Аслияб гьумералде

ГIодорчIеялъул зарал

ГIодорчIеялъул зарал

ГIодорчIеялъул зарал

Гьаб заманалъул бищун кIудиял захIмалъабаздасан ккола гIодор чIараб гIумру букIин. Жакъа дунялалда лъабил бутIа гIадамаз гIумру гьабулеб буго рагъа-рачари гьечIого. Гьебги буго техникагун технология цебетIеялъул хIасил. Квен гьабиялдаса бахъараб, рокъоб гьабулебщинаб хIалтIул гIемерисеб буго гIодорги чIун гьабулеблъун.

 

ГIемерисел гIадамал тIубараб къоялъ хIалтIула офисалда, рокъоре уна машинабазда рекIун, цинги хIалхьиги гьабула регун. Тукаде яги базаралде ине кколелги гьечIо, кинабго жо рокъобе щвезабулеб къагIида баккун букIиналъ.

ВОЗалъул баяназда рекъон, сахал гIадамазе чара гьечIого анкьида жаниб къваригIунеб буго 150 минуталъгIаги гIодобе биччараб хIалалда гьабулеб рагъа-рачари. Хехаб хIалалда бугони - 75 минут кколеб буго.

ЛъагIалида жаниб щуго миллионгIан чи холев вуго рагъа-рачари гьечIолъиялъул хIасилалда. Гьелъие хIужалъун бачунеб буго къаркъалаялда жаниб бугеб беэнлъи хIалтIизабулел ферментазул иш хIинцлъи. Гьединго ччорбазулъ бугеб глюкоза дагьлъи. Иммунияб система хIалтIизе ккани, чара гьечIел белкаби доре-гьанире раччулеб чIаголъи дагьлъула. Щибго гIакъуба бихьичIого ракI хIалтIулеб бугони, къаркъалаялде би бачIинги дагьлъула. Гьеб тартибалда цояб цогидалъ хвезабун, къаркъалаги нахъе ккезабула.

Тохтурзабазул баяназда рекъон, гьединаб гIумру букIиналъ загьирлъулел руго батIи-батIиял унтабиги.

– Кьаралъи.

– РакIалъул унтаби, хасго инфаркт ккезе буго кIудияб рес.

– Бидул тIадецуй цIикIкIин.

– Бидулъ холестериналъул къадар гIемерлъи.

– КIиабилеб тайпаялъул чакрил унти.

– Рак унтаби.

– Рукьбзул къвакIи загIиплъи.

– Депрессия, хIинкъул унти.

– Пагьму дагьлъи.

– Геморрой.

– Тромбоз.

– Ургьисалабазда ганчIал лъугьин.

– КIващумухъалъул унтаби.

– Кидагосеб свак, къаркъала кIвахIаллъи ва бакIлъи.

Гьел унтабаздаса рорчIизелъун лъикIаб бугин бихьизабулеб буго тохтурзабаз, рагъа-рачари цIикIкIинаби, гIодор чIараб бакIалдаса гьоркьо-гьоркьор тIаде рахъин, телефоналъ кIалъалел ругони, рахъун чIун кIалъай, лифталъул бакIалда болъодухъан хьвади, къадеквание гьабураб эркенлъи тира-сверун инаби, рилълъанхъи гIемер гьаби, векери, гьединго, велосипедалда рекIун тири, гьоркьо-гьоркьоб зарядка гьаби.

Гьаб унти цебе заманалда букIараб жо гуро. Цере гIадамал магIишат гьабизелъун гIемер хьвадизе, хIалтIизе, черхалда гIакъуба бихьизабизе кколаан. Гьединлъидал гьадинал унтаби ругелги дагь рукIана.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...