Аварагасул ﷺ тохтурлъиялъулаб отделение
Аварагасул ﷺ тохтурлъиялъулаб отделение

Лутов ГIалимурад, «Детокс» отделения- лъул заведующий:

- Отделениялъул аслияб хIалтIи ккола химия гъорлъ ругел дараби хIалтIизаричIого, хурдузул кумекалдалъун ургьимес бацIцIад гьаби, черх щула гьаби. Унтабазухъ балагьун щивасе хъвала хассал дараби. Бакьал унтаразе - бакьазе, ракI унтарасе - рекIее рекъараб, бидулъ чакар цIикIкIаразе - гьеб дагь гьабиялъе, рукьби унтаразе - рукьби сах гьарулеб, нервабазул унтаби ругезе - гьезие рекъараб. Хурдузул дарабигун цадахъ жеги батIи-батIиял гьекъолел жал хIалтIизарула тIул, бакьал ва би бацIцIад гьабиялъе.
Жакъа гьадинал отделениял руго Россиялъул цо-цо регионазда ва къватIисел улкабазда. Амма нижер дару гьаби гьезда релълъараб гьечIо. Дагъистаналда гьелъие кьучI лъурав чиги ккола муфти АхIмад-афанди. Гьесул бербалагьиялда гьоркь гьабула нижеца хIалтIи ва къваригIаралъуб муфтияс нижее квербакъула. Нижеца гьаниб гьабулеб дару-хер босараб буго аварагасул ﷺ суннаталдаса.
- Отделениялъул аслияб хIалтIи ккола химия гъорлъ ругел дараби хIалтIизаричIого, хурдузул кумекалдалъун ургьимес бацIцIад гьаби, черх щула гьаби. Унтабазухъ балагьун щивасе хъвала хассал дараби. Бакьал унтаразе - бакьазе, ракI унтарасе - рекIее рекъараб, бидулъ чакар цIикIкIаразе - гьеб дагь гьабиялъе, рукьби унтаразе - рукьби сах гьарулеб, нервабазул унтаби ругезе - гьезие рекъараб. Хурдузул дарабигун цадахъ жеги батIи-батIиял гьекъолел жал хIалтIизарула тIул, бакьал ва би бацIцIад гьабиялъе.
Жакъа гьадинал отделениял руго Россиялъул цо-цо регионазда ва къватIисел улкабазда. Амма нижер дару гьаби гьезда релълъараб гьечIо. Дагъистаналда гьелъие кьучI лъурав чиги ккола муфти АхIмад-афанди. Гьесул бербалагьиялда гьоркь гьабула нижеца хIалтIи ва къваригIаралъуб муфтияс нижее квербакъула. Нижеца гьаниб гьабулеб дару-хер босараб буго аварагасул ﷺ суннаталдаса.

Вегизе вачIунесухъ цадахъ рукIине ккола гьуърузул сурат (флюроография), бидул гIаммаб анализ, биохимия, РВ ВИЧ ва геппатиталъул анализал. Цинги тохтурас унтарасухъ хал-шал гьабула, гьесие детоксалъул курс гьабизе бегьулищали. Гьабизе бегьулеб бугони, нижеца гьев вегизавула ва хутIарал анализал гьанирго гьарула. Дару гьабун лъугIидал, больницаялдаса виччазегIан, нижеца росула цоги нухалда анализал ва балагьула рокъоб дару гьабизе кколищали.
ПалхIасил, гIемерисезул хIасил лъикIаб ккола. Чакар цIикIкIаразул гьеб рукIалиде бачIуна, давление бугезул - гIорхъоде ккола, цIайи бугел хIалакълъула. ГIемерисезул мурад букIуна кьаралъи тIаса инаби. 10 къоялда жаниб гIемерисезул 5-7 кг тIаса уна, рукIана 17 кг тIаса рехаралги.
Гьайгьай, сахал чагIазеги лъикIаб букIуна черх щулалъизабиялъул мурадалда детоксалъул курс гьабуни. Гьелдаго цадахъ бокьарав чиясе жеги тIаде гьабула массаж, рукIкIби чIвай (иглорефлексотерапия), хIижама, физиопроцедураби, гуренжал тIами, даруялъулаб физкультура, хIухьел цIаялъулаб гимнастика ва цогидабги.
Байбихьуда гьаб отделениялда 20 чиясе гурони вегизе бакI букIинчIо. Жакъа 70 койка буго. Бокьун буго жеги цIикIкIинабизеги. Гьединго бокьун буго унтаразе лъелъ гьарулел тадбирал тIуразе бассейн гьабизеги. КватIичIого хIарщудаса пайда босизеги байбихьизе буго. Къокъго абуни, санаториялда гьарулелщинал тадбирал гьанирги гьаризе хьул буго.
ГIабдуллагь АхIмадов, терапевт:

