Аслияб гьумералде

Пихъ гьечIеб гъотIода тIил речIчIуларо…

Пихъ гьечIеб гъотIода тIил речIчIуларо…

Найица гьоцIо тIола, тIулби кир лъунаниги (Инхоса ГIалихIажи)

 

 

 

Инхоса АхIмад-хIажие

Инхоса АхIмад-хIажи,

Дагъистаналъул муфти,

Устарасул къавулъа

КъватIиб бачIараб канлъи.

 

Караматал тIатарав,

ТIад-Инхоса Устарас,

ТIабигIатги гIамалги

ГIелмуялда куцарав.

 

ГIабдулхIамид-дадаца

Иман чорхолъе тIурав,

Эбелалъул инсул нух

Босун хьвадизе лъарав.

 

Инхоса АхIмад-хIажи

«ХIалакъав» вукIун гьечIо.

ХIал гIуна дур, Дагъистан

Данде бачун хьвадизе.

 

Дунялалда цIар арав

ГIалихIажил ракьцояв,

ГIалам хадуб ахIизе

ХIал кьеги дуй Аллагьас.

 

Баракатаб росдал вас,

Дагъистаналъул муфти,

Дунял-ахират дуе

Аллагь разияб кьеги!

                        2010 сон

 

 

 

АхIмад-хIажи устарасде

СагIид-афандиги чIван

Къварид бугеб халкъалъе,

Къудратав БетIергьанас

БитIун бачIараб канлъи.

 

Каранда ругъналги лъун

Дагъистан угьдулелъул,

Халкъ диналде ахIарав

АхIмад-хIажи-афанди.

 

РахIму бугев Бичасул

Болжал тIаде щвезегIан,

ТIад къараб божи-амру

Жинца загьир гьабичIев.

 

ГьитIинаб къоялдаса

Къуръан-хIадис цIаларав,

ЦIар бугел гIалимахъе

ГIелму босзе хьвадарав.

 

ГIамалгин хасияталъ

Халкъалъул ракIал цIалев,

РекIелъ бугеб гьуинлъи

Гьурмаца къватIиб кьолев.

 

Гьуинаб гIамалалъул,

Камилаб гIакълуялъул,

ГIодов виччан гурони

Чиясда кIалъаларев.

 

Заман чороклъунилан

ЧагIмаллъиялде инчIев,

Чилъиги рацIцIалъиги

ЦIунун хьвадизе кIварав.

 

ЦIар бугев Устарасул, -

ГIабдулхIамид-афандил,

Къавулъ тIегьан бачIараб

ТIарикъаталъул рахас.

 

Устарасул наслудал

Ирсалъе мустахIикъав,

АхIмад-хIажи, баркатлъун

Ватаги мун халкъалъе.

 

 

Къварилъиялда хадуб

ГIатIилъи камулареб,

ГIаламалда гурхIулев

РахIму гьарзаяв, Аллагь.

 

Гьадинаб нигIматги кьун

Халкъ бохизе гьабурав,

АлхIамдулиллагь, щукру,

Щибаб рецц Аллагь дуе!

                         2012 сон

 

 

 

 

Бице, Устарасда, АхIмад-хIажида

Бице, КIудиясда, АхIмад-хIажида,

Дир урхъараб салам, ГIисал рахъалъан.

ГIемер гьев хирияв, гьесул ракьцояв,

Кьолеб адаб бугин, адаб таниги.

 

Бице, гьесул ракьда ритIухълъиялъул,

Бакъул чIорал гьанже речIчIанин абун.

ТIад вугев Бичасул кумекги бачIун,

Канлъи  щолеб бугин рогьалилъ гIадин.

 

Бице, БетIергьанас гьев сабаблъун ккун,

Ислам-дин тIегьанин Дагъистаналда.

ЦIодораб, хIеренаб гьесул каламалъ,

Киназулго ракIал тIаде цIан анин.

 

Гьесул муридазул зикру-свалаталъ,

Унтараб Дагъистан сахлъулеб бугин.

Сас гьечIого унеб гама гIадинан,

Унеб бугин цебе диналъул гама.

 

Бице, рузман къоялъ Дагъистаналда,

Мажгитал цIун ругин гIолохъабазул.

 

Къудраталъул кумек щвечIебанани,

Гьаб рахIмат нилъее бачIинароан.

 

Абе, гьес баркатаб нухмалъи гьабун,

Баркат щун Дагъистан тIегьалеб бугин.

ТIолго Россиялда ислам-диналъул,

Гьесул муридзабаз нур балеб бугин.

 

Абе, реццги гьабун кIалъалев гурин,

КIудияб балъголъи рагьулев гурин.

Дирго ракI чучулев чи гьев вукIиналъ,

Чучулел рукIанин рекIел пикраби.

 

Абе, КIудиясда тIаса лъугьаян,

ТIолго муридзабалъ жагьилав дида.

Жив хиралъун хъвараб дир назмуялда,

ТIаса лъугьа абе, АхIмад-хIажида.

 

Бице, дир урхъараб салам нахъеги,

Гьесул ракьцоясул - ГIисал рахъалъан.

ГIибадат гьайбатав, гIамал камилав,

Гьудуллъи хирияв дир Устарасда.

                                                2017 сон

 

 

ГIиса Шарапудинов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...