Аслияб гьумералде

Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе некIогоялдаса нахъе къимат кьолеб букIана ракъи кколеб квен хIисабалда. Бусурбабазе гьеб кIвар бугеблъун ккола Аллагьасул Расулас ﷺ рехсон букIиналъ.

 

СагIид ибн Зайдица бицун буго Аварагас ﷺ абунин: «Камъат (трюфель) маннаялдасан ккола, гьелъул лъим бералъе даруги буго», - ян. (Бухари, Муслим)

ГIалимзабаз «камъат - маннаялдасан» абураб рагIабазул баян гьабуна, гьеб гIурдахIан Аллагьасул нигIматазул цояб бугин, гIадатияб хIалалда бекьун яги инсанасул квербагъари гьечIого жиб бижулеб. Гьеб гIола гьава-бакъ рекъараб ракьулъ.

 

Камъаталъул пайда

Камъаталъулъ руго руго белкаби, аминокислотаби, кванил клетчатка, минералал ва батIи-батIиял пайдаял гIуцIаби.

Хасго цIех-рехчагIаз кIвар кьуна гьелда гъорлъ ругел фенолалъул ва флавоноидазул цолъабазде. Гьезулъ руго антиоксидантазул хаслъаби ва гьез кумек гьабула черхалъул клеткаби эркенал радикалазул заралалдаса цIунизе.

Авлахъалъул трюфелазул батIи-батIиял тайпабазул цIех-рехаздасанги бихьула гьезул цо-цоязулъ микробазде ва унтиялде данде хIаракатчилъи букIин. Амма гьел хаслъабазул гIемерисел жеги цIех-рех гьабулел руго, гьединлъидал камъаялъул батIи-батIиял унтаби жидецаго сах гьаризе бугеб бажариялда хурхинабизе лъикIаб гьечIо.

Камъаталъул къимат гьабула гьелъул кванил нигIматазул рахъалъги. Гьелъулъ нах дагьаб бугониги, гьелъулъ букIуна белок ва цо чанго чорхое хIажатаб нигIмат. Минералазул ва цогидал компонентазул хасаб къадар батIи-батIияб букIине бегьула гIурдахIаналъул тайпа халгьабун ва гьеб гIезабулеб ракьалде балагьун.

 

Беразе пайда

Амма камъаталъул бищунго гIажаиблъизабулеб хаслъи ккола беразда хурхараб. АнцIила ункъо гIасруялдасаги цIикIкIун заманалъ цебе Аллагьасул Аварагас ﷺ абуна: «Гьелъул лъим – беразе дару», - ян.

КIвар бугеб жо ккола гьеб баян битIун бичIчIи. Камъаталъул гIуцIиялъул ва хаслъабазул цIех-рехал унел руго, гьелъул лъим яги экстрактал беразул унтабазе хIалтIизаризе хIалбихьизе бегьуларо тохтурзабазул халгьаби гьечIого. Бер ккола цIакъ загIипаб лага, гьединлъидал битIахъего хIалтIизабизе риччалел бокьарал жал рукIине ккола хIинкъи гьечIел, стерильниял, тохтурзабазул хал-шалалда гъоркь хIалтIизарулел. Гьелъул магIнаги кколаро Аварагасул ﷺ рагIабазда нилъер щаклъи бугин абураб, тIадеги, Аварагас ﷺ абуралда нилъ якъинго божула, амма дару битIун хIалтIизабизе ккани, лъайги хIалбихьиги къваригIуна.

 

Камил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...