- Гьаб отделениялда хIалтIизе лъугьаралдаса лъагIелгIанасеб заман балеб буго дица. Гьаниб гьабулеб методикаги лъикIаб буго. Инсанасул чорхолъ гIемерал унтаби рукIуна. Амма гьаб методикаялда рекъон дараби гьарулел ругони, унтаби къезаризе бигьалъула. Черхалъеги тIадагьлъи бачIуна.
- ТIоцеве вачIунев чи киве витIулев?
- ТIоцеве вачIарав чиясухъ мухIканго халгьабула. Цинги, анализазулги балагьун, байбихьула гьезие данде кколеб къагIида хIалтIизабизе. Масала, чакрил унти бугел чагIи цIакъго ракъизаризе бегьуларо.
Гьаниса къватIиве анщинасул чорхол хIал лъикI лъугьанин абуни, мекъи ккеларо. Нижер мурадги гьеб буго.
- Сахги гьавун рокъове витIулесе щиб насихIат нужеца гьабулеб?
- Масала, бицуна инсулиновияб индекс щибжо кколебали. Бицуна кванил хIакъалъулъ, ай кида щиб кваназе лъикIаб бугебали. ПалхIасил, унтабазде данде къеркьезе малъула.
Нижер «Детокс» отделениялъе хIукуматалъул финансирование гьечIелъул, пациентазе гьабулеб хъулухъ, дару-сабабалъухъ босула мухь. Гьенир региялъул хIакъалъул хурхен гьабизе бегьула гьаб номералдалъун 7963 410 50 05
ХIабиб МухIаммадов, Аварагасул ﷺ тохтурлъиялъул специалист:

- Нижер отделениялда гьарулел киналго дараби руго Бичасул аварагасул ﷺ тохтурлъиялдаса ва гьесул хIадисаздаса росарал. Нижеца гIемер хIалтIизабулеб жо ккола «Мекканская сенна». Гьелъул буго 7-8 батIияб тайпа. Нижеца хIалтIизабула гIицIго мекканскияб. Гьеб буго хIакъикъаталдаги инсанасул ургьимес бацIцIад гьабулеб жо. Аварагасул тохтурлъиялда хъвалеб буго, гьелъ инсанасул чорхолъ бугеб заралияб жо кьолболъанго бацIцIад гьабулин абун. ГIадатияб тохтурлъиялъул вакилзабазда гьоркьоб гьеб машгьураб буго чехь лъама гьабулеб хер хIисабалда.
– Цоги щиб хIалтIизабулеб нужеца?
- Радал сагIат 10 тIубараб заманалда кьола гIечул къанцIагун жубараб гьоцIо. КъанцIа буго бищунго цIакъаб антисептик. ГьоцIоялъин абуни чорхолъа камурал витаминал кьола ва чехь лъама гьабиялдалъун щвараб загIиплъи тIадбуссинабула.
Гьелдаса хадуб кьола нижеца багIараб чIалкIутIан, ламадур, гIеч ва лимонгун зайтуналъул нах жубараб сок-фреш.
Дагьабги хадуб кьола талбина. Гьеб ккола пурчIинадул ханждаде рахьгун гьоцIоги жубан гьабулеб лъамалъи. Бичасул аварагасул ﷺ заманалда гьеб гьабулаан пашманлъарав, тIаде ургъел ккарав чиясе. Хасго гьеб букIунаан цониги чи хун къварилъиялда ругезе хIадурун.
Гьаб заманалда цIакъго гIемерлъун руго нервабазул унтаби. Инсан гьелъ кидаго рахIат хваравлъун, пашманавлъун гьавула. Гьеб цIакъ данде ккола нилъер заманалдаги ва кIудияб кумек буго гьелъул.
Жеги нижеца унтаразда малъула кванда хурхарал низамалги. Аслияб ахIиги ккола «ВакъичIого кванаге, гIорцIизегIанги кванаге. Къойида жаниб кIицIул кванан чIезе хIаракат бахъе. Къаси-къаси кванаге», - ян абураб.
Къаси заманалда унтаразе айран, бетарахь кьола. Гьаниб бараб 7-10 къоялда жаниб лъикIго мадар лъугьуна. Бидул тIадецуй бугезул гьеб рукIалиде бачIуна, чакар цIикIкIаразулги гьеб бахунаро, цIикIкIараб цIайи бугелги хIалакълъула. Гьаниса араб заманалдаги цIунизе ккола нижеца гьарурал малъа-хъваял.
АхIмад, ХIариколо росу, Хунзахъ район:

- Чанго сон букIана дир бохдулги ккун, накаби цIунун, вилълъанхъизе кIоларого. Гьаниб гьабула массаж, лъола токалда, АлхIамдулиллагь, лъалаго мадарги лъугьунеб буго. Чанго нухалда гьекъезе кьола хурдузул дарманал, гьезги ургьимесалъе батIияб хIал гьабулеб буго. МашаАллагь, тохтурзабиги руго цIакъал.

