Аслияб гьумералде

«Ас-салам» - гIелмудул нур

«Ас-салам» - гIелмудул нур

«Ас-салам» казият - кутакаб гIелму,

ГIамал гьабурасе гIакъилаб гьудул.

Къойилго цIализе хIал гIечIониги,

ХIалай батула мун хIажат ккарабго.

.....

Гургинабккараб моцIрол канлъи гIадинаб,

Киналго урхъараб баркаталъул нур.

Русулазул калам кодоб босараб,

Аллагь разилъизе матIлублъун ккараб.

.....

Доба Россиялда дур бицунареб,

Батиларо гьанже цохIониги бакI.

БатIиял мацIазда мун хъвананиги,

Хисиларо кинго дур хасиятлъи.

.....

Халкъалъе хирияб, гIалам бохараб,

Бахьи бугелаца чIаго гьабураб.

ЧIалгIен буссунареб, сас къотIулареб,

Къуръан-хIадисазул тафсир гIатIидаб.

.....

ГIалимаз, цIалараз тIад кверги бахъун,

ЦIидасан биччалеб щибаб нухалда.

ВагIза-насихIатаз жаниб бачараб,

Щукру Аллагьасе, мун батаралъухъ.

МУХIАММАДХIАБИБ САГIИДОВ, ГЪУНИБ РАЙОН, КIУЯДА РОСУ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...