Аслияб гьумералде

Дагъистаналъул имамзабазде

Дагъистаналъул имамзабазде
Диналъун ургъелги тун
ГIадатазе руссарал
Тавбоялде axlизe
Имaмaс байбихьана
БоцIи-малалъ мехтарал
Жагьлоялъ сверун ккурал,
Квал-квал чагIазде данде
Хвалчен бахъизе ккана.
СагIид Афанди

Гъазаваталъул гъази ГъазимухIамад имамасде

Дагъистан пасалъидал
Питнаби гIемерлъидал
ГIадамазе ханзабаз
Зулмугун, хIал гьабула.
БакIалъулал чIухIбузул
ЧагIмаллъи гIемерлъула
ГIадатаца Дагъистан
Жанисан жагъаллъула. 
ГIачаясул чукъбуца
Чинахъ гIарацги босун
Чиясул къимат хвараб
КъагIидаялде кола.
Гьеб кинабго захIмалъун
ГъазимухIамад гIалим
ШаргIалде халкъ ахIизе
 ХIадурун къачIадула.
Устарзабазда гьикъун,
Тарикъаталде лъугьун
Тагьаясул нухалде
Халкъал данде ахIула.
Гьедин Дагьистаналда
Гъазаватги лъазабун
ГъазимухIамадица
Имамлъи байбихьула.
АсхIабзабазда гIадин
ГIалам гьесда божула
ГIурусазулгунги рекъон
Ханзаби данде чIола.
ШаргIалъукьа хIинкъарал
ХIалихьатаб агьлуялъ
ХIалае пачаясде
АхIи бала-кумекин.
Чидар ракьал рахъулел
ХъамалчагIазде данде,
ХъачIаб гьалбацI гIадинан
ГъазимухIамад чIола.
Кинабниги Дагъистан
Гьесде буссунеб бихьун
Пачаяс рагъул къуват
Дагьистаналде цIала.
Данде бащадаб гуреб
Къуватгун къеркьелаго
Къадар щола гIемерал
Муридзабазе гьениб.
Аллагьасул хIукмуялъ
ХIикматаб бажаригун.
Шамиль нахъе ворчIула
Гендерил къварилъухъа.
Гьединан шагьидлъула
Шайих ГъазимухIамад
ШаргIалье кьучI тамурав
ТIагьаясул нух ккурав.
Дагъистан пасалъидал,
Питнаби гIемерльидал,
ГIаламалде витIарав
Бичасул шайих-гъази.

2010 coн.

Балагьаб рузман къо (ХIамзат имамасде)

Масжидул жамигIалда,
Жанив шагьидлъун хварав
Шагьидзабазул хIуби,
ГьоцIалъа ХIамзат Имам. 

Игьалиса Чупалав

ГьазимухIамад имам
Шагьидлъун хадуса,
МагIарул гIалимзаби
Кьороде ракIарула.
Къваридаб ахIвал-хIалалъ
Paxlaт xyн букIин бицун,
Имам вищизе кколин
Пикру загьир гьабуна.
ГьоцIалъа ХIамзатида
Кинацаго цIар чIвана,
ГIалимзаби разилъун,
Гьев имамлъун вищула.
КIудияв гIалим-шайих
ГIалискандирил ХIамзат,
Имамасул тIалабал
ТIуразе, гъорлье лълъуна. 
РитIухълъиялъул рахъалъ
Жиндир тIокIльи цIикIкIapaв,
ТIолабго сверухълъиго
Имамасде русуна.
ЦохIо хундерил ханлъи
ХутIула шаргI щвечIеб бакI,
Гьебги ракълил нухалда
Гьабизе байбихьула.
Гьоркьор ругел гIадамал
ГIакълу гьечIел рукIиналь,
Ракълилаб къотIи-къайги
ЧIвай-хъвеялде сверула.
ЧIвала хундерил ханлъи,
Хола гьезул нухмалъи,
Хунздерий захIмалъула
Ханзаби тIагIинари.
Ханзаби тIагIун хадур
ХIамзат Хунзахъго чIола
Хундерица гьа бала
Бидухъ рецIел босизе.
Гьел гъоркьчIалий ургъула,
Имам чIвазе хIадурун,
Рузман къоялъ къалъуда
Мажгиталъув гьев чIвала.
Хундерил мажгиталъур
Бидул хIорал рахъуна,
Балагъаб рузман къоялъ
Къаде рузман баларо.
Гьединан шагьидлъула
ШаргIалъул хIуби-ХIамзат,
ШаргIгин-гъазаваталда
Хунздерил мажгиталъув.

2012 coн.

Шамил имамлъиялде вачIин

ХIамзат шагьидлъун хадув,
ШаригIаталъул къолден
Шамил Дагьистаналъе
Имамлъун чIезавуна

СагIид Афанди

ХIамзат имам шагьидлъун,
ШаригIат чучилилан,
Шамилица ГIашилтIе,
ГIалимзаби ахIана.
ГIакълу бугел бахIарзал,
ЯхI бугел муридзаби,
Имамзаби чIванилан,
ЧIунтун тезе бегьиищ?
Аллагьасул хIукмуги,
ХIал кIолесул кумекги,
Камун нилъ хутIуларел,
Бичасде мугъ чIванани.
Гьедин кIалъана Шамил,
 ШаригIаталъул бицун.
Щивасул гIакълуялухъ,
ГIодо виччан хал гьабун.
Хал гьабураб мехалда
Имамлъи гьабунани,
Игьалиса кIудияв
СагIит рекъарав вугин.
Дун кидаго гIадин
Кумекчилъун вукIинин,
Ккаралъув имамасда
Асков рекьелин абун.
Цинги СагIит кIалъала
КIудияб адабалда,
КIудияб адаб гьабун,
КIалъарав Шамилида.
КIодолъиялъул гIузру,
ГIeмeрaб букIунилан,
ГIакълу-лъайги хисулин,
Хехлъиги камуларин.
ГIелму-гIакълу барщрав
ГIалам хадув вилъунев,
Шамил имамлъун ккани,
ШаригIат цIилъилилан.
Гьеб пикру ургьиб рекъон
Рокьоре тIад руссана.
Имамасда цIар чIвазе,
Харахьир данделъилин.
Харахьи мажлисалда
Шамил имамлъун тана.
Алхам цалун Загъалас
Гьесий дугIа гьабуна.
Гьедин вачIуна Шамил
ШаригIаталъул гъалбац
ШаригIатги гIуцIцIизе
Дагъистанги цIунизе.

2008 сон.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...