Любовь Антонченко:

Дун ккола Керчь шагьаралдаса. МахIачхъалаялъул №3 больницаялъул хIакъалъулъ лъана лъималаздасан ва радиоялдасан. Нижер лъимал Дагъистаналде рачIун рукIана мугIрузул улка бихьизе ва цогидаз бицунеб рагIун буго гьезда гьелъул хIакъалъулъ.
Гьаниб гьабулеб хъулухъалдасаги тохтурзабазул бугеб кIваралдасаги цIакъ разилъана. Дида ракIалдецин ккун букIинчIо гьадинал лъикIал гIадамал дандчIвалин абун. БатIи-батIиял больницабазде кканиги, гьаниб гIадинаб бербалагьи ва хъулухъ гьаби дида кибго дандчIвачIо.
Сахлъи щулалъана, анализал рукIалиде рачIана. Унтулел рукIарал лугбалги сахлъана. БатIи-батIиял санаториязда йикIана дун, амма гьаниб бугелъул батIалъи лъалеб буго. Гьаб больницаялъул хIакъалъулъ дица цогидаздаги бицина.
Тохтурзабиги руго кутакалда лъикIал, унтаразул тIалабалда рукIунел.
Дагъистаналде ячIиндал киего ине рес щвечIо. Амма хадусеб нухалъ ячIине йиго хас гьабун Дагъистан бихьизе.
АхIмад Къурбанов, Кванхидалъ росу, Болъихъ район:

- Больницаялъул хIакъалъулъ бицунеб рагIун букIана диналъул вацаз. Гьанир регун рукIараз гьеб беццидал ва мадарги кканин абидал, дирги ният ккана гьаниве вачIине.
- Сундуе гьабулеб бугеб дару?
- Пуланаб жоялъе абун гьечIо. Дир мурад букIана ургьимес бацIцIад гьаби. Гьанив вугелдаса микьабилеб къо буго, лъалаго мадарги лъугьана. Гьаниб гьабулелъулъ бищунго ракIчIараб жо буго кинабго аварагасул ﷺ тохтурлъиялда рекъон гьабулеб букIин.
Ургьимес бацIцIад гьабизе вегарасул гьарулел анализалги чIорого гьарула. Унтараздехунги буго ракIунтараб тIалаб-агъаз. Жанибго чIезабун буго щибаб как жамагIат гьабун базе санагIалъиги.
- Сахлъи цIуниялда хурхун щиб абилеб магIарулазда?
- ТIоцебесеб иргаялда, Аллагьас ﷻ нилъ гьареги гьаб казият цIалулеллъун. КIиабизе абила, сах рукIаго гьеб цIунизе тIалаб гьабеян. Гурони, хадуб захIматаб бакIалдеги ккун, гIемерал харжали гьаризе ккола.
Дидаго бихьулеб буго гьаниб кколеб бугеб хIасил. Лъалаго тIадагьлъана черх. Аллагьас ﷻ сахлъи кьеги щивасе.


ГIабдулатIип, 73 сон, Бакълъухъ росу, Шамил район:

- Дир гIумру ана гIи-боцIуда хадуб ва ралел бакIазда хIалтIулаго. Дир кверал лъикI хIалтIуларого руго, гьезие дару гьабизе вачIана гьаниве. Диеги гьабула массаж, иглотерапия, жаниса вацIалъизе гьекъезе кьола хурдузул дарманал.
Кваранаб квер квегIалъ кумек гьабун гурого борхизе яги батIияб хIалтIи гьабизе кIолареб хIалалда букIана. Дагьав цевегIанги вачIун щуго къоялъул курс гьабун букIана, лъугьараб хIасил бихьун гьале кIиабилеб нухалъги вачIун вуго. Гьанже квер щибго квалквал гьечIого жибго борхула, бокьаралъубе багъа-бачаризеги гьабула.
- Казият гьоркьобккун щиб абилеб нилъерго халкъалде?
- «Ас-салам» казият буго рукъалъул кIалтIе бачIун нилъехъе гIелму щвезабулеб нигIмат. Аллагьас ﷻ нилъ цIунаги рагъ-кьалалдаса, питна-балагьаздаса. Щивасе чиясе кьеги сахлъи, талихIаб гIумру.