Аслияб гьумералде

Дагъистан

Дагъистан
Хошгелди, рекӀел дарман,
Дие гIагараб ватIан,
Дир гӀумру жаниб араб
Аваданаб Дагъистан.
Дур эркенлъи баркизе
Изну гьарулеб буго,
Уздaнaб гIумруялъул
ГӀолохъанаб Дагъистан.
Авлахъал харил цIураб,
Хъутаби гӀиял цIураб,
Халкъалъул бер гӀорцIараб
ГIажаибаб Дагъистан.
МагIарухъ ролъ бахьинаб,
Хьиндада пихъ гьуинаб,
Гьури, цIад, бакъ рекъараб
Къимат тӀокIаб Дагъистан.
Мугъ бечелъабаз цIураб,
Чехь магIданазул цIураб,
Щиб жо хIажалъаниги,
Жинца кьолеб Дагъистан.
Маххул чарма жемараб,
Чармил къолден ретIараб,
ТӀабигӀиял сангараз
Сверун къараб Дагъистан.
Ральдалье квер биччараб,
Керен рохьазда цураб,
Кутакал бечелъабаз
Рачел къараб Дагъистан.
Россиялде керен кьун,
Кавказалда мугъ чIвараб,
ЧlахIиял къуватаца
Къвал жемараб Дагъистан.
Жанив лъугьарав тушман,
Туртида лъун гурони,
ТалихI-рохалидалъун
НахъвуссинчIеб Дагъистан.
ВачIунесул гурони,
Унесул лъалкI лъалареб,
Лъиего рокьи кьечIеб,
КьучIаб рагӀул Дагъистан.
Миллатал цIикIкIаниги,
РакIазул мурад цояб,
Хвалчада хӀал бихьараб,
ХӀинкъи гьечIеб Дагъистан.
ХIалтIуде гъеж гурараб,
Гуллие керен кьураб,
Кидаго тушманасда
Мугъ бихьичIеб Дагъистан.
МугӀрузул кьер маххулаб,
Кьурул сиртал чармилаб,
Шамилица куцарал
Героязул Дагъистан.
Рагъул кӀкӀуйдулъ белъараб,
Кьалул кордухъ бежараб,
Бидул лъаразда жаниб
Лъадарараб Дагъистан.
Бакъбаккул пачалихъал
Чурхъарал гьужумазул
Гьанал мачIаби къараб,
Къуркьи гьечIеб Дагъистан.
Татар, гIараб, хазараз
Хадур цIарал аскараз,
Жанире лъугьарабго,
Лъим гьарараб Дагъистан.
Тарихиял рагъазда
Гъеж гурун гӀахьаллъанин,
Гьанже квартIаги нилъги
Кодоб босе, Дагъистан.
Нижер кинабго халкъалъ,
Херазги бахIаразги
Дуй гIоло рyx1 бичизе
РагӀи кьола, Дагъистан.
Тушманас дур рагъида
Ярагъ бухьинегӀан, ниж,
Бихьиналгун руччаби
Цадахъ хвела, Дагъистан.

1947

ЦIалдохъан

Воре, цIале,
ЦIале, цIале,
Дир цӀодор,
ЦӀияб ватIан
ТӀегьазабе,
Берзул нур.
БецIлъиялде
Данде рагъ бай,
Багьадур,
РакIги мацIги
БацIад цIуне
ЦӀалдохъан.
Эбел-инсул
ХIурмат гьабе,
Дир лачен,
Учительгун
Рекъон хIалтIе,
Дир хӀерен,
Тlахьаздехун
Хурхен гьабе,
Дир гьитIин,
Гьунар тӀокIав
Вокьулин дий
ЦIалдохъан.
ЦIикIкIаразул
Адаб цIуне,
Дадал тIинчI,
Дандиявгин
Недегь вукIа,
РекIел хIинчI,
РакIалдасан
Лъазе гьабе
Гьаб дир кечI,
Культурияб
Нух гӀуцIулев
ЦIалдохъан

1947

Херлъиялдехун

Дуца дир гьаб гьодалъе
Гьабулеб жогIаги щиб?
Гьакил авари гIадин,
КIичІван къулулеб бугин.
КъваригIараб жо бице
Дир гарбил щук дуздаса?
ТIад гьанги бакъвазабун,
КъватIир рехулел ругин.
Дуца дир махIабазда
ХIатIихьинищ бан бугеб?
ХІал-зулмуялъ гурони,
Гали боссе кIоларин.
КIалдиб жанибги лъугьун,
Лъида дур ццин бахъараб?
Лъеда лъурал жал гIадин,
ГIусал рагъарун ругин.
Дуца дир гIинда жаниб
БугIараб жогIаги щиб?
ГIадамал кIалъалелъул,
ГьакIкIан кIалгун хутIулин.
КIиябго бадиса квер
Кида дуца бахъулеб?
Канлъи бихьуларого,
Руз гIадин хутIун вугин.
Дуца xlетlе лъураб лъалкI
ЛъачIого хутIуларо,
ХаратIалъдай рахъула,
Лугби ругин тIеренлъун.
Хъачаб дур квер лъураб бак
Кидаго къосунаро,
Къосел ккараб чол гIадин,
Чорхол къуват буго хун.
РукIа-рахъин сурараб,
Сабаб-дарман тIагIараб,
ТIабиб гIажиз гьавураб
ГIузру букIун буго мун.
БачIун рещтIин гурони,
ТIадбуссине лъалареб,
ТIокIаб дир агьлуялде
Гьоболлъухъ ккогеги мун.
Аман, цо гIолохъанлъи
Нахъе буссунебани,
Дуца гьарулел ругел
Гьагал ишал рицине.
Пайда щиб анищазул,
Ихтияр духъе кканин,
Дуйго бокьухъе хIалте,
ХIамзат дудаса къунин.

1948

ЦIАДАСА ХIАМЗАТ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...