Аслияб гьумералде

Баркала, тохтурзабазе

Баркала, тохтурзабазе

Инсан борхалъуде вачуна тавакалалъги, захIмат бокьиялъги. Дун хIикмалъула, кIвахI тун, бажариялдалъун ва гIакълу-гьунаралдалъун гIумруялъул борхалъудеги рахун, гIадамазе кIудияб махщалидалъун кумек гьабизе кIолел гIадамазда.

 

Руго гIадамал, бакъ гIадин гвангъизеги гвангъун, цогидазе хинлъиги канлъиги кьолел ва гьезул ишаз рекIелъ нур базабула. Гьединаллъун дица рикIкIуна МахIачхъала шагьаралъул №3 больницаялда хIалтIулел тохтурзаби.

Бокьун буго ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе хирургияб отделениялъул заведующий МухIаммадов Сапарчае, тохтур Шарипова СалихIатие ва тIубараб коллективалъе.

Сахаватал, бацIцIадаб, рагьараб ракIалъул, ритIухълъи цIунарал, лъикIлъи гъорлъ бессараб гIамалалъул тохтурзаби ратана дида гьел. РакIчIун абизе бегьула, бищунго кIудияб шапакъаталъе мустахIикъал чагIи ругин гьеб больницаялда хIалтIулел тохтурзабийилан абун.

Аллагьас кидаго рохалида, халатаб гIумруги кьун хутIаги гьел тохтурзаби.

 

Анисат ГIабдурашидова, Кокрек росу.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...