Аслияб гьумералде

ХIасан-апанди шайих

ХIасан-апанди шайих

Машидат Гъ айирбекова (1927 - 2015)

Нусил бащалъиялде
Нусго тIаде жубарал,
Сонал свери баркулев
КъахIиса ХIасан-устар. 
РекIел шавкъалъ гIащикълъун,
Дур вирд босун аразул,
Адабалъул бицунеб
Дир шигIру къабул гьабе.
Къадруяв дур баракат
Камиллъун накълулъараз,
Ирсалъе тараб хIасрат
РухIалъе кьезе йиччай!
Чорокаб квелъ чучараб
ЧамгIалаб доб заманалъ,
Зулму дургин гIахьалав
Инсул яс кIалъазе те.
Тарих зулмудул хъвараб
Заманалъ чIварав шагьид,
Щибаб хIарп рухIдаллъараб
Къасидат къабул гьабе.
Къокъаб рагIи абизе
Изну гьечIеб тамихIгун,
Туснахъазда гъурарал
Рехсезе дий рухса кье.
Дурго гIумру рухIияб
ГIелму гIуцIизе кьеялъ,
Алжанат насиблъарав,
Аман, дие шапагIат!

***

Шайихзабазул ватIан,
ТIарикъаталъул Макка,
ТIабгI исламияб ккураб
Шамил районалъул халкъ
КъутIбу ХIасан-апандил
Гьавураб къо баркулеб,
Баракат камиллъараб
Рохалилъ журан руго.
ЖамгIиябгун гIелмияб
ГIуру бекьарав халип,
ГIемераб халкъ бакIарун,
КIодо гьавулев вуго.
КIодолъи ТIадегIанас
ТIасан борчIунги кьурав,
ХIасан-хIилмил рухIалъе
ХIелизе руссун руго...
...ХIарамлъиялъ гъегъ бараб
ХIуригат бахъун хадуб,
Хараблъараб диналъул
ДагIват гьабулел руго.
Данд кьураби кьабидал,
Гьоркьоре ккарал гIадин,
ГIалимзаби гъурараб
Ургъел бикьулел руго.
Ургъизе мех течIого,
Туснахъаз гIуркъаразул
ГIакълияб рахъ рехсезе
Мажлисал рагьун руго.
Мажгиталда как банин
Ккун рачун ритIанщинал,
РакIалде щвезарулел
Байтал цIалулел руго.
Байтулманлъун къокъараб
Къоабилеб къарнуялъ,
Къаникье рачаразул
РухIал рехсолел руго.
РикIкIадаб Сибиралда
Къадаралде щваразе,
Зикру бачун, хIелизе
ХIалкъа гьабулел руго.
ХIасан-хIилмил ватIанлъун
Лъугьараб КъахIиб росулъ,
ТIолго Дагъистан цолъун,
ТIут лъураб мавлид буго.
ТIарикъаталъул устар,
Адабияталъул нур,
ХIасан КъахIибиясул
Къо кIодо гьабун руго...
... Кинида вущунеб къвал
Эбелалъ бухьиналде,
РавхIаниялги рачIун,
Исламалда вухьарав.
Исламияб диналъул
ТIолалгоги ахIкамал,
ТIасан малаикзабаз
ТIокIкIинабун малъарав.
Лъелаб хIеж борхун, нухав
Эмен хун бесдаллъидал,
Эбел - Загьидатица
Тарбия кьун хьихьарав.
Бахьи бугеб хасият
Ирсалъе тарав инсул,
РухI бохизе гьитIинго
ЦIалдезе гъира ккарав.
ЦIадуца бухIулареб
ХIикматаб гьунаралъул,
ГIасаса шайихасул
Вирд босун муридлъарав.
Машаихзабаздасан
Щвараб гIелму токIкIиндал,
ТIарикъат камилазул
Ижаза хIалаллъарав.
Аллагьасде гIагарлъи
ГIемерго цIикIкIун ккедал,
ГIамалгин ракI бацIцIадав
