьез бицараб халкъалда бичIчIизабизе гIалимзабиги кьун руго.

Гьеб киналъухъго рецц Аллагьасеги буго. Гьединлъидал лагъасда тIалъула жинда бичIчIаниги бичIчIичIониги Гьесул хIукмукъадаралдаги разилъун, Аллагьасе мутIигIаб хьвада-чIвади гьабизе. Къадаралъул бицине бегьулебги бегьуларебги къадар букIуна. Кинавниги чиясда, гьеб бичIчIунги бахъунаро, гьелъул хIакъалъулъ гIемер хабар бицинги гьукъараб буго.

Хирияв аварагасул хIадисалда буго: «Нуж, къадаралъул бицунеб мехалда, руцIцIун чIа», - ян. Къадар ккола Аллагьасул балъголъабазул цо балъголъи, жинда цере Аллагьас пардавал ригъараб. ТIадегIанав Аллагьас Жиндаго лъалеб хIикматалъе гIоло нилъер гIакълабаздаса гьеб бахчана, ай нилъ хадур гъолареблъун гьабуна. Нилъеда тIадаб жо ккола БетIергьан Аллагьас нилъее гIорхъи лъураб бакIалда лъалхъи, ай Гьес нилъеда бичIчIизабураб къадаралда иманги лъун, гъварилъуде лъугьунгутIи.

Аллагьас бичIчIи кьеги хIакъаб нух кквезе ва хIажат гьечIелда гъорлъе раккун мекъаб пикру диналъулъ бижунгутIизе.

Амин!

ХIАБИБ ХIАЖИЕВ

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Нужее баяналъе

  «ХIавамим» абурал сураби чан ругел? – Анкьго руго. Щал гьел кколел? – «Гъафир», «Фуссилат», «Шура», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф». Щай гьезие...


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...


Суал-жаваб

Шукруялъул сужда кида гьабулеб? Щукруялъул сужда гьабизе суннатаб буго. Гьебги гьабула циндаго ракIалда букIинчIеб бакIалдаса нигIмат тIаде бачIиндал яги жиндаса балагь нахъчIвайдал. Гьединго, суннатаб буго шукруялъул сужда гьабизе квешаб унти бугев яги балагьалде ккарав чи вихьидал, Аллагьас I...


ХIижабалъул хIакъалъулъ

Руччабазул «Марям» централда тIобитIана «Хиджаб: внутренний и внешний смысл» абураб темаялда анлъабилеб семинар.   Данделъиялда рорхана чIужугIаданалъул ретIел-хьиталда хурхарал кIвар бугел масъалаби, бицана хIижабалъул хиралъиялъул, чIужугIаданалъе гьелъул бугеб...


КӀал биччаялъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!   ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! РакӀ-ракӀалъ баркула нужеда тӀаде щвараб баракатаб кӀал биччаялъул байрам: кӀал кквеялъул, как баялъул, ракӀбацӀцӀадаб тавбуялъул ва рухӀияб рахъалъ хисиялъул цӀураб хирияб рамазан моцӀ лъугӀулеб...