 Муршидлъун жив лъугьарав.
Жиндир вилаяталда,
Цинги Дагъистаналда,
Аза-азар муридас
Вирд босун устарлъарав...
...ГьитIинго эбелалъул
Адабалъе куцарав,
Кинавгоги чиясде
ХIалимлъи рекIелъ бугев.
Рокъоб къанагIаталъе
Къокъидго разилъарав,
Къавулъ камуралдеги
Шукру жиндир камилав.
Кинабго гIаламалъе
Ризкъи кьолев Аллагьас,
Рехун теларин абун,
Анищазда квелъ барав. 
Бергьун чIезе къасд ккечIев,
БатIияв вас вугилан,
КъехIдерил гIолохъабаз
Мисалалъе восарав.
Муъминасда рекъечIеб
ЧIухIи рекIелъ бугелал,
Бадибе рагIи абун,
Адабалде ахIарав.
Адабгун яхI-намусалъ
Мугъ рехарал васазе
ВагIза кутакаб гьабун,
Квербакъизе вортарав.
Квешлъи, тIекълъи, гьереси
ТIабгIлъун ккурал гIадамал
ГIадлуялде рачине,
PaгIyл «хвалчен» бахъарав.
БидгIачагIазул дагIба
КIалдиб бакъвазабизе,
КIалзул пасихIлъиялъул
Пагьму Аллагьас кьурав.
Аллагьасул диналда
Какарал рияъчагIи,
КантIизаризе гьунар
Бичас жиндие кьурав.
БатIулалъул чу рекIун,
Чорокалъул кьили лъун,
Хьвадизе бокьаразе
Балагьараб бер гIурав...
...Дур рухI боххизабизе
Хадуб битIулеб давлат,
Тавбуялъ тарих хъвараб
Mex щведал, гьарзалъана.
Маххул хьури хьухьарал,
Туснахъазда чурхъараб,
Чилъигун намусалъул
Hypaл тIиритIун ана.
ТIy-тIун ран мурадалгун
КъватIире ритIаразул,
ТIyрачIел анищазде
Диналъул бакъ баккана.
Бакъул гордо бахчизе
Буюрухъал кьуралги,
Паналъун арал къояз
Муридал гIемерлъана...
...Умумузул рацIцIалъи
Исламалъулъ цунарал,
ЦIакъ гIемерал муридал
Вирд боссе щварав устар.
Тарих хъван нахъе течIеб
Баркаталде хьулги лъун,
Духъе сапар бухьарал
ГIемер рукIана, шайих.
ГIакълуялъгун гIелмуялъ
ГIаламалда рагIидал,
Сибир къотIаразда гъорлъ
РукIана кIаратIисел.
Рукъизе хоб щвечIого,
Ххамил мусру бачIого,
Ракьалде аразда гъорлъ
РукIана дир кьолболал...
Дургин гIазаб гIахьалав
ИмгIал МухIамад-Расул,
Расулуллагьасул сси
ЦIунарав вукIана дир.
Дур вирд босараз свери
ГIатIилъараб КIаратIа,
ТIабгI дур ккурав вукIана
Эмен ГIалибег-хIажи.
ХIилми, дур халват-рокъоб
ЧIарбида накаби чIван,
Дин гьабизе рес щварав
ДахIадада - Гъайирбег.
Бекун гурга кваначIев
Рохол МухIамад-хIажи,
Жигар диналъе кьурав,
КьучIав Халитил ГIумар.
ГIумруялъ инсанасул
Бадиве валагьичIев,
Валиясул рухI лъурав
ХIафиз Азайнил-хIажи.
ХIеж борхизе Гъидалъа
Диналъул вацалгун ун,
Вуссиналде ккун арав
Муъмин Насрудин-дибир.
...ХIасан-хIилми, дур баркат
Камиллъун щварал хераз,
Рицарал мугIжизатал
ЦIунун руго кIаралаз...